«ЯхI гьечIел майнераз исана сон байбихьаралдаса Дагъистаналда бикъун буго токалъул 41 млн. кВт/ч. Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб Гъуниб ГЭСалъ хIадурулеб электроэнергиялда бащадаб къадар ккола гьеб. Гьадингоги больницабаздегун ясли-ахазде, школазде кьезе ток гIоларого ругеб мехалда, цо хасал чагIаз жидеего тIокI гьабулеб буго жамагIаталъул хазиналъун кколел ресурсал». Гьедин лъазабуна ТЭКалъул рахъалъ идарабазда гьоркьоб гIуцIараб комиссиялъул данделъиялда.
МагIишат гьабиялъул цIияб къагIида баккун буго Дагъистаналда. Гьелда цIарги ккола майнинг, ай токги бикъун, криптовалюта (электронияб гIарац) гьабулеб къагIида. Гьеб ток бикъизе къайи-къоно лъураб бакIалдаги майнинг-фермайилан абула.
Гьеб рахъалъ нилъер республика СКФОялда тIоцебесеб бакIалде бачIун буго. Щайгурелъул исана араб анцIго моцIида жаниб тIатинабун буго МахIачхъалаялда, Сулейман-СтIал, Гъарабудагъкент, МухIарамкент, Буйнакск, Лаваша ва цогидал районазда лъураб 19 майнинг-ферма. Гьез бикъун буго 98 млн гъурщиде ток.
Гьалщинал ГЭСал ругеб республикаялда зама-заманалдасан росабалъги шагьараздаги ток ссунеб къагIида бичIчIуларого рукIуна гIадамал. Майнинг-цIогьаз ток бикъулеб букIиналъул хIасил букIинеги рес буго гьеб.
ЦIогь гьабиялъул цIияб къагIида бугелъул, Россиялда жеги рагIа-ракьанде щун ургъун гьечIо майнинг-чагIазе гьабулеб тамихI. Амма гьеб гьабизе бегьула ток бикъарал чагIазда тIад лъолеб гIакIа хIисабалда яги кIиго соналъ туснахъалда тIами гIадин.
Чанго къоялъ цебе Шамилхъалаялда батана рехун тараб бакIалда жаниб лъураб токалъул къайи. Унсоколо райадминистрациялдаса щварал баяназда рекъон, гьеб бакI ккола майнинг-ферма. КъотIун руго гьенире рачун рукIарал токалъул кваралги, гьединго гьелъул бетIергьан щивали лъазабизе гьабулеб буго цIех-рехги.
Гьединаб лъабго ферма Болъихъ росдал рагIалдаги батана. Гьеб районалъул администрациялдаса щварал баяназда рекъон, гьелъул бетIергьан Дахадаев районалдаса чи вукIиналда щаклъи ккун буго цIех-рехчагIазул. Амма Болъихъаго чиясул кумек гьечIого, чияр районалдеги вачIун, жинцаго гьединаб цIогь гьабизе лъугьинароанин гьев абураб пикруги буго администрациялъул хIалтIухъабазул.
«Энергосбыталъул» Болъихъ районалда бугеб отделалъул начальник Тулпар Рамазановас бицана Дахадаев районалдаса чияс Болъихъ ижараялъе ракьги босун, цебе шлакоблокал гьарулел рукIараб цехалда жанир лъун ратанила майнингал. Амма гьеб бакIалъул хважаинас абулеб бугила жинда гьеб лъалароанин абун. Гьениб бухIараб токалъухъ гIарацги босулеб букIун буго шлакоблокал режулеб мехалдаго гьениб лъураб счетчикалда рекъон.
«Цо ферма хIалтIун буго анкьалъ. Гьениб бухIун батана 140 азарго гъурщиде ток. Лъабго къоялъ гурони хIалтIичIеб цогидаб фермаялда бухIун буго 36 азарго гъурщиде ток. БитIун бицани, бухIараб токалъухъ гIарац кьолеб бугони, гьеб цIогьлъун рикIкIине бегьуларо. Нижее гIезегIан хайир щолев клиент ккола гьев. Амма ток бикъулеб бугони, гьеб батIияб жо буго. Бикъун батаниги, счетчикалъухъги хал гьабун, гьеб бецIизеги тIамулелъул гьел.
Гьединго нижеда дандги бан лъолел ругони майнинг-фермаби, гIадамаз гIумру гьабулел бакIаздаса рикIкIад лъеян абилаан. Гурони, гьез токалъул кваразде хIалккезабизе бегьула. Жидерго фидерги трансформаторги лъуни, гьез хIалтIизабизе бегьула жидеего къваригIарабгIан электроэнергия. Гьелъухъ энергетиказе лъикIаб гIарацги щола», -ян бицана Т. Рамазановас.
«Россетазул» хIалтIухъабазги бицана майнинг-фермаби рагьулел чагIаз, пачалихъалъе букIине кколеб магъалоги кьун, гьеб хIалтIи тIатун гьабулебани, бюджеталъе гIезегIан хайир ккелаанин абун.