Чанахъабиги ччугIихъабиги ццидахун руго

 

    Нилъер республикаялда буго чанахъабазулгун ччугIихъабазул жамгIияб цолъи. Гьеб цолъиялде гьоркьоре унезда ракIалда буго МахIачхъалаялъул аслияб майда­налде рахъине. Гьелъие бугеб гIиллаги ккола чан гьабизе ва ччугIа кквезе гьезул къай­имлъиялда рукIарал ракьал республикаялъул ТIабигIиял сурсатазул ва экологиялъул министерствоялъухъе кьей.

    ГIаммаб куцалда гьединал ракьазул 716 гектар буго ре­спубликаялда. Гьениб буго ча­нахъаби хьвадулеб 29 батIияб ракь, къокъго абуни, чан гьаби­зе ва ччугIа кквезе гьел хьваду­леб бакI. 1945 соналдаса нахъе гьезул ихтияралда рукIун руго гьел ракьалги. Исана 1 сентя­бралда лъугIун буго ижараялъе гьел хIалтIизаризе чIезабун букIараб болжал.

     Жидее бокьун букIанин гьеб болжал халатбахъинабизе, лъабго моцIалъ цебе докумен­талги хIадурун рукIанин бица­на чанахъабазгун ччугIихъабаз. Амма инкар гьабун буго. Гьел­да ракI рекъечIого судалде­ги ун руго гьел. Гьанже гьез къотIараб хIукмуялда бараб букIинаха кинабго.

    Рехсараб министерствоялда ракIалда батулин гьел ракьал хасал чагIазул бетIергьанлъиялде кьезеян рикIкIунеб буго чанахъабазул жамгIияталъул цевехъан Алек­сандр Гаркушаца. Амма жал разилъун гьабулеб хIукму гьеб букIинарин абун ццим бахъун­ги вуго чанахъан.

     Гьезул данделъиялде вачIун вукIана низам цIунулел хIалтIухъабазул вакилги. Жив ну­жер пикруялда рази вугин, амма дандечIеялда хурхун ну­жеца гьаризе ругел тадбирал законалда рекъезаризе кколин абуна гьес.

    Республикаялъул чанахъа­базулгун ччугIихъабазул жамгIияталъул нухмалъулев Завурбек Вагидовас бицана, цадахъ рекъон хIалтIани, мурадалде щвезе рес бугин. Республикаялъул нухмалъулев Сергей Мели­ковасухъе кагъат хъвани лъикIаб букIининги абулеб буго гьес.

 

 

Ашахан ЮСУПОВ