КечI дихъе бачIана эмен къанщидал,
Къвал цIун ургъелазул гьиралги раччун.
Дида аскIоб чIана, эбел холелъул,
Чвахун унеб магIил гIор тIобитIизе.
КечI дихъе бачIана кинида лъураб
Лъимералде тIаде къулараб мехалъ.
Къваридал, пашманал, гIумру бигъарал,
ГIадамаца асар гьабураб мехалъ.
Залму Батирова. МагIарул шагIир. Гьелъул сариназул тIамуралъ бачунеб бакъан щивасул рекIелъе бортула. Бокьула, кинабгоги кIочон тун, гьелъул чвахиялъухъ гIенеккизе. Гьенисан рагIула МахIмудил хIасратал, пашманал кочIол бакънал, цее тIамула гIашикъго гьел бакъназухъ гIенеккарай Муи, бихьула ХIажимурадил бахIарчияб тIабигIатги. Залмуца жиндирго асаразулъ цIалдолезе рагьула унго-унгояй магIарулалъул жанисеб дунялалъул цо-цо балъголъаби. ШагIиралъул ракI унтун буго Дагъистаналъул къисматалда ва жакъасеб къоялъ дандчIвалел ругел гIузрабаздаги гIунгутIабаздаги.
Залму Батировалъул асараз жакъа кьерхараб дунялалда халкъалъе кьола гвангъиги кунчIиги. Гьелъул сариназул чвахело чвахулеб буго магIарул халкъалъухъе ва гьезиеги гьеб буго гьекъон къеч хьвалареб лъимлъун.
Лъабабилеб декабралда Залмуца жиндирго творчество бокьулел нахъеги данде гьаруна нилъер миллияб гъасда -Авар театралда.
Тадбир рагьана Авар театралъул артистаз. Гьез цIалана Залму Батировалде гьарурал кучIдул.
Цинги цее ячIана Залму. Жиндир кочIол гъасде гьоболлъухъ рачIаразе саламги кьун, гьелъ гьабуна гьадинаб калам:
-Хириял магIарулал! Нужехъе ячIунаго, дица нахъа тана халатаб гIумрудул нух. Дун йиго рагъул соназул лъимер. Дир букIана пашманаб ва захIматаб лъимерлъи. Росулъ магIирукъ гурого, бертин букIинчIо, къватIал цIун рукIана чIегIер барал улбузги лъудбузги ва бесдалго хутIарал лъималаз. Хадуб —бица белъараб, магIица чурараб бергьенлъи. Бергьенлъи щвараб къоялъги гIодулел гIемер рукIана рохулездаса. Хадуб школа, институт, школалда хIалтIи. Школалда ана дир бищунго талихIал сонал. ВатIан букIана тIегьан. Амма, 90—абилел соназ, гьеб кинабго щущазабуна. Гьеб букIана дир гIумруялъе бищун кIудияб захIмалъи. Амма, кидаго цого хIал букIунаро, дагь—дагьккун улкаялъ бетIер эхеде борхизе байбихьана. Арал соназ тана нилъее кIиго жо: лъикIлъиги квешлъиги. Гьеб кIиялъулго бергьенлъи бараб буго нилъедаго. Нилъеда тIадаб буго нилъерго гъасда цIаги, миллиял мацIалги, лъикIал гIадаталги, гIамал—хасиятги, тарихги цIунизе.
Мун, хъущтIун аниги, гIодоб ккун гьечIо,
ГIедегIе, Дагъистан, тIаде борхизе.
Дагьаб тараниги, тIагъур бортичIо,
ЧIухIун балагье мун дуниялалъухъ.
Залму Батировалда байрам баркун кIалъана ДРялъул культураялъул министрасул заместитель Мурад ХIажиев, Пачалихъияб Думаялъул депутат Сайгидпаша ГIумахановасул заместитель Шамхалдибир ГIисаев, профессор, Хъвадарухъабазул союзалъул авар секциялъул нухмалъулев МухIамад МухIамадов, «Гьудуллъи» журналалъул редактор Мурад АхIмадов, Авар театралъул нухмалъулев МухIамад БисавгIалиев, таржамачи Ибрагьим Стамбульский, Хунзахъ районалъул нухмалъулесул заместитель АсадгIали ГIабдуразакъов ва цогидалги.
С. ГIумахановасул рахъалдасан Ш. ГIисаевас Дагъистаналъул халкъалъе гьабураб хасаб хъулухъалъухъ З. Батировалъе кьуна Шамил имамасул цIаралда бугеб орден.
Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул хIукмуялда рекъон, Залму Батировалъе, улкаялъул адабият цебетIезабиялъе гьабураб хIалтIухъ Бунинил цIаралда бугеб медаль кьуна Мурад АхIмадовас.
