КIиго шагьидасул эмен ХаcмухIамадида аскIоб тIамураб бащдаб сагIат Дагъистаналъул муфтий, рахIимугьуллагь СайидмухIаммад-хIажи Абубакаровасул биография гьаниб такрар гьабиялъул магIна бихьуларо. СайидмухIаммадил гIумруги, ишалги, гьесул хIаракатги киналго миллатцоязда, дагъистаниязда республика бахун къватIибехун бихьана, лъана ва гьелъ хIайран гьавичIев чиги хутIун ватиларо нилъеда гьоркьов. Республикаялъул муфтилъун вищун араб кIиго соналда жаниб кIинусго соналъулгIанасеб тарих нахъе тана гьев къанагIатаб...
