МагIарухