Новость на родном

ГIагараб ЧIарада, чIагоял чагIи жеги дагьлъун гьечIо Дагъистаналда (Расул ХIамзатов)

       Баракат бугев чиясул баракат ралъдалъ бугеб ччугIиеги щолин йикIунаан дир дахIабаба. Гьедин, Рулдаса Ибрагьимил МухIамадил баракаталдалъун щвана некIого бихьизе анищлъун букIараб гьесул умумузул росулъего гIадин, ЦIулдагун Багинуреги. ЦIулда     Щаяли лъаларо, амма дун чара гьечIого щвезе кколин кIудияв имамасул секретарь МухIамадтIагьирил росулъеян абураб пикру букIунаан кидаго. БитIараб бицани, дида ккун букIинчIо гIалимчиясул...

Новость на родном

Къарахъгун Кьесерухъ лъалхъараб заман

     Араб анкьалда «ХIакъикъат» газеталъул хIалтIухъабаз сапар бухьана хIасратго ахIулеб кечI-бакъаналъул ватIан, махщел тIокIал къадахъабиги бергьараб гьунаралъул гIалимзабиги жаниб рахъараб ЧIарада районалде.     Салам кьуна къаралазул некIсиял росабазе, асир гьаруна кьесер мухъалда ругел умумузул басриял минабаз. Цебе чIезабуна гьезул захIматаб яшав, хIайран гьаруна берцинаб тIабигIаталъ. Зиярат гьабуна бергьарал гIалимзабазул ва тIарикъаталъул машгьурал шайихзабазул зияратазде....

Новость на родном

Вакцина гьабизе ккела

        Коронавирусалъ унтарал чагIи гIемерлъулел рукIиналда бан, республикаялда киназего вакцина гьабизе ккеялъул бицана ДРялъул бетIерав санитарияв тохтур Николай Павловас.      Ахираб заманалда цIакъго гIемерлъун руго унтарал. Масала, цебе моцIида жаниб 797 чи унтулев вукIун ватани, гьанже гьеб къадар 1380 чиясде бахун буго.       Прививка гьабизе тIадаблъун гьабун буго сахлъи цIуниялъул, лъай кьеялъул идарабазул хIалтIухъабазда,...

Новость на родном

ХIИКМАТАБ УНКЪО КЛЕТКА

       Араб анкьалда редакциялде гьоболлъухъ вачIун вукIана Шамил районалъул ГIасаб росулъа халкъияб тохтурлъиялъул устар МухIамадРасул Якъубов. Журналистазул суалазе жавабал кьолаго, гьес бицана батIи-батIиял унтабазе дараби гьариялъулги черх лъадариялъулги хIакъалъулъ.     — Масала, гьес абуна хурдул рукIунин цоцалъ рекъолелги рекъоларелги. Онкологиялдаса сах гьаризе хIалтIизарулин чистотел, белена, болиголов. Цоцазулгун данде кколарел хурдул цадахъ хIалтIизаруни, чорхол сахлъиялъе...

Новость на родном

ГIИДАЛЪУЛ КЪОЯЛДЕ САЙГЪАТ

     Россиялъул предприниматель ва политик, сенатор Сулейман Керимовас «Инсан» гурхIел-рахIмуялъул фондалде кьуна 5000 бетIер гIиял. Къурбан-гIидалъул хIурматалда хъураб гIиял гьан бикьана республикаялъул ресукъал гIадамазе.     «Исана Керимов гIахьаллъана «Инсан» фондалъ щибаб соналъ республикаялда тIобитIулеб «Щибаб рокъобе гьан» абураб акциялда. «Бурхан» абураб фондгун цадахъ нижеца гьан бикьула республикаялъул ресукъал гIадамазда гьоркьоб. Керимовас гьоркьоса къотIичIого гьабулеб...

Новость на родном

ЩУГО СОНАЛДА ЖАНИБ – 180 «МАГНАТ»

           Гьал къоязда Каспийскиялда рагьана «Магнит у дома» ва «Магнит косметик» абурал дармил тукаби.      Республикаялда тIоцебе рагьулеб «Магнит» ПАОялъул тадбиралда гIахьаллъана РФялъул промышленносталъул ва дармил министр Денис Мантуров, ДРялъул бетIерасул ишал тIуразарулев Сергей Меликов, ДРялъул хIукуматалъул председатель ГIабдулпатIахI ГIамирханов, «Магнит» ПАОялъул бетIерав директор Ян Дюннинг ва цогидалги.      «Республикаялда гIадамаз цIикIкIун...

Новость на родном

ДАНИЯЛОВ «ВАХЪИЗЕГИ» РЕС БУГО

        МахIачхъалаялъул мэриялъ лъазабуна ралъдал рагIалда, Родопалъул бульваралда, гIадамал тира-сверизе санагIалъи букIинелъун гьениса ГIабдурахIман Данияловасул памятник нахъе босизе бугилан. Гьеб лъезе кIиго батIияб бакIги бихьизабулеб буго: Данияловасул цIаралда бугеб къватIалъул байбихьуда, ай Коминтерна абулеб майданалда, маххул нухлул вокзалалда гIагарлъухъ яги шагьаралъул тIоцебесеб школалда аскIоб.      Шагьаралъул гIадамаз гьелда тIасан пикраби загьир гьаризе бегьула интернеталдасан....

Новость на родном

Меликов магIарухъе щвана

      21 июлалда ДРялъул нухмалъулесул ишал тIуралев Сергей Меликовас сапар гьабуна Шамил ва ЛъаратIа районазде. Шамил районалда гьев щвана чIварал вацал ХIасанхIусеновазул эбел-эмен МуртазагIалихъе ва ПатIиматихъе.     Гьезул васал Набиги ХIасанхIусенги чIвана щуго соналъ цере, 2016 соналъул 23 августалда. Жидеего бетIербахъи гьабун, жамагIаталъул боцIи хьихьун, магIарда рукIарал гьел аскарияз чIвана, изну гьечIого яргъид гIуцIаразул...

Новость на родном

Инсанияталъего дарс

        Бищун тIагIат-гIибадаталъул рахъалъ камилав, бищун Аллагь разилъулев, бищун кири цIикIкIун щолев бусурманчи ккола, кинаб амру, щиб жо ТIадегIанав Аллагьасулги Гьесул Аварагасулги рахъ- алдасан бачIун батаниги, калам тун гьеб тIубазабулев чи. Гьел ам- рабазулги шаргIиял ахIкамазул магIнаги хIикматги бокьанагIан цIехезе ресги буго бусурманчиясе. МагIнаги хIикматги гьечIеб жо ТIадегIанав Аллагьас нилъеда тIадги къаларелъул, цо-цо...

Новость на родном

Хунзахъа Америкаялда вугев гIалимчи

      Дагъистаналдаса рахъана дунялалдаго цIар рагIарал гIезегIан бахIарзал, космонавтал, конструкторал, гIалимзаби, художникал, спортсменал, тохтурзаби… Гьез бихьулеб лъалкIги тана дунялалдаго гIумру ва гIелму-лъай цебетIезабиялъулъ. СССРалъул ва Россиялъул халкъияб магIишаталъул кинаб бутIа босун балагьаниги, нилъер халкъазул вакилзабаз бихьизабуна чIчIел босизе ругел ресалги гьел гIумруялде рахъинаризе бугеб гъираги.     Дагъистанги гьелъул культураги лъазабизе жидеца саламатаб бутIа лъуразда...