Новость на родном

Афгъаналъулазда квер чIвалеб буго

Рукъзал щвезе иргаялда чIарал ветеранал рази гьаруна гIарацги кьун   Афгъанистаналъул рагъул ветераназе мина-рукъалъул суал роцIцIинабизелъун субсидиялъул гIарац кьезе байбихьана гьал къозда. Гьезул щивасе щвезе буго цо миллионгун 171 296 гъурущ. Гьаб сон лъугIилалде гьеб гIарац 190 ветеранасе кьун рагIалде бахъинабизе бугин абуна республикаялъул ЗахIматалъулгун социалияб цебетIеялъул министерствоялъ. Федералияб бюджеталдаса гьелъие биччан буго 223 миллион...

Новость на родном

Каспийск-МахIачхъала»: 5 гъурщица хира гьабуна

  ХъахIилаб цIатариялъ цере лъолел тIалабал      ТIасияб моцIалдаса байбихьун хиралъизе буго Каспийскиялдаса МахIачхъалаялде рекIаралъухъ босулеб багьа. 15 ноябралдаса нахъе 45 гъурщиде бахине буго гьеб. Маршрутка бачунез жидерго машинаялда жаниб гьединаб лъазабиги чIван буго.     Цебесеб анкьалъ хиралъана МахIачхъалаялда жаниб маршруткадул багьаги. Нижеца гьелъул хIакъалъулъ хъван букIана цебесеб номералда.    МахIачхъалаялдаго гIадин, Каспийскиялде-нахъе...

Новость на родном

Премьерлъун ГIамирханов вихьизавуна   

    Республикаялъул цIияб хIукуматалъе нухмалъи гьабизе Сергей Меликовас цIар чIвана гьанжелъизегIанги гьеб хъулухъалда вукIарав ГIабдулпатахI ГIамирхановасда. 28 октябралда тIобитIизесеб Халкъияб Собраниялъул иргадулаб сессиялда гьоркьоб лъезе буго гьесул кандидатура. 14 октябралда республикаялъул нухмалъулевлъун вищун хадуб Сергей Меликовас гъоркь букIараб хIукумат хъулухъалдаса гIодоб чIезабуна (ДРялъул Конституциялъ тIалаб гьабухъе). ДРялъул хIукуматалъул председателасул ишал тIуразаризе ГIамирхановасда тIадкъан букIана...

Новость на родном

Бищун ковид тIибитIаразда гъорлъ Дагъистанги

  25 октябралде ругел баяназда рекъон, ахираб кIиго анкьида жаниб СКФОялда коронавирусалъ унтун вуго тIадеги 17 азарго чи (6,3 процент). Унтул хъвай-хъвагIай гьабуразул гIаммаб къадар ккола 284 азарго чи. Бищун гIемер унтизе байбихьун руго Cтаврополь краялда, Дагъистаналда, Кабардино-Балкариялда. Гьедин бицана 26 октябралда тIобитIараб СКФОялъул субъектазул бутIрузул данделъиялда.   Оперштабаздаса харбал     Гьеб округалда Россиялъул...

Новость на родном

Шамилил цIаралъулцин нилъей бугеб баракат

    Турциялда ругел миллатцоязухъ дагъистанияз бараб гьоболлъиялъул байбихьи, «РакI соролеб асаргун» абураб цIаралда гъоркь, цебесеб номералда бахъун букIана. Анкараялъул паркалда Шамилил бюст лъолеб къоялъ хIакъикъаталдаги бихьана имамасул къимат гьениб хIукуматалъул даражаялда гьабулеб букIин. Жидер улкаялда Шамилил цIар цIакъ гIемер васазе кьолинги абуна гьеб тадбиралда кIалъалаго Энвер Демирица. Дагъистаналъулги Турциялъулги гимн кIодо гьабун эхетаразул мухъилъ...

Новость на родном

ХIамзат имамги къадизабиги

      Республикаялъул магIарул газеталъул редакторасул заместительлъун хIалтIулев вукIарав журналист ва хъвадарухъан Хунзахъ районалъул Сивухъ росулъа мунагьал чураяв ТIагьиров МухIамадица миллияб тарихалъулги тарихалда лъалкI тарал машгьурал магIарулазулги хIакъалъулъ гIезегIан асарал хъвана. Гьев вукIана миллатги хирияв, миллатчилъиги рихарав, гIагараб халкъалъухъги ракьалъухъги рокьи ккарав чи. Гьанжеялдаса 25 соналъ цебе ТIагьировас къватIибе биччан букIана «НурмухIамадил МухIамадил биценал» абураб...

Новость на родном

Лъорониб лъун кьегIер хинлъизабурав

  Мусаласул АхIмад ракIалде щведал рачIарал пикраби   «ГIи баркат бугеб боцIи буго, дир вас, алжаналъул боцIийилан абула гьезда. Гьанги гьезул, квасги гьезул, хIанги гьезул. ГIи рехун тоге дуца, мун гьелдаса пашманлъиларо». Муса МухIамадовасул машгьураб «Къисас» абураб романалда херав вехь Дарбишица Салимиде аманат гьабун абурал рагIаби гIемерал ракIалде щола гIумрудул нухда.    Вехьасул гIумру дие...

Новость на родном

РакI соролеб асаргун

     Октябрь моцIалъул 7-17 къояз Дагъистаналдаса кIудияб къокъаялъ гьоболлъи бана Турциялда ругел миллатцоязухъ. Анкараялда тIобитIулеб, Дагъистаналъул ва Турциялъул тарихалъулгун маданияталъул хIакъалъулъ бицунеб симпозиумалда гIахьаллъи гьабизе ахIун рукIана Дагъистаналдаса хIукуматалъул вакилзаби, Халкъияб Собраниялъул депутатал, культураялъул церехъаби, тарихчагIи, машгьурал спортсменал, журналистал ва жамгIиял хIаракатчагIи.      Сапаралъул хIакъалъулъ гIатIидго бициналде, байбихьуда баян кьела тадбиралъул ва гьеб...

Новость на родном

Араб батуларо…

       Ихдал хур бекьизеги, хаслихъе бачIин бакIаризеги кколеблъи лъидаго лъала. МагIишат гьабизе кколелъулха. МагIишатияб рахъалдаго цадахъ щивав чиясе хIажалъула «рухIияб квенги». Гьебин абуни жакъа мукъсанлъун унеб буго, нилъер хьвада-чIвадиялдаги гIамал-хасияталдаги тIад хIур бетизабулеб заман букIиналда бан. Амма заман гьадинаб бугинги абун, гьелде гIайибги рехун нилъ чIани, кинаб нухдедай ккела гIун бачIунеб гIел, нилъер...

Новость на родном

МагIарухълъи цIунизе бокьун батани

  «МагIарухълъи цIунизе кколин ахIи балелги рукIун, цо-цо тIадчагIаз магIарухълъиялдехун тIаса-масагояб бербалагьи гьабиялъул магIна щиб?» — абун гьикъулеб букIана ГъазимухIамадица, заводалда жаниб нижее экскурсия гьабулаго. Сезоналъул лъабго-ункъо моцIида жаниб консервазул 3 млн шартIияб банка къазе кIолеб къуваталда букIараб Харахьи завод ккола гьеб. 12 соналъ чIун хутIиялъги, гьелде щвезегIан пачалихъалъул квер тIаса иналъги, тIатIала ккезе байбихьараб...