Дагъистаналъул бетIерасул ва хIукуматалъул администрациялъул нухмалъулесул ишал тIуралев МахIач ГIумаровас гIахьаллъи гьабуна республикаялъул бетIерасда цебе гIуцIараб ЖамгIият цебетIеялъул ва инсанасул ихтиярал цIуниялъул советалъул данделъиялда. Гьениб кIварбуссинабуна умумуз аманат гьабун нилъехъе кьурал Дагъистаналъул миллатазул гIадатал, мацIал, маданият, ай миллияб буголъи цIуниялда ва цебетIезабиялда сверухъ ругел гIунгутIабазде. КIалъазе вахъарав рехсараб советалъул председатель Зикрула Ильясовас бицана ахираб заманалда миллатазул аслулъун кколел мацIалги, гIадаталги, адабият-маданиятги дагь-дагьккун кIочон толел ругилан. Гьединго миллиял мацIазда къватIире рачIунел газет-журналазул подписка гIодобе кколеб букIиналъул, рахьдал мацIал малъиялда сверухъ школазда бугеб гIей гьечIеб ахIвал-хIалалъул, миллиял мацIазда хъварал цIалул тIахьал гьечIолъиялъул, республикаялда херазул рукъзабахъе рехун таразул къадар цIикIкIунеб букIиналъул хIакъалъулъ. Гьесул рагIабазда рекъон, гьабсагIаталда бугеб къагIидаялда гьеб кинабго тани, чанго соналдасан нилъ лъугьине руго миллатги, мацIги, гIадатги, гIамалги кIочарал манкурталлъун.
— Жакъа гьанире ракIараразда гъорлъ руго министралги бажари-гьунар бугел гIадамалги. ХIажат буго гьеб рахъалъ ругел гIунгутIабазул бицун течIого, унго-унгояб къагIидаялда гьел тIагIинариялда тIад хIалтIизе, гьанир цере лъурал суалал ва масъалаби гIумруялде рахъинаризе. Нилъер щивасда тIадаб борчлъун ккола гьеб, — ан абуна З. Ильясовас.
Республикаялъул лъай кьеялъулгун гIелмуялъул министр ЯхIя Бучаевасул рагIабазда рекъон, Дагъистаналъул школазда рахьдал мацIал малъиялъе рихьизарурал сагIтал рикьизе ихтияр кьун буго учреждениязул нухмалъулезухъе.
— Нилъеца щиб бицаниги, жидер лъималазе рахьдал мацI хIажат гьечIин абулел эбел-эмен дагьал гьечIо республикаялда. Амма министерствоялъ миллиял мацIал, маданият ва Дагъистаналъул тарих цIуниялда сверухъ кIудияб хIалтIи гьабулеб буго. Мисалалъе, хIаракат бахъулеб буго Дагъистаналъул тарихалъул дарсал цIидасанги цIалул программаялда гъорлъе рачине. Гьединаб суал лъун буго Россиялъул Лъай кьеялъул министерствоялда цебе. Ресал ралагьулел руго тарихалъул ва миллиял мацIазул учебникал къватIире риччазеги. МугIалимзабазе харжал цIикIкIинаруна 23 проценталъ. Гьеб гIемер гьечIо, амма тIоцересел галаби тIамуна ва гьелда къокълъун чIезе ракIалдаги гьечIо, — ян абуна Я. Бучаевас.
Гьеб рахъалъ гьабулеб бугеб хIалтIул хIакъалъулъ бицана миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министр Энрик Муслимовас, ЖамгIияб палатаялъул нухмалъулев ГIабдулмуъмин Ибрагьимовас ва профсоюзазул нухмалъулев ГIабдула МухIамадовас.
Культураялъул министрасул заместитель Мурад ХIажиевас бицана, эпидемиологияб ахIвал-хIалги хIисабалде босун, культураялъул учрежденияз цебе лъураб суалалда хурхун гьабулеб бугеб хIалтIул хIакъалъулъ.
Дагъистаналъул туризмалъул ва халкъиял художествиял промыслабазул министр Эмин Мердановасул пикруялда рекъон, нилъехъе рачIунел туристал цIикIкIанагIан республикаялъул халкъазул миллияб маданиятги буголъиги рагIдукь бахчизе, тIагIине гьечIо, гьелъул гIаксалда, цIилъизе буго.
— Туристазе къваригIун букIуна нилъер хаслъи бихьизе. Кинабго хIисабалдеги босун, нижеца хIадур гьарулел руго батIи-батIиял программаби, гIумруялде рахъинаризе руго батIи-батIиял проектал, — ан абуна Э. Мердановас.
Данделъиялъул хIасил гьабулаго, М. ГIумаровас абуна Дагъистаналъул миллатазул гIадатал, мацIал, маданият, ай миллияб буголъи цебетIезабиялда ва инсанасул ихтиярал цIуниялда сверухъ гьабулеб хIалтIуде жеги цIикIкIун кIвар кьезе бугин.
Темирхан ХIАСАНОВ