Бюджетги, приватизациялги, QR-кодалги

 

ГIарац Москваялде щай нахъбуссинабулеб?

  ДРялъул финансазул министра­сул ишал тIуралев ГIали Исламовас бицана бюджеталда цIикIкIарасеб гIарац (85 процент) бихьизабун бу­гин социалиял мурадазе, гьединго хIисабалде босун бугин пачалихъалъ экономикаялъе гьабизесеб кумекги.

   Гьедин, масала, тIадеялъул респу­бликаялда 188 объект базе байби­хьула. Гьезда гьоркьоса 86 объект ккола социалияб кIваралъул, 101 – ЖКХялъул. Нухазул фондалъ харж гьабизе буго 10, 3 млрд гъурущ. Ки­налго муниципалитетазе биччазесеб бюджетазда гьоркьосеб гIарцул къа­дар букIине буго 42,5 млрд гъурущ. Цебеялда дандеккун лъабго милли­ард гъурщица цIикIкIун буго гьеб.

  Депутат Мухтарпаша ГIумахановас ГIали Исламовасда гьикъана федералияб бюджеталдаса респу­бликаялде бачIунеб гIарац харж гьабизе бажаричIого санайилго тIад буссинабулеб букIиналъул хIакъалъулъ. Гьелъие гIиллабиги батIи-батIиял рехсола тIадчагIаз. Масала, проектазулгун сметабазул документал битIун цIезе лъангутIи яги гьелъие заман гIечIолъи, аук­ционал гьарулелъул кколел квалк­валал ва цогидаб. Гьединлъидалин абуна Мухтарпаша ГIумахановас, цIида-цIидасанги цого гъалатIал та­крар гьарулел рукIинчIого, гьанже цIияб хIукуматалъул вакилзабаз бе­гьуларищин гьеб хIужа хIисабалде босизе?

  Гьебго пикру загьир гьабуна де­путат Султан Ибрагьимовасги: «Ункъабилеб сон буго рес рекъо­леб гьечIилан, ЛъаратIа районалъул нухазде хъил тIезе бажаруларого. ХIакъикъаталдайин абуни, санайилго Москваялде тIад буссинабулеб буго 8-10 млрд гъурущ. Гьеб гIарцухъ чан школагун ясли-ахдай базе бегьи­лаан, кигIан нухалдай рахъилаан?»

   ГIали Исламовас жаваб кьуна гьеб букIунин хас гьабун жинди-жиндир мурадги бихьизабун федералияб бюджеталдаса биччараб гIарац. Гье­динлъидал гьеб батIияб мурадалъе харж гьабизе бегьуларин. ЛъаратIа районалда нухазде хъил тIеялъул суал жинца «Дагавтодоралдеги» Транспорталъул министерствоял­деги щвезабилин рагIи кьуна мини­страс.

   Хадубго депутат МахIмуд МахIмудовасги тIаде жубана гьанже па­чалихъалъ экономикаялъе кумек гьабулеб къагIида хун бугилан. Гье­динлъидал гьес министрасда гьикъана республикаялъул экономикаялъе биччалеб бугеб 136 млн гъурущ хас гьабун сунда тIад харж гьабизе буге­билан. ГIали Исламовас жаваб кьуна гьеб бугин промышленниял пред­приятиязе кредитал хIисабалда ва къайи-цIа босизе кумекалъе бичча­леб гIарац.

  Жеги гIемер кIалъаял гьаруна сессиялда бюджеталда тIасан. Де­путатаз гьарурал тIасанкIалъаял кIиабилеб нухалда гьеб проект гьор­кьоб лъолелъул хIисабалде росилин абуна спикер Заур Аскандаровас.

Хайир гьечIел ГУПал

   Хадуб депутатаз разилъи кьуна ункъо ГУПалъе приватизация гьа­бизе. Гьел ккола «ЧIикIаб», «Ди­лим», гьединго Лаваша районалъул МикIахIи росдал «Богатыревасул» ва Сергохъала районалъул Мюрего росдал «Красный Октябрь» ГУПал.

   ДРялъул мал-мулкалъул ва ра­кьул суалазул министрасул ишал тIуразарулев Заур Эминовас абуна гьез букIине кколеб хайир кьолеб гьечIилан.

   Хадубккун гьединабго приватиза­ция гьабизе рес бугеб предприятия­зул сияхIалде босизехъин буго «Ма­хачкалинский цементно-помольный производственный комбинат» абу­раб акциячагIазул гIуцIиги.

   Сессиялда 64 депутатас разилъи кьуна QR-кодал рилълъанхъизариял­да бан гIуцIараб законалъул проек­талъеги. Ункъо чи гьелда дандечIана. Анкьгояс гьаракь кьечIо.

Харжал цIикIкIина

   Росабалъ гIумру гьабулел цо- цо хъулухъчагIазе 25 проценталъ харжал цIикIкIинаризехъин ругин бицана гьениб захIматалъул ва со­циалияб цебетIеялъул министра­сул ишал тIуразарулей Зумруд МухIудиновалъ.

   Ахиралда депутатаз хIукму гьабу­на гьал къоязда ДРялъул Пачалихъияв секретарьлъун тIамурав МухIамад- Султан МухIамадовасухъа Халкъи­яб Собраниялъул депутатасул ман­дат нахъе босизе.

   Гьенир гьоркьор лъун рукIана цо­гидал суалалги.

 

Зульфия ХIАЖИЕВА