ТIаде щолеб буго дир бабал байрам. Киналго улбузул гьайбатаб байрам. Гьелда цересел лахIзатаз бокьун буго лъимерлъиялде нахъ юссине, дагьайго гогьдаризе. Эбелалъул хIакъалъулъ хъвазе. Гьейгун гаргадизе. Лъимерлъиялъул иццухъ кIалги чIван, гIорцIизегIан дирго пикраби гьекъезе. Лъимерлъиялъул пикраби. Гьез роцIинабула чIунтун ине теларилан дун лъугьун йигеб ракIги, гьелъул чIвабзаз рачунел хIасратал сариназухъ гIенеккидал, кьурдизегицин гьесарилей йиго. ГьитIинлъилин цо лахIзаталъ – бокьун буго лъимерлъиялъул маргьадалъе лъутизе ва дирго гIелалъул гIадамаздеги лъималилан ахIизе. Биччанте гьеб лахIзаталъ дидаго цадахъ гьитIинлъизе дир гIумруги, гIумруялъул соналги, соназул чIумазда рарал маржаназул цIалги… Гьале дун – гьитIинай Шамай. Дун гаргалей йиго дунго гIадал лъималазда.
Бабал бакъги дадал цIаги
Лъимал! Бицинищ нужее дир бабал бакъалъул къиса. ГIенекке цо лахIзаталъ.
Унго-унголъунги цо гьелъул берцинлъи. Рогьалилъ дир гордадаги кIетIола гьеб, цинги гьуинаб макьида кьижун йигей дида лъурлъудула. Гьеб бачIуна дихъе, цадахъ бабал убачги бачун. Цинги гьелъ дун еэдун толей куцха! Убачалъе хIалае заманалдасан бабал хIеренал квералги рачIуна. Огьо-гьой! Недегьго гьез дун гогьдаризаюн толей куцха!
Гьале тIаде щвана бабал гьимиги.
— Дир дару дарман, — иланги абун, гьеб гьимиялъ дун йосун хъахIил зодихъ дирго цIваялда аскIой лъола. Гьенисан дун бабал беразда цадахъ дунялалъухъ гIащикъго ялагьула. Бабаца, жиндирго балагьиялъул кумекалдалъун, жиндирго квераз дир гIисинал квералги ккун, жиндирго гьимиялъул сариназул бакъназухъе нухарегIула дун кIудияб талихIалде данде. Гьенибги дие бабал бакъалъ кьола анкькьераб нуралъулаб кунчIи.
Дир бабал бакъалъул буго лъабго чIор, цоялдаса цояб гвангъараб ва кунчIараб.
ТIоцебесеб чIоралъ жиндирго къиса сайгъат гьабулеб буго дие, хъизамалда кIудияй ясалъе. КIиабилеб чIоралъе гьелъ цIар кьун буго кIудияв васасул. Лъабабилеб чIорги – гьитIинав вац. Бабаеги дадаеги нилъ цохIо хIалалда рокьула. Гьезул бакъул чIоразулги цIадул мацIазулги щибалъул буго жиндирго къисаги къисматги. Гьез гIажаибго гьайбатал расенал угьулел рукIуна щибаб лахIзаталъ дадалги бабалги гIумруялда.
Буго бабал бакъалъе хинлъиги гвангъиги кьолеб цоги чIорги. Гьеб буго бабал бакъ цIунизе ТIадегIанас гьелъие битIараб хIикматаб чIор. Гьелъие цIарги кьун буго инсул. Гьев ккола дир дарманав дада. Гьес нижер хъизамалъул гъасда бакун буго даимаб цIа. Гьев ккола гьеб цIадул кIудияб мацIлъунги. Гьеб цIадул хIенхIаллъун руго нижги, дадал цIаялъги бабал бакъалъги цIунарал, гьезул гIумруялда накъиш угьарал хIурулгIинзаби.
Лъимал! Лъала – нужер щивасулги буго бабал бакъги дадал цIаги. ЦIуне гьел. Гьел ругебгIан мехалъ, талихI нилъеда аскIоса кибениги кьуруларо. Гьел бакъул чIораз нилъеда аскIоса хъамула чIегIерал накIкIалги, сурукъал ишалги, квешал гIадамалги. Бабал бакъалда гъорлъ буго нилъер щивасул гIумруялъул чIор. Гьелъул хинлъиги, гвангъиги, роцIенги – гьеле бабал бакъалъулги дадал цIаялъулги аслияб. Щибаб бакъалъулги щибаб цIаялъулги буго жиндирго къиса. Дир бабада цIар буго ХIалимат. Берцинаб цIар гьечIищха, лъимал? Дадада цIарги Расул буго.
Бабал бакъги дадал цIаги!
Гьез нухарегIизе йиго дун цогидаб, батIияб дунялалде. Гьел даим дунгун рукIине руго, дир гIумруялъул нухалги къалъизарулаго, дир къисматалъе хинлъиги кьолаго… Лъан букIаха, лъимал, гьезул кунчIи бараб буго нилъеда. Нилъецалъидал гьезие тIад буссинабизе кколеб берцинаб кьералъулги гьуинаб махIалъулги талихI…
Эбелалъул кечI
Лъимал! Лъалищ нужеда дунялалдаго бищунго берцинаб кечI кинабали? Нужеда киназдагоги лъала гьеб. Гьеб буго эбелалъул кечI. ТIоцебе гьеб нилъеда рагIула кинидахъ. Гьеб кочIохъ гIенеккараб лъимада кIочон тола жиндирго «къварилъаби». ГIодиги тола гьелъ, кинабго бичIчIулеб бугеб гIадин, сихIкъотIунги чIола. Гьеб кечI ккола нилъер гIумруялъул аслу. ДахIабабаца гIемер бицуна бахьикъосарав вас лъугьани яги малъараб гьабуларей яс лъугьани, абулила эбелалъул кинидахъ кечI рагIун батуларин гьездайилан.
