Новость на родном

Муфтиясул хIаракат- нилъее баракат

        МахIачхъала-Каспийск шагьранухда, ГIиса (гI.с.) аварагасул цIаралда бугеб рухIияб центр базе байбихьана 2015 соналда. Жакъа къоялде Дагъистаналъул Динияб идараялъул хIаракаталдалъун, халкъалъул кумекалдалъун балеб бугеб гьеб бакIалда гIемераб хIалтIи гьабунги гьабулебги буго. Амма кидаха гьеб бан лъугIизе кколеб, кинал хIалтIаби гьенир гьарун рагIалде рахъун ругел, гьабсагIаталда щиб гьабулеб бугеб? Гьел ва цогидал суалазе...

Новость на родном

Унтулезул къадар дагьлъаниги…

    Коронавирусалде данде къеркьеялъул штабалъул баяназда рекъон, 13 декабралде щвезегIан Дагъистаналда коронавирусалъ унтун вуго 63384 чи. Гьезда гьоркьоса сахлъана 58484 чи, хвана 3057 чи. 12 декабралда республикаялда 158 чи тIадеги унтун ватана коронавирусалъ. Гьебго къоялъ больницаялдаса сахлъун рокъоре риччана 116 чи, хвана ункъоял. Пандемия байбихьаралдаса нахъе дунялалдаго коронавирусалъ унтун вуго 281 148 980 чи,...

Новость на родном

Гъанкъиладай глобализациялъ официалиял СМИял?

    ДРялъул Информациялъулгун печаталъул министерствоялъул квербакъиялдалъун гьал къоязда МахIачхъалаялда тIобитIараб СМИязул форум ахиралде щвана. Форумалда цадахъго «Тарки-Тау» абураб тIахьазул выставкаги, гьединго ДРялъул бетIер Сергей Меликовасул пресс-конференцияги букIана гьениб. «ХIакъикъаталъул» цебесеб номералда кьун букIана гьелъул хIакъалъулъ баянги.   Казакалги хIакимзабиги   Гьаниб тIаде жубазе бегьила гьеб пресс-конференциялдаса цо-цо суалал ва жавабал. Масала, «Спросите у Расула»...

Новость на родном

Ак-Гёлалде лъим бачIана

       Араб анкьалда МахIачхъалаялъул Редукторазул поселокалъул паркалда бугеб гIурус учительницаялъе бараб памятникалда цебе тIобитIана ччугIил ярмарка. Гьелдаго цадахъ Октябралъулаб революциялъул цIаралда бугеб каналалъусан, шагьаралъул къватIазда гъор- кьан ункъо километралъул манзилалда лъурал рогIразухъан Ак-Гёль хIоринибе биччана лъимги. Гьел лъугьа-бахъиназда бан тIобитIараб байрамалъул тадбиразда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул бетIер С. Меликовасги. Каналалъуса бачараб лъеда цадахъго хIоринире...

Новость на родном

МагIарухълъиялъ асир гьавурав Снайдер

       Анкьил байбихьуда республикаялъул жамгIияб гIумруялда жаниб киназго кIвар буссинабураб хIужалъун кканин абизе бегьула СШАялдаса машгьурав речIчIухъан Кайл Снайдер Дагъистаналде гьоболлъухъ вачIин. Социалиял гьинал цIун руго магIарул буртинаги ретIун, магIарул кьурдул бакъаналда гъоркь «лезгинка» кьурди гьабизе хIаракат бахъулев Снайдерил роликазул.    Амма кинабго тартибалда бицинин. СШАялдаса машгьурав гугарухъан декабралъул авалалда вачIана улкаялъул тахшагьар...

Новость на родном

ТIалакъоро магIарда данделъи

     Имамзабазул гIадатлъун лъугьун букIана зама-заманалдасан кIудияб лъугьа-бахъиналда цебе тIолго халкъалъул вакилзабаз гIахьаллъи гьа­бурал мажлисал ахIулеб. Гьеб гIадат батIаго цIакъ тIибитIана Шамил имамасул заманалда. ТIоцебе гьев имамлъун вищулеб гьединаб дан­делъи букIана 1834 соналда ГIанди магIарда. Чачаназулги Дагъиста­налъулги гIорхъода букIиналъ гьеб цIакъ санагIатаб бакIлъун букIана гьединал ишазе.   Амма 1845 соналда данделъи тIобитIизе ккана гьанжесел...

Новость на родном

Вакцина гьабуниги ургъел, гьабичIого таниги…

    Пандемия байбихьаралдаса нахъе нилъер улкаялда COVID-19 ун­тиялъ унтун хвана 278000-ялдаса цIикIкIун чи, сордо-къоялда жанив холев вуго 1200-ялдаса цIикIкIун чи. Щибаб къойил 33000-гIанасев чи унтулевги вуго. Дагъистаналдаги пандемия байбихьаралдаса нахъе 62321 чи унтана, 3010 чи коронавирусалъ унтун хвана. Анлъабилеб декабралда 156 чи тIадеги унтана, щугоял хвана. ТIолгодунялалъул сахлъи цIуниялъул гIуцIиялъул (ВОЗ) Европаялъулаб бюроялъ вакцина...

Новость на родном

Залмул сариназул чвахелоялъукь

КечI дихъе бачIана  эмен къанщидал, Къвал цIун ургъелазул гьиралги раччун. Дида аскIоб чIана, эбел холелъул, Чвахун унеб магIил гIор тIобитIизе. КечI дихъе бачIана кинида лъураб Лъимералде тIаде къулараб мехалъ. Къваридал, пашманал, гIумру бигъарал, ГIадамаца асар гьабураб мехалъ.     Залму Батирова. МагIарул шагIир. Гьелъул сариназул тIамуралъ бачу­неб бакъан щивасул рекIелъе борту­ла. Бокьула, кинабгоги кIочон тун,...

Новость на родном

АхIи базе ккараб хIал буго

     Анлъабилеб декабралда «ХIакъикъат» газеталъул редакциялде рачIун рукIана республикаялъул почалъул хъулухъалъул нухмалъулев (УФПС) МахIач МухIамадовги гьесул заместитель Ангелина Акбулато­ваги.       Миллиял мацIазда риччалел газетазе гьабулеб подпискаялъул къадар цIакъго гIодобе ккун букIиналда бан, гьелда сверухъ гьабсагIат бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ бицине рачIун рукIана гьел.     Мисалалъе босани, миллионалдасаги цIикIкIун чи вугеб магIарулазул аслияб...

Новость на родном

Майнинг — цIогьалищ яги…

    «ЯхI гьечIел майнераз исана сон байбихьаралдаса Дагъистаналда бикъун буго токалъул 41 млн. кВт/ч. Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб Гъуниб ГЭСалъ хIадурулеб электроэнергиялда бащадаб къадар ккола гьеб. Гьадингоги больницабаздегун ясли-ахазде, школазде кье­зе ток гIоларого ругеб мехалда, цо хасал чагIаз жидеего тIокI гьабулеб буго жамагIаталъул хазиналъун кколел ресурсал». Гьедин лъазабуна ТЭКалъул рахъалъ идарабазда гьоркьоб гIуцIараб комиссиялъул...