-Залмул щибаб гали, рагIи, гьабулеб иш буго гIакъилаб, цIодораб, гIадамазе пайда бугеб. Гьелъул пикруги ургъелги щвечIеб нилъер миллаталда хурхараб суал цониги гьечIо. Гьелъул асаразулъ нилъеда ратула бечедаб тарихги, бахIарчиял умумузул къисматалги, жакъасеб къоялъул хIакъикъатги. Залму, дуца нахъа тун буго берцинаб, магIнаяб гIумру. Мун гIадан ва шагIир хIисабалда кIудияб борхалъуде яхана. Амма дур бищун лъикIал асараллъун дица рикIкIуна магIарул намус-яхIги гIаданлъиги чорхолъ бессарал дур васал. Дудаса чIухIула Хунзахъ районги, магIаруллъги, Дагъистанги, -ян абуна Хъвадарухъабазул союзалъул цIаралдасан кIалъазе вахъарав Ибрагьимил МухIамадица.
Залмул творчествоялъе лъикIаб къимат кьуна М. БисавгIалиевасги:
-Хунзахъ районалъ нилъее кьуна гIемерал камилал рагIул устарзаби. Нужецаго халгьабе, чанго гIасрабаз цере ккарал тарихиял лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ хъварал пасихIал фольклориял асаразухъ, масала, Бахтикаде, ГIумма-ханасде гьарурал кучIдул. Хадур ЧIанкIаги, ХIамзатги, Расулги, Фазуги, Сулимановги, ГIабасилавги ва гIемерал анцI-анцI лъикIал шагIирзабиги хъвадарухъабиги. Гьезул кьеразулъе жиндирго гьаракьгун, пасихIлъигун, жиндиего хасиятаб хатIгун ячIана Залму Батирова.
Бигьаяб жо гуро гъваридал, пасихIал рагIул устарзабазул ВатIаналдасаги ячIун, шигIрияб дунялалда хасаб бакI кквезе. Амма Залмуца авар адабияталда кколеб бакI кIудияб ва гвангъараб буго.
Советияб заманалда, Расулица абухъе, шагIирзабазе мухъазухъ мугьал кьолел рукIарал ратани, Залмул гьаракь аслияб къагIидаялъ рагIана гьел тарал, 90-абилел соназда. Батировалъ хъвана гъваридал, пасихIал, щвалде щварал кучIдулги, поэмабиги, прозабиги, драмабиги, публицистикиял асаралги.
Таржамачи Ибрагьим Стамбульскияс цIалана гIурус мацIалдаса гIараб мацIалде жинцаго буссинабураб Залму Батировалъул кечI. Гьес бицана гьеб кечI Сириялъул хъвадарухъабазул гIуцIиялъ къватIибе биччалеб “Дунялалъул литература” абураб мажмугIалда бахъун бугинги.
Авар театралъул артистаз бихьизабуна ДРялъул халкъияй артистка Наира ХIабибулаевалъ Залмул асараздасан гIуцIараб литературиябгун музыкалияб композиция. Балагьаразе цIакъ асар гьабуна МухIамад Дудуевас, Амина ГIабдулатIиповалъ, ХIайбула Хасаевас, МухIамад НухIовас рекIелъе рортиледухъ цIаларал кучIдуз.
Залмул рагIабазда кучIдул ахIана Дагъистаналъул халкъиял артистал Хадижат Жамалудиновалъ, ГIабдула МухIамадмирзаевас, ПатIимат ХIажиевалъ, ДРялъул мустахIикъал артистал ХIамзалав ХIамзаловас, ГIайшат Тажудиновалъ, Шумайсат ГIабдулаевалъ, гIолохъанал кочIохъаби Салим Камиловас ва Рамазан ГIабдулгъаниевас.
ШагIиралда юбилей баркизе авар мацIалъул мугIалим ПатIимат ХIайдарбеговалъул нухмалъиялда гъоркь рачIун рукIана МахIачхъалаялъул №35 гимназиялъул цIалдохъабиги. КIарчамал гьез гьуинго цIалулел шагIиралъул кучIдуз асар гьабичIев чиги залалда хутIун ватиларо.
Тадбир берцин гьабуна “КочIолаб ЧIарада” бихьиназул хоралъул гIахьалчагIазул церерахъиналъги “Лезгинка” ансамблялъул студия-школалъул цIалдохъабазул миллияб кьурдуцаги.
Тадбиралъе ахир лъуна жийго юбиляралъул каламалъ.
З. Батировалъ кIудияб баркала кьуна, гьаб захIматаб заманалъухъ балагьичIого, жийги кIодо гьаюн гьенире рачIаралщиназе.
Биччанте магIарул халкъалъе хирияй шагIир Залму Батировалъул сариназул чвахело жеги гIемерал соназ чвахизе.
МухIамад МАНАПОВ