Цинги цIидасанги боржуна бабал кечI нилъехъе. Гьелъ гьеб ахIула, нилъер гьурмада гьими бихьидал. Бабал кечI бохула, нилъер релъи рагIун. Гьеб белъула, нилъер, лъималазул, талихIалда къвалги бан. Гьеб гIодула, нилъер магIуялда убачалги гьарулаго.
Лъимал! Щибха нилъеца гьабизе кколеб, бабал кечI кидаго кьурдулеб букIине ккани?
ТIоцебесеб иргаялда, гьелъ малъараб гьабизе ккола нилъеца. Гьезул макьил рахIатги цIунизе тIадаб буго нилъеда.
Бабал кечIалъулги саринал батIиял рукIуна, хъизамалъул хIубилъунги ракIлъунги кколев дадал кьвариги, къвакIиги, къамартIлъиги хьолбохъ ругони.
РачIа, лъимал, цIунизе нилъерго хъизамалъул гъасда бабал бакъги кечIги, дадал цIаги, нилъехъ урхъун бугеб талихIги.
Эбелалъул ццин
Лъимал! Унго-унголъунги, дир бабал букIунеб берцинаб ццин. АхIдолейго ахIдолей йикIуна гьей, хIалицаго ккун релъиги букIуна. Гьеб лахIзаталъ бабал ццингицин белъанхъулеб букIуна. Цо-цо мехалда дида ккола, ццинилан цIар букIаниги, гьеб гьезего гьечIин гьелъулилан. Батанигицин, гьеб буго цIакъго цIакъ хIеренаб.
Гьелъгицин нилъер гIумруялда рахъулел хIикматал накъишал!
Дида лъала киналго улбузул ццин цохIо кьералъул букIунеблъи. Гьеб релълъуна цIадалдаса хадуб зодихъ рещтIараб нуралда.
Гьаб кинабго данде гьабуни, лъугьуна хъизамалъул квацIи. Гьеб бечIазе тезе бегьуларо нилъеца. РачIа цадахъ хIалтIизе, хIурматиял лъимал! Даимаб рецц хъизамалъул квацIиялъе.
Эбелалъул кверал
Лъимал! ЧIвалеб гьечIищ нужеда эбелалъул кверазул тIагIамаб махI? Дицайин абуни, дирго квераз гьалъул квералги ккун, свери бахъулеб буго лъимерлъиялъул авлахъалда.
Гьале уней йиго эбелгун цадахъ, хурие, ссандаса бецараб харил магьал цIезе. Гьалеха дир магьги, дунялалда бищун хIеренал квераз цIун кьураб – киса-кибего – дурусаб, узданаб. КвегIисан, кваранисан раккарал тIугьдулги. Эбелалъ, дир магь берцинлъизе, магьида гьоркьор лъурал тIугьдузул квацIаби. Доб мехалда гьезул берцинлъиялдаса лазат босизе гIакълу букIинчIо. Гьанже гьел тIугьдузул махIалъул бухIиялъ лъалъалел руго лъимерлъиялъул ракIалдещвеял.
Их магIаруллъиялъул кавуда кIутIидал, «ГIалагIарт» майданалде тира-сверизеги рахъунаан ниж. Гьелъулги букIана цо хасаб магIна. Гьеб заманалда магIарухъ жеги гIазу биун букIунаро. ГIазукьан къватIире раккун рачIине хIаракат бахъулел дерец тIугьдуз берцин гьабун букIуна майдан. Аби гьечIищха, тIоцебе дерец бихьарав гьеб соналда бищун талихIав вукIунилан абураб. Амма дида гьеб лъицаниги кибниги абулеб рагIичIо тIокIалъ. Гьебги букIун батила цохIо йигей ясалъе талихI балагьулей йигей эбелалъ жинцаго ургъараб жо. Жиндаго бихьараб тIегьги дида бихьанилан чIолаан гьей. ГIазукьа дерец эркен гьабулаго, дир кверал квачалилан хIинкъун, жиндирго квераз тIолаан гьелъ дерец, ТIадегIанасда дие талихIги гьарун. Гьел квераз бахъанщинаб хIаракат, дир гIумру буцIцIине…
Эбелалъул талихI. Эбелалъул ракI. Эбелалъул гьими. Эбелалъул магIу…
Кинабго лъималазул кодоб…
Гьалеха цIидасанги нахъ юссуней йиго лъимерлъиялъул улкаялдаса. Ва цIидасанги ракIалде щвана цо гьадинаб лъугьа-бахъинги. Мунагьал чураяв инсул хабаде щвезе рузман къояз дунги унаан эбелалда цадахъ. Цо нухалда хабзалалъ нижеда ятана нижерго гIагарай, гьабсагIаталда дир бугеб ригьалъул гIадан. НекIого хварай эбелалъул зонода къвалги бан, гIодулей йигоан гьей. Цинги дица эбелалда абуна гьагъалъегIаги эбел щайдайилан. Гьеб дуда жеги бичIчIуларинги абун, гъолде аскIоеги ун, гьейги гIодана. Гьанже бичIчIулеб буго дида дой гIаданалъул магIил багьа… Улбузухъ тIолеб бугеб магIил бакIлъиги бухIиги…
Шамай ХЪАЗАНБИЕВА