Новость на родном

«Дун хекко тIагIине вачIарав гьечIо»

     Анлъабилеб сентябралдаса байбихьун республикаялда унел руго «ХъахIал къункърабазул къоял» абураб Р. ХIамзатовасул цIаралда халкъазда гьоркьосеб литературияб фестиваль.     Исана гьеб тадбир тIобитIулеб буго 35-абилеб нухалъ. КIудияв шагIир гьавуралдаса исана тIубала 98 сон. Фестивалалъул тIоцебесеб къоялъ гьалбал щвана ДРялъул Хъвадарухъабазул союзалде, 51 соналъ Расулица нуцIа рагьараб ва къараб, гьесул кабинеталъуб бугеб музеялде.    Нахъисеб...

Новость на родном

Гъизилюрталъул «долгостроял» ран лъугIизеги рес буго

       Гьал къоязда Гъизилюрталда ДРялъул бетIер Сергей Меликовас хал гьабуна 2008 соналдаса нахъе балеб бугеб шагьаралъул больницаялъул, стадионалъул ва кьодул, гьединго щвана цо предприятиялде ва гара-чIвари гьабуна гIадатиял гIадамазулгун.      13 соналъ балеб бугеб больница лъугIизегIан шагьаралдасаги сверухъ ругел хъутабаздасаги унтарал сах гьарула некIого жагъаллъараб, басрияб больницаялда.     Меликовасда бихьана 1987 соналда бараб шагьаралъул...

Новость на родном

ХIалигъун барщун буго цIибил

     ЦIибил бакIаризе байбихьана республи­каялда. Исана лъик1аб бачIин бакIаризе ракIалда буго цIолбохъабазда. Кинабни­ги 22000 гектаралда бекьун буго цIибил. ГьабсагIаталда бакIарун бахъана 2800 гектаралда бижараб нигIмат. Араб соналда республикаялда бакIарун букIана 208000 тонна. Гьеб букIана республикаялъул цIолбохъанлъиялъул тарихалда босараб чIел.   ДРялъул Росдал магIишаталъул ми­нистерствоялъул нухмалъулесул за­меститель Шарип Шариповас абуна, цIолбохъанлъиялъул рахъалъ нилъер ул­каялда къабул гьабураб...

Новость на родном

Гъизляралъул коньякги ЧIикIаб хIорги

      Республикаялъул тIалъиялъ хIадур гьа­рулел руго туристазе цIиял маршрутал. Гьедин бицана туризмалъул ва халкъиял художествиял промыслабазул министрасул ишал тIуралев Эмин Мардановас.    ЦIиял маршрутазда гъорлъе рачи­не руго ЧIикIаб ГЭС, Гъизляралъул ко­ньяк хIадурулеб завод, Дербенталъул чогърол завод, Халкъазда гьоркьосеб МахIачхъалаялъул аэропорт ва цIорол завод.  

Новость на родном

Сентябрьги роолаб букIине буго

     Хаслихълъи щунилан гьава-бакъалъул абизегIанасеб хиса-баси ккезе гьечIин бицана Республикаялъул гидрометеоцентралъул нухмалъулев ГIабдулхIалим Дадашевас информалатазе. Сентябрь моцIги республикаялда хинаб букIине буго.   — Къад гьоркьохъеб температура букIине буго 25-30 градус. Къаси-къаси — 18-20 градус, — ин абун Г1. Дадашевас. ЦIадалал къоял гIемер рукIинаро. Бищунго гьогьомарал къоял сентябралда рукIине руго магIарухъ.

Новость на родном

Багьаби, багьаби, кида нуж «чIелел»?

        МахIачхъала шагьаралъул администрациялъ пассажирал раччулеб транспорталъул компаниялъул бетIергьаби мукIур гьаруна, рекIадухъ багьа бахинабичIого тезе. 31 августалда, социалиял гьиназда хъвалеб букIана, МахIачхъалаялда хIалтIулеб СТС (Современная Транспортная система) абураб компаниялда ракIалда бугин шагьаралда жаниб рекIадухъ багьа 23 гъурщидаса 27 гъурщиде бахинабизе абун. Амма 1 сентябралда тахшагьаралъул мэриялъ баян кьуна жидеда кIванин тIадехун бицен гьабулеб...

Новость на родном

Ковидалъ хIал гьабулеб буго

     Коронавирусалда сверухъ республикаялда ахIвал-хIал жеги лъикIлъун гьечIо. ЦIакъ гIемерав чи унтулев вугин баян кьолеб буго официалиял хъулухъаз. Сордо-къоялда жанив унтаразул къадар 150 чиясдаса цIикIкIун буго. Мисалалъе, 30-31 августалда больницаялде ккун вуго 180 чи. Цо сордо-къоялда жаниб хун вуго 22 чи. Сахлъун къватIиве виччан вуго 167 чи.      Август моцIалда жаниб ре­спубликаялда коронаялъ хун...

Новость на родном

Вакцинадухъ сайигъат

      ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев С. Меликовас тIобитIараб данделъиялда хIукму гьабуна 60-ялдаса цIикIкIун сон барал ва вакцина гьабурал гIадамал рази гьаризе.      Гьелда бан ДРялъул Информациялъулгун печаталъул министерствоялъ лъазабуна «Вакцина гьабуралъухъ – подписка!» абураб акция. Гьелда гIахьаллъана «ХIакъикъаталъул» бетIерай экономист СагIидат АхIмаддибирова ва гьелъие сайигъат гьабуна миллияб газеталъул лъагIалил подписка.

Новость на родном

ГIалимчиясул хIурматалда

  Къудукьа Мусалав — гIелмудул ралъад, ГIалам хIайранлъана дур хIикматазда…     Гьал къоязда Хьаргаби районалъул Къудукь росулъ тIобитIана, цебегоялдаса гIадатлъун билълъараб росдал садакъадул къо.     Щибаб соналда августалъул лъабабилеб рузманкъоялъ тIобитIула росдаего садакъа бикьулеб тадбир. Гьанал садакъадулъ гIахьаллъизе бокьараз хъураб чIегIерхIайван 10 – ялдеги бахуна, цо-цо cоналда гьелдаса цIикIкIунги букIуна. Росдал щибаб цIараки рикIкIун гьарула...

Новость на родном

ЗахIматал къоязул къадруяб рагIад

     Гьал къоязда 22 сон тIубана Дагъистаналда тIаде кIанцIарал халкъазда гьоркьосел хъачагъазул къокъаби щущазаруралдаса. Гьелда хурхун  19 августалда, «Гьудуллъиялъул рокъоб» Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министерствоялъ тIобитIана кIудияб конференция. Гьелда гIахьаллъана министерствоялъул хIалтIухъаби, рагъул гIахьалчагIи-ополченцал, гьалбал.        Гьеб рагьана ва бачана министрас — Энрик Муслимовас. КIалъазе рахъараз ракIалде щвезаруна дол захIматал къоял,...