ТIаде щолеб буго дир бабал байрам. Киналго улбузул гьайбатаб байрам. Гьелда цересел лахIзатаз бокьун буго лъимерлъиялде нахъ юссине, дагьайго гогьдаризе. Эбелалъул хIакъалъулъ хъвазе. Гьейгун гаргадизе. Лъимерлъиялъул иццухъ кIалги чIван, гIорцIизегIан дирго пикраби гьекъезе. Лъимерлъиялъул пикраби. Гьез роцIинабула чIунтун ине теларилан дун лъугьун йигеб ракIги, гьелъул чIвабзаз рачунел хIасратал сариназухъ гIенеккидал, кьурдизегицин гьесарилей йиго....

