Намусалъул сивуний сси бугей магIарулай МугIрул чIужугIадан! Дур бицун свакалей гьечIо дун. Цо-цо мехалда дур берцинлъи рагьизе рагIабигицин ратуларого йикIуна. ГIагарал мугIрузул тIогьазда дуцаго дуего бараб намусалъул сивуний гIодойги чIун, хIайранго ялагьун йиго мун дуниялалъухъ. Роол иххаз чурхъаниги, хасалил бураназ квегъаниги, къуркьичIо мун къисматалъе. Гьез дагьабги къуват кьуна дуе. КочIолъги ахIараб дур берцинлъиялъул,...

