Бащдаб дунялги квегъун, Дагъистаналде вачIарав Ираналъул шагь Надирил мугъ бекана магIарухъ – ХицIиб магъилъ. Цо-цо тарихчагIаз абула гьесул аслияб мурад букIанин Аваристаналъул тахшагьар Хунзахъ кверде боси. Гьелдаса хадуб Россиялдехун инеги ракIалда букIанила шагьасда. Амма магIаруллъиялъго ахIиги бан данделъарал бояз кIудиял камиялги ккезарун, рогьояб куцалда мугIруздаса тIуризавуна шагь.
Ибрагьим-хIажиясул фатва
сабаблъун
Гьеб мехалда миллатцоязде ахIи бана Гьидалъа гIалимчи Ибрагьим- хIажияс. Хас гьабун Ибрагьим- хIажияс щай гьединаб хитIаб гьабурабин ракIалде ккезеги бегьула.
Дагьалъ цебе гьесул хIакъалъулъ тIехь къватIибе биччана тарихчагIи МухIамад ШехмухIамадовасги ШагIбан ХIапизовасги.
МухIамад ШехмухIамадовасул рагIабазда рекъон, доб заманалда Гьидалъ вукIана халкъалда гьоркьоб рагIи билълъарав Ибрагьим- хIажияв. ГIолохъанго вукIаниги, кутакалда политикаги бичIчIулеб букIун буго гьесда. Жиндирго эмен, гIалимчи МухIамад-хIажицаго байбихьараб хIалтIи цебехун бачунеб букIун буго Ибрагьим-хIажияс. Масала, Крымалъул султанасулгун ва гIусманиязул халифаталъул вакилзабазулгунцин бухьенал рукIун руго гьезул. Гьезда цере цIаларал мутагIилзаби хадурккун кIудиял гIалимзабилъунги рахъун руго.
«Амма кигIан лъай бугониги, фатва кьуниги, гьев чиясухъ халкъ гIенеккулеб гьечIони, фатваялъ кинабгIаги асар гьабуларо. Ибрагьим- хIажиясухъ абуни гIенеккулаан, гьесул къадру букIиналъ.
Надир-шагь Гъазигъумекиве лъугьиндал, Сурхай-ханги тIурун ун жалго хутIарал гьесул васал МуртазагIалицаги МухIамадханицаги кумек гьарун гьидерихъе хъвараб кагъат буго. Гьедин кьураб фатва ккола Ибрагьим-хIажияс гъоб – халкъ рагъде бахъаян. Гьесда бичIчIулеб букIана иш квешаб рахъалде инехъин букIин. Цо-цо бакIазул нухмалъулел парахат чIолел рукIун руго рагъдеги рахъинчIого, Надир-шагьги бусурманчи кколелъулилан. Гьес кагъталги хъван рукIиндалха киса-кирего: живги бусурманчи вугин, рачIайин киналго цолъизе. Амма гьев шигIияв кколаан, кканиги гьедигIан диналъул ургъелги букIун гьечIо гьесие», — ян бицана МухIамад ШехмухIамадовас.
ГIаймакиса Абубакарихъ гIенеккаралани…
ХицIиб магъилъе рагъ щвелалде магIарулаз ГIаймакиб къварилъухъги гIасияб кьаби щвезабуна Надир-шагьасул аскаразда. Бодул цевехъанлъун вукIун вуго шагьасул дурц Люфт ГIали-Хан. Интернеталдасан кьурал баяназда хъвалеб буго гьенив шагьасул 50 азарго аскарияв вукIанилан. Амма ГIаймаки школалъул тарихалъул учительница Загьрат Исрапиловалъул рагIабазда рекъон, гьениб гьечIо гьебгощинаб аскарги жеги гьезда данде рагъулел рукIаралги чIезегIанасеб бакI. Гьезул умумуз бицухъе, шагьасул 20 азарго аскарияв вукIун вуго.
«1741 соналъул август моцIалъ лъабго сордо-къоялъ букIун буго гьеб рагъ. Цо-цо тарихчагIаз хъвалеб буго гьеб гIаймакдеридаги хьергебдеридаги гьоркьоб бугеб къварилъухъ букIанин. Амма цохIо сухъмахъ гурони, гьединаб гIатIилъи букIинчIо доба. Гьанжени ХIамзат ХIамзатовас («Дагэнерго») шагьранухги бахъун буго гьениса. Гьединлъидал, нижер хIисабалда рекъон, рагъ букIун батула Жужуки магъилъ, гIатIидал байдаби руго гьенир.
Гьеб рагъ байбихьилалдего ГIаймакиса Абубакарил бетIерлъиялда гъоркь магIарулаз Надир-шагьасухъе кIудияб вакиллъи битIун букIун буго, аскарги бачун, магIарул ракьалде вачIунгеян лъазабизе. Амма шагьас гIиндего босун гьечIо гьеб хабар», — илан бицана Загьрат Исрапиловалъ.
Гьелъул рагIабазда рекъон, гьеб рагъулъ гIаймакдерие хIалае рахъун руго сверухъ росабалъа гIадамалги.
ЧIвачIого хутIарал шагьасул аскариял хIалица лъутун рорчIун руго гьениса, гьезул цогидаб къокъа абуни асир гьабун буго.
«Дунялго квегъи
гьадингояб жо буго дие»
Локкарт абурав авторас 1938 соналда Лондоналда къватIибе биччараб тIехьалда хъван буго Надир-шагьасул киналго рагъазул хIакъалъулъ (редакциялде гьеб босун бачIана Сугъралъа Маркъулазул МухIамадица). 2004 соналда гьеб гIурус мацIалде буссинабун буго Бакуялда.
Локкартил рагIабазда рекъон, афгъаналъулазул зулмуялдаса жиндирго улкаги тархъан гьабун, персазул ракьал нахъе кьезе гIурусалги тIамун, Индияги хъамал гьабун, Туркестанги мукIур гьабун, жиндир флоталъул кверщаликье Персиялъул заливги щвараб, жеги батIи-батIиял халкъалги мутIигI гьарун, бицун хIалкIолареб ссиялда Надир вугеб заман букIуна.
Гьебмехалда Тегераналда шагьас къабул гьавула гIурусазул резидент Калушкин. Гьесда ракIалда бугеб жо лъазабеян Санкт-Петербургалдасан кьураб тIадкъай букIуна резидентасе. Гьес Санкт-Петербургалде хабар битIула шагьасул кутакалда жиндаго ракIчIун бугин, гьесулгун къотIи- къаял гьаризе захIмалъизе бугилан. Шагь гьесда цеве веццарулев вукIуна цо хIатIидаги чIун кIолин жинда Индия кодобе босизе, гьеб мехалда кIиго хIатIидаги вахъун чIун хIалбихьани, дунялго квегъи жиндие щиб жойилан.
Тегераналдаса Газвиналде (Ираналъул Казвин шагьар – ред.) уна Надир. Цо заманалда лезгиял Картлиялде тIаде кIанцIанин гьесухъе хабарги босун вачIуна гуржиязул бетIер. Локкартил тIехьалда лезгиялин хъварал чагIи гуржиязде чабхъенал гьарурал магIарулал рукIинеги рес буго. Гьезда ццим бахъун лъугьуна шагь. Гьединлъидал тIаде кIанцIи гьабураб бакI цIунизе афгъаналъулал ритIула гьес.
Гьеб мехалда тIадеялдаса тIаде сахлъиги загIиплъулеб букIуна шагьасул, щайин абуни жиндирго тохтур гьес хIежалде виччан вукIуна. Гьединлъидал дару-сабаблъе къагIида кколаро.
Газвиналда 15 къоги бан, Надир ЧIарлъул ва Талаялъул лезгиязе (ЦIоралъул магIарулал рукIине ккола гьел – ред.) тамихI гьабизе Дагъистаналде къокъуна. Гьениб кIудияб рагъулъ гъурула бакIалъул гIадамазул гIезегIан чи, хутIарал кверде росула. Цинги шагь Гъазигъумекиве щола.
Гьенисан вагъарула Авариялъул гIорхъаби лъазаризе. Амма гьеб букIуна квачараб мех. Гьединлъидалищ яги магIарулаз кутакалда дандечIей гьабизехъин букIиналъул хабар лъанищали, шагь уна бакъбаккул рахъалде, Каспи ралъдал рагIалдехун. Авариялде сапар гьелдаса моцIалъ цебе байбихьун букIарабани, гьесухъа бажарилаан согIал мугIруздасан нуцалзабазул ватIан Хунзахъе нух бахъизе, гьелдалъун Дагъистаналъул кIулалги шагьасул кодор рукIинаан.
Гьединго тохлъукьего Россиялде тIадекIанцIи гьабурабани, гьесда кIвелаан Гъизлярги Астраханги бахъизе, щай абуни гьелъул аслиял аскарал Швециялъулгун гIорхъи щула гьабизе ритIун рукIана. Амма хадубккун Россиялъе баянлъана тIаде кIанцIизе шагьасда ракIалда ругел хьулал.
ПалхIасил, Каспи ралъдал рахъалдехун гIагарлъулаго, шагьасухъе хабар щола бакIалъул гIадамаз жиндир аскаралъул цо бутIаги гъурун бугин, руччабиги хъамун ругилан. Гьеб мехалда ццим гьалаглъарав шагьас рагIи кьола гьезул ахирисев чиясе тамихI гьабичIого жив Дагъистаналдаса нахъе унарилан. Амма гьелъул хIасил кколаро.
КкечIониги, Дербенталда гIагарлъухъ чадиралги чIван чIола шагьасул армия. Заманалдасан гьезие захIмалъула мугIрул-щобалъанги рохьалъанги тIубараб аскаралъе гIураб квен-тIех баччизе. Гьединлъидал хIукму ккола гьеб гумузда лъун ралъдадасан баччизе. Амма Каспи ралъдалъ жиндирго гуми рукIунаро шагьасул, Персиялъул заливалда флот букIаниги.
Шагьас кумек тIалаб гьабула гIурусаздасан. Цо-цо гуми гьесие гьарула хиянатлъиялде арал гIурусаз. Цогидал гуми шагьас ижараялъе кьеян гьарула Россиялъул резидент Калушкинида. Надирица гьесие кьола парччадул халгIатги азарго гъурущги. Амма Калушкиница хIукуматалда лъазабула нагагьлъун гьел гуми шагьасухъе кьуни, гьес гьел киданиги тIад руссинаризе гьечIин, щайин абуни шагьасда ракIалда бугила Каспиялда жиндирго флот лъезе. Гьебги хIисабалде босун, Россиялъул хIукуматалъ инкар гьабула шагьасухъе гуми кьезе.
Гьелдаса хадуб Турциялъулгун персазул рекъел ккедал, шагьасда ракIалда букIанила Келаталде ун, гьенив парахалъизе. Гьениве къватIиве вахъиналде гьес Эндиреялдеги Костекалдеги чагIи ритIун руго квен-тIехги чуялги росизе. Амма лъарагIаз цIакъго багьабиги рорхизарун, Надирил ццим бахъинабун буго.
Хадуб Локкартил тIехьалда бицунеб буго тIокIалъ чIечIого Надир-шагьасул аскаралде, хасго кванил нигIматал раччун унел чагIазде, тIаде кIанцIиял гьарулаанила Табасараналъул ракьалда, Губденалда гIагарлъухъ. ТIадежоялъе, багIарараб риидал лъел рахъалъги къварилъи кколеб букIун буго. КватIичIого вабаъ унтиги тIибитIун буго. Гьединлъидал шагьас аскар цогидаб бакIалде гочинабун буго.
Дагь-дагьккун гьезул иш битIа- бишун ине байбихьун, Табасараналда тIад кверщел гьабизе лъугьун буго. Россиялъ жиндирго аскарал Гъизляралде аскIоре ритIун рукIинги лъан, Надирил хIукму ккола, лъарагIалги жалго тун, магIарухъе сапар бухьине.
Гьелде щвезегIан резидент Калушкиница чанцIулго бичIчIизабун букIуна шагьасда Дагъистаналде рагъгун ин гIададисеб жо бугилан. Амма шагьас гIин тIамуларо.
Гьедин магIарухъ гьезде балагь рещтIинабунин хъвалеб буго Локкартица. 6000 чи вугеб шагьасул къокъа нахъе къанила, магIарулаз жидер гIезегIан чи гъурун хадуб. Гьелда ццим бахъарав Надирица буюрухъ кьун буго чанго офицер чIвазе.
Шагьас Авария тола октябрь моцIалъ.
Хасел тIамизе лъарагIлъиялда чIола гьев. Гьениб ккола кутакалда вахIшияб лъугьа-бахъин. Дагъистаналде вачIиналдего, Ираналда рохьосан унаго, лъицаяли речIчIун бачIараб жоялъ килищ лъукъула Надир-шагьасул. Гьелдаса нахъе ургъула гьев гьелда тIад. Ахирги жиндирго васасда щаклъула. Амма вас мукIурлъуларо кигIан инсуца гIакъуба кьуниги. МукIурлъичIониги, шагь божула чияр мацIазда. Гьединлъидал буюрухъ кьола васасе тамихI гьабизе – гьев бецц гьавизе. Бицуна гьелдаса хадуб лъабго къоялъ чадиралъуса къватIиве ваккичIила шагь. Цинги гьес васасда бичIчIизабулеб букIуна жинца гьедин гьабиялъе гIилла. Амма васас гьесие жаваб кьола жив гурин дуца бецц гьавураб, тIолабго Персия гьабунилан.
Хадуб якъинлъула вас гIайибияв вукIинчIолъи.
Гьелдаса хадубги гIодове виччаларо Надир-шагь. 1742 соналъул ноябралда цIороца бацараб Терекалда тIасан Гъизляралде уна гьев кидаялиго Персиялда гъорлъ рукIарал ракьал нахъе тIалаб гьаризе. Амма гьеб мехалда Россиялъ щула гьарун рукIуна севералдехун ругел гIорхъаби.
Зульфия ХIАЖИЕВА