Новость на родном

«ЧIагояб Дагъистан». Сурукъалги лъикIалги рахъал

       ДРялъул Миллияб библиотекаялда тIобитIана Москваялдаса журналист Владимир Севриновскиясул тIехьалъул хIакъалъулъ цебелъей (презентация).   ИчIго соналъ Дагъистаналдеги хьвадун, гьес данде гьабураб тIехьалда цIар лъун буго «ЧIагояб Дагъистан» абураб. Гьенире росун руго нилъер тIабигIат-гIамалалъул, рукIа-рахъиналъул, квен-тIехалъул ва цогидалъул хIакъалъулъ батIи-батIиял басмабазда рахъарал макъалаби.    Россиялъул киналго регионазда гьоркьоса хас гьабун Дагъистаналъ жиндир рекIелъ ккураб...

Новость на родном

ТIад толел хIакимзаби хIалкIун лъикIал ралагье

  РагIад битIуларебин,  ТIил гьетIараб бугони, — ТIад толел хIакимзаби ХIалкIун лъикIал ралагье» — ян хъвана магIарул адабияталъул классик ЦIадаса ХIамзатица 1921 соналдаго «Советазде щал рищизе кколел?» абураб жиндир кочIол асаралда. Гьелдаса нахъе ана 100 сон.    Рищиял нилъер гIумруялда лъугьана кидагосел лъугьа­-бахъиналлъун. Гьездехун щивасул букIуна батIи­ батIияб бербалагьи – цояз депутатлъиялде кандидатазул щулияб рахъги...

Новость на родном

ДРялъул хIукуматалъул председатель-Хунзахъ

    ДРялъул хIукуматалъул председатель ГIабдулпатахI ГIамирханов щвана Хунзахъ районалде. Пачалихъияб Думаялде ва республикаялъул парламенталде рищиязда гьаракьги кьун, ГI. ГIамирхановас районалъул социалиябгун экономикияб цебетIеялъул хIакъалъулъ бицунеб данделъи тIобитIана.   Районалда гьабулеб хIалтIул хIакъалъулъ бицана ДРялъул хIукуматалъул председателасул заместитель Нюсрет ГIумаровас. Гьесул рагIабазда рекъон, ахираб соналда муниципалитеталъ хIаракат бахъулеб буго республикаялъул проектазулъ ва программабазулъ гIахьаллъизе. Гъоркьиса республикаялъул...

Новость на родном

Хасел щолеб буго,хинлъи бокьун буго

     Хасалоялде республика хIадурго бугищ-гьечIищали абураб суал гьоркьоб лъураб данделъи тIобитIана Сергей Меликовас 21 сентябралда. Гьелъие гIоло гIуцIараб хасаб комиссиялъул вакилзабиги ракIарун, гIатIидаб данделъи букIана ХIукуматалъул минаялъуб.   Муниципалиял идарабаз кьурал хIисабкьеялъул баяназда рекъон, хасалиде нилъ хIадурун ругин 89 проценталъин абуна республикаялъул бетIерас. ­  Гъоркьиса, дида ракIалда буго, ракьхасало чанги чи цIорон холел хутIана,...

Новость на родном

Октябралъ вищизе вуго Меликов

     Депутатазул цIияб корпусалъ цIар чIвазе буго республикаялъул бетIерасда    Республикаялъул цIияб парламент гIуцIун хадуб, 14 октябралда депутатаз вищизе вуго ДРялъул цIияв нухмалъулев. Халкъияб Собраниялъ гьоркьоб лъезе букIине лъабго чиясул кандидатура бихьизабун буго президент Владимир Путиница. Гьел ккола гьабсагIат республикаялъул нухмалъулесул ишал тIуралев Сергей Меликовги, парламенталъул вице-спикер Камил Давдиевги ва ДРялъул Рищиязул комитеталъул член...

Новость на родном

Вакцина ургъаразул хIурматалда     

     ГIелмиябгун сахлъи щула гьабиялъул «Журавли» комплексалда «багIараб зонаялда» хIалтIарал медиказегун гIалимзабазе гIуцIараб «Тохтурзаби чIахъаги» абураб реабилитациялъулаб акциялъул кIиабилеб этап ахиралде щвеялда бан тIобитIана гIелмияб конференция. Рехсараб акциялда рекъон, гьеб комплексалъ гьанжелъизегIан къабул гьавуна 1000-ялдасаги цIикIкIун COVID-19 унтуца кIвекIарав сахлъи цIуниялъулгун гIелмияв хIалтIухъан. Конференциялъул заманалда комплексалда рагьана коронавирусалда данде вакцина ургъарал гIалимзабазул ва пандемиялъул...

Новость на родном

Рищиял тIуран хадуб тIаделъизин хIалтIуде

        Гьале тIубана дагъистанияз жидерго Конституциялъулаб борч — жигараб гIахьаллъи гьабуна 17, 18 ва 19 сентябралда тIоритIарал рищиязда. Гьелъул хIасилал гьаруна Дагъистаналъул избиркомалъул председатель МухIамад Дибировасул нухмалъиялда гъоркь 20 сентябралда тIобитIараб данделъиялда. Гьес бицана, Пачалихъияб Думаялде депутатазул рищиязда, бищунго цIикIкIун гьаркьалги щун, «Единая Россия» партия (81,18 %) тIоцебесеб бакIалде бачIанин. — КIиабилеб бакI...

Новость на родном

Унтаразухъе кумек хехго щвела

     Шагьаразда ва хасго районазда гIадамазул гIарзал камуларо унтаразухъе ахIараб хехаб кумекалъул машина цIакъго кватIун гурони щоларин абун. ГIумруялъе хIинкъи бугел ва заманалда хехаб кумек хIажалъулеб унти чIварал гIадамазухъе гьеб кIиго-лъабго сагIаталдасан гурони бачIунеб гьечIин абун ме­дицинаялъул хIалтIухъабазде гIайибалги гьарула. Медицинаялъул гIуцIабазул нухмалъулезги, хехаб кумекалъул машинаби гIолел гьечIин абун, жидедаго гIайиб гьечIеблъи бичIчIизабула.  ...

Новость на родном

ХIасилаз борцараб нух

    Гъуниб районалъул Сугъралъ росдал «Сугъралъ» агрофирма ккола районалда бищун кIудияб, гIияхъанлъи-боцIухъанлъиялъул рахъалъ республикаялда цебе­себ кьерда бугеб магIишат. 1931 соналда гIуцIараб гьелъ, батIи- батIиял цIаразда гъоркь, нахъа тана гIемер захIматаб, гIезегIан хIалуцараб, хадубккунги жин­дирго чIванкъотIараб рахъ боса­раб, бечедаб тарихалъул нух.  11 сентябралда гьелъ кIодо гьабуна жиб гIуцIаралдаса 90 сон тIубай. Тадбир тIобитIана Хъумторхъала районалда...

Новость на родном

ТIагIам — добго, багьа – учузаб

  11 сентябралда, МахIачхъалаялда тIобитIана росдал магIишаталъул иргадулаб ярмарка. МоцIалъ цебе, 14 августалда гьеб­го бакIалда тIобитIаралда данде гьеб ана гIемерго тIадегIанаб да­ражаялда, республикаялъул ки­налго районаздаса 200-гIанасев магIишатчи гIахьаллъун. Гьаб нухалда гIемерго цIикIкIун букIана нигIматазул къадарги, хасго пихъил, гьанал, ччугIил. Гьезул цо-цоязул багьаби базаразда ру­гел хIисабалъул рукIаниги, гIемерисел рукIана 10-20 процен­талъ учузал.      Ярмаркаялда гIахьаллъана ва...