Дагьал церегIан къоязда республикаялъул медицинаялъул гIуцIабазе, хIажатабщинаб къайиялдалъун хьезабураб хехаб кумекалъул 33 автомашина кьуна. МахIачхъалаялъул, Каспийскиялъул ва республикаялъул цогидалги шагьаралгун районазул медицинаялъул гIуцIаби хIажатал автомашинабаздалъун хьезарулеб тадбиралда гIахьаллъана ДРялъул хIукуматалъул председатель ГIабдулпатахI ГIамирханов, гьесул заместитель Мурад Казиев, ДРялъул сахлъи цIуниялъул министр Татьяна Беляева. «Жакъа тохтурзабазе кумекалъе щвана хIажатабщинаб медицинаялъул тIагIелалдалъун ва...

