Новость на родном

Нухазда тадбир гьечIо, гIолохъабиги гьаглъун руго

  24 ноябралда ДРялъул хIукуматалъул минаялъуб тIобитIараб данделъиялда бицун букIана республикаялъул шагьранухазда гьечIеб лъикIаб хIалалъул хIакъалъулъ. Масала, 10 моцIида жаниб 1145 авария ккун буго республикаялда. Хун вуго 247 чи, лъукъун больницаялде ккара­зул къадар бахун буго 1606 чиясде.     Гьединаб талихIкъосараб хIал республикаял­да батани, гьелда бан гьабулеб хIалтIи цIакъго тIаса-масагояб букIин бихьулеб бугин абуна данделъиялда...

Новость на родном

«Лезги га­зеталъ» -100 сон

     Гьал къоязда 100 сон тIубана лезгиязул республикаялъул жамгIиябгун политикияб «Лезги газе­та» къватIибе биччазе байбихьа­ралдаса. Гьеб газеталъ нахъа тана гIезегIан хIалуцараб ва захIматаб, амма халкъалъе хIажатаб захIматалъулаб нух. «Лезги га­зеталъ» кIудияб бутIа лъуна лез­гияз гIумру гьабулел районазда гуребги, тIолабго Дагъистаналъ­улго социалиябгун экономикияб цебетIей бихьизабиялъулъ, бица­на ва хъвана миллаталъул тари­халъул, мацIалъул, гIадамазул ва гIадатазул хIакъалъулъ....

Новость на родном

ЦIияб соналда цIиял стипендиял

      ТIасияб соналдаса байбихьун республикаялъул ВУЗазда цIалулел студентазе стипендия цIикIкIинабизе буго. Гьединаб указ хъвана Сергей Меликовас гьал къоязда. 1000 гъурущ стипендия щолеб букIарал студентазе 3000 гъурущ, аспирантазе 1500 гъурщил бакIалда 5000 гъурущ кьезехъин буго тIасияб соналъ. Гьеб гуребги, Москва ва Санкт-Петербург шагьаразда ругел нилъер ракьцоял-студентазе цIикIкIинабулеб буго стипендия. Мисалалъе, 2000 гъурущ щолеб букIарал...

Новость на родном

Хасел щвана, хинлъи гьечIо

       13 октябралдса 21 ноябралде щвезегIан, регионазул нухмалъулеб централде (ЦУР) 5 500 гIарза бачIун буго гIадамазухъан. Аслияб куцалда гьел руго  ток, лъим ва нухазул гIунгутIиялда хурхарал.    ГIемерисел гIарзал рачIун руго МахIачхъала, Каспийск ва Дербент шагьаралдаса. Бищун цIи­кIкIун гIадамазул гIарз буго рукъзабахъ хинлъи гьечIилан. Гьедин республикаялда гьаб­сагIаталда жаниб 50-гIан гIемертIалаяб минаялъуб хинлъи гьечIо....

Новость на родном

Гьунар бугев гIолиласе гIарцул шапакъат

    ХIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулпатахI ГIамирхановас 100000 гъурущ премия кьуна, искусственнияб интеллекталъул рахъалъ халкъазда гьоркьосеб конкурсалда бергьарав СагIид ГIазизовасе. AL Journey абураб конкурсалда гIинкъал гIадамазе квегIенлъиялъе гIололъун ургъараб гьесул проект бергьана, дунялалъул бакI-бакIаздаса ритIун рачIарал 2000 хIалтIабазда гьоркьоб.  

Новость на родном

Газалъ талихIкъосиналде рачана

      22 ноябралда МахIачхъалаялда, Амет-Хан Султанил цIаралда бугеб къотIноб ккана пашманаб лъугьа-бахъин. ГIадамаз гIумру гьабулеб кIитIалаяб минаялъуб газалъул рогIороги кьвагьун цо чи къадаралде щвана, ункъоял лъукъана. Гьезда гьоркьоса кIигоял захIматаб хIалалда ругин абулеб буго.   МЧСалъ кьурал баяназда рекъон цIа ккана бакъанида, сагIат лъабго тIубараб гIужалъ. Кьвагьиялъул хIасилалда мина тIатIала ккана. ЦIа свинабулеб...

Новость на родном

АхIулгохIалъул мажгитал

  Тушманасда дандечIей гьабизе АхIулгохIги щула гьабулаго, Шамил имамас мажгитги бана гьениб. Гьеб бана ракьалда гъоркь, жанибе кIиго бакIалдасан балъгоял нухалги гьарун. Мажгиталде как базе гурелги, хIинкъи ккарабго, тушман гIагарлъулаго гуллидаса цIунун ва гIазу-цIад балаго гьелдаса рахчизе ракIарулаан. Гьеб букIана гIезегIан кIудияб рукъ.     Амма гьелъул къисмат рагъухъанасулалда релълъараб ккана. АхIулгохIда рагъал халат рахъараб...

Новость на родном

ЦIилъана некIсияб Яхсаялъул ракь

        Хасавюрт районалъул Аксай росулъ гIумру гьабулеб буго Дагъистаналда ругел миллатазул вакилзабазул 12000-гIан чияс. Гьеб буго бечедаб тарихалдалъун ва цIар рагIарал гIадамаздалъун машгьураб росу. Чанго соналъ цебе аксаялъулаз кIодо гьабуна росдае кьучI лъуралдаса 1500 сон тIубаялъул юбилейги. Гьелъул хIакъалъулъ бицунаго, мугIалим, рагъулгун захIматалъул ветераназул советалъул председатель, краевед Анварпаша Байсунгъуровас гьадин бицана:  ...

Новость на родном

Салуца рахчулел мучIдулги руго…

     Ракь кидаго рикIкIуна къиматаб бечелъилъун. Амма, ахираб заманалда, республикаялда гIемер руго, пайдаялъе хIалтIизаризе бегьулел ругониги, рехун тарал ракьал. Гьелдаго цадахъ салул авлахъазде сверулел руго Гъизляралъулгун Нугъай районазул ракьал. Специалистаз абулеб буго, гьеб кколин цебегоялдаса нахъе бичча-бихъан тараб ва, гIемерал харжалги гьарун, Россиялъул хIукуматалъ къабул гьабизе кколеб хасаб программаялда гурони тIубазабун бажарулареб захIматаб масъалаян...

Новость на родном

Инсул расеналги цIунулаго…

   «Гьаб нижеца гьабулеб жоги щибилан ккелаха цо-цо чиясда. БихьичIесул хьул лъоларин абухъе буго гьалъул иш. ГIемераб хайир щолеб жо аб гуро», — илан бицунеб букIана МухIамадрасулица, жиндирго хIалтIудеги машгъуллъун. ГIарцул курхьеналда тIад гьарурал накъишал маржанул кьералъ релъун рахъинарулев вукIана гьев.    Гьелго гIарцул тIагIалаби рикIулелниги, рукIинесел курхьабазул куцал рахъулелниги ругоан МухIамадрасулил вацал — Гьиматги...