ДРялъул хIукуматалъул председателасул ишал тIуралев Нюсрет ГIумаров гьал къоязда дандчIвана «Федеральный центр компетенций в сфере производительности труда» АНОялъул эксперталгун. Гьениб бицана «Производительность труда» абураб федералияб проекталъул бутIалъун кколеб «Адресная поддержка повышения производительности труда на предприятиях» абураб миллияб проекталъулъ Дагъистан гIахьаллъиялъул хIакъалъулъ.
«Производительность труда» абураб проекталда гьоркьобе уна федералияб кIиго проект. «Гьел гIумруялде рахъинариялъулъ Дагъистанги гIахьаллъизе кколаан 2022 соналдаса нахъе. Амма республикаялъул хIукуматалъул хIаракаталдалъун, нилъее рес щвана 2020 соналдаго проекталда гъорлъе лъугьине. Гьелда бан гьабулеб хIалтIуе федералияб бюджеталдаса 2022 соналде кьолеб буго ункъо миллионгун щунусазарго гъурущ», — ан бицана Нюсрет ГIумаровас. Проекталда рекъонкко- леб хIалтIи гIуцIизе буго Гъизляралъул «Концерн КЭМЗ» ОАОялдаги Каспийскиялда бугеб «Авиамеханический завод» ОАОялдаги.
Федералияб централъул №5 макрорегионалъул управлениялъул нухмалъулев Виталий Лапишица бицана гьеб макрорегионалда гьоркьоре унел субъектазда гьабулеб хIалтIул хIакъалъулъ. «ГьабсагIаталда миллияб проекталда гIахьаллъула Россиялъул 70 субъект, ай лъабазаргоялдаса цIикIкIун предприятие. Дагъистаналъул щуго предприятиеги хIадур гьабулеб буго проекталда гIахьаллъиялъе», — ян абуна гьес.