ХIурматиял магIарулал!
РакI-ракIалъ баркула нужеда республикаялъул халкъал цолъиялъул къо. Гьаб байрамалъ щулалъизабула халкъазда гьоркьоб гьуинлъи ва цолъи.
Дагъистаниял, щиб заман бачIаниги, кидаго цадахъ рукIана Россиялъул цогидал халкъалгун ва кIудияб бутIа лъуна пачалихъ социалиябгун экономикияб, рухIиябгун маданияб рахъалъ цебетIезабиялъулъ ва гьеб щулалъизабиялъулъ. Рагъдаги ракълилаб заманалдаги къотIизе течIо нилъер халкъаз цоцазе гьабулеб кумек ва гIагараб ВатIаналде бугеб рокьи. Нилъер миллатазул хаслъи — гьеб ккола нилъер чIухIи, ва гьелъ квербакъула Дагъистан цебетIеялъе.
Дагъистаналъул халкъаз, ВатIаналде къо ккедал, бихьизабуна бахIарчилъиялъул, гъункиялъул ва цолъиялъул мисал. Нилъер умумуз тарих цIунана ясбер гIадин ва ракIчIола хадубккун гьезул мисалияб нухдасан ине нилъерги таваккал гIеялда. Гьеб цIунизеги, ракIалде щвезабизеги, гьелъул бицинеги кидаго тIадаб бугониги, гьаб байрамкъоялъ цоги нухалда ракIалде щвезабула ва гIун бачIунеб гIел ахIула гьелъие ритIухъаллъун рукIине.
РакI-ракIалъулаб баркиялда цадахъ гьарула нилъее киназего, ай Дагъистаналъул тIолалго халкъазе, ракълилаб ва талихIаб гIумру.
РЕДАКЦИЯ