Новость на родном

«Хъамуна Надир-шагь магIарулаца агъалдаса чакма бидул цIезегIан»

                Бащдаб дунялги квегъун, Дагъистаналде вачIарав Ираналъул шагь Надирил мугъ бекана магIарухъ – ХицIиб магъилъ. Цо-цо тарихчагIаз абула гьесул аслияб мурад букIанин Аваристаналъул тахшагьар Хунзахъ кверде боси. Гьелдаса хадуб Россиялдехун инеги ракIалда букIанила ша­гьасда. Амма магIаруллъиялъго ахIиги бан данделъарал бояз кIудиял камиялги ккезарун, рогьояб куцалда мугIруздаса тIуризавуна шагь....

Новость на родном

Чанахъабиги ччугIихъабиги ццидахун руго

      Нилъер республикаялда буго чанахъабазулгун ччугIихъабазул жамгIияб цолъи. Гьеб цолъиялде гьоркьоре унезда ракIалда буго МахIачхъалаялъул аслияб майда­налде рахъине. Гьелъие бугеб гIиллаги ккола чан гьабизе ва ччугIа кквезе гьезул къай­имлъиялда рукIарал ракьал республикаялъул ТIабигIиял сурсатазул ва экологиялъул министерствоялъухъе кьей.     ГIаммаб куцалда гьединал ракьазул 716 гектар буго ре­спубликаялда. Гьениб буго ча­нахъаби хьвадулеб 29 батIияб ракь,...

Новость на родном

Миллияб хаслъи ва инсанасул ихтиярал

      Дагъистаналъул бетIерасул ва хIукуматалъул админи­страциялъул нухмалъуле­сул ишал тIуралев МахIач ГIумаровас гIахьаллъи гьабуна республикаялъул бетIерасда цебе гIуцIараб ЖамгIият цебетIеялъул ва инсанасул ихтиярал цIуниялъул сове­талъул данделъиялда. Гьениб кIварбуссинабуна умумуз аманат гьабун нилъехъе кьу­рал Дагъистаналъул милла­тазул гIадатал, мацIал, ма­даният, ай миллияб буголъи цIуниялда ва цебетIезабиялда сверухъ ругел гIунгутIабазде. КIалъазе вахъарав рехсараб советалъул председатель Зи­крула Ильясовас...

Новость на родном

Халкъалъул цолъиялъулъ къуват цIикIкIараб буго

 ХIурматиял магIарулал! РакI-ракIалъ баркула нужеда республикаялъул халкъал цолъиялъул къо. Гьаб байрамалъ щулалъизабула халкъазда гьор­кьоб гьуинлъи ва цолъи.    Дагъистаниял, щиб заман бачIаниги, кидаго цадахъ рукIана Россиялъул цогидал халкъалгун ва кIудияб бутIа лъуна па­чалихъ социалиябгун экономикияб, рухIиябгун маданияб рахъалъ цебетIезабиялъулъ ва гьеб щулалъизабиялъулъ. Рагъ­даги ракълилаб заманалдаги къотIизе течIо нилъер халкъаз цоцазе гьабулеб кумек ва гIагараб ВатIаналде...

Новость на родном

ХIабибил росуцоял – Диклосмтаялъул тIогьир

     30 августалда Силди росулъа анкьго гIолохъанчи вахана ункъ­ азарго метралдаса цIикIкIараб борхалъиялъул, даим цIороца бацараб Диклосмта мугIрул тIогьире.    Гьел ккола ХIабиб ГIабдулатIипов, АхIмаднаби ГIабдулхIамидов, Му­хIамадрасул АсхIабов, МухIамадгIали Хучбаров, ГIали Хучбаров, Шапи КъурамухIамадов ва АхIмадрасул Камилов. Гьезул бищун гьитIинасул буго 22, бищун кIудиясул — 46 сон.    Гьел ккола гIадатиял чанахъаби. Диклосмта буго...

Новость на родном

Лъукъа-къотIараб гIадат

    Коронавирусалъ циндаго хисизабураб кIудияб дунял, къаси-къалъи гьечIого цивилизация гIуцIулеб инсанияталда цебе лъунщинаб масъала. Макьилъгицин бихьани хIикмалъулеб хIалалъ хисараб гIумруялъул гIуцIиялде ругьунлъизе ккун руго нилъги.    Росдал гьоцIиб сухIмат, сухIматул горсверулъ хьвадулаго ахIулел кучIдул, гIолохъабаз ирга­ далъ цоцахъе бегьулеб тIамур, ясазул сверулъа биччалеб бакъан. Цебесеб бертадул тартиб тIубан цебечIезабизецин кIочонеб буго нилъеда. БахIарав викъи,...

Новость на родном

ЗахIмалъи гIураб, гIарац дагьаб

      ГIемераб къварилъи бихьаразда гьоркьор рукIана калмыкалги. 1944 соналда гьел гочинаруна Гьоркьохъеб Азиялде, Казахстаналде. «Эркенлъараб» ракьазул цо бутIа, халатаб заманалъул ижара хIисабалда, кьуна мадугьалихъ ругел регионазе, гьезда гьоркьоб Дагъистаналъухъеги (85 азаргогIанасеб гектар). 1957 соналда калмыказе жидерго ВатIаналде тIад руссине ихтияр кьуралдаса нахъеги, заманаялъул къотIи-къаялги гьарун, гьел тана нилъеда хадур. Советияб заманалда доба букIана нилъер...

Новость на родном

209 азарго тонна – цIолбол

     ГьабсагIаталда бугеб ахIвал-хIалалда рекъон, исана Россиялда бакIаризе ккола могьолал культурабазул 127,4 млн. тонна, гьелдаса 84 млн. ккола ролъ. 93,7 азарго гектар гIатIилъиялдаса Дагъистаналда бакIарана могьолал культурабазул 212 азарго тонна (2020 соналдаса 3 проценталъ цIикIкIун).    Гъоркьиса бакIарун букIана пиринчIалъул лъабазарго тонна, исанасеб бачIин гьелдаса цIи­ кIкIине ккола.    ЦIибил бакIаризе буго 22 азарго...

Новость на родном

«Къункърабазулгун» къо-лъикI гьабуна

       ГIелмиябгун сах гьариялъул мурадалда рагьараб «Журавли» комплексалъ медиказегун гIалимзабазе лъазабураб акция ахиралде щвана.     Исана кIиабилеб сон букIана гьеб тIобитIулелдаса. Комплексалъул бетIергьан Шангъодаса МухIамад МухIамадовасул ресалдаса чIобого гьениб сахлъи щула гьабуна нилъер улкаялъул щибаб регионалдаса гIадамаз. МГУялъул профессорги физикаялъулгун математикаялъул гIелмабазул докторги ккола гьев.    Гъоркьисала «Журавли» комплексалда хIухьбахъи гьабуна «красная зонаялда» хIалтIарав...

Новость на родном

Миллиял мацIазул къваридаб къисмат

      Араб анкьалда МахIачхъалаялда, Р. ХIамзатовасул цIаралда бугеб миллияб библиотекаялда, печаталъул министр ГIумаргIусман ХIажиев дандчIвана республикаялъул миллияб прессаялъул ва телевидениялъул хIалтIухъабигун, шагIирзабигун, хъвадарухъабигун, мацIазул гIалимзабигун.   Жиндирго кIалъаялда гьес кIвар буссинабуна миллияб пресса цебетIеялъе ратулел ругел ресазул бициналдеги, Дагъистаналъул мацIазул адабият цебетIеялдеги, рахьдал мацIал цIуниялдеги. Данделъиялда гIахьаллъарал ДРялъул Хъвадарухъабазул союзалъул председатель МухIамад АхIмадовас, «ХIакъикъат»...