Пириги речIчIун, 26 июналда цIа ккана Гьонода росдада нахъа бугеб накIкIирохьоб. ЦIа свинабулеб хъулухъалъул хIалтIухъаби рачIун ва росдал гIадамал гIахьаллъун кигIан жигар бахъаниги, гьеб свинабизе бажаричIо. ГIицIго 7-8 июлалда чвахунцIадал ран хадуб гIодоцана гьеб. 4 июлалда гьенире рачIун рукIана Гъуниб районалда бугеб, рохьилгун цIа свинабулеб хъулухъалъул хIалтIухъаби. Амма кьуру бугеб санагIат гьечIеб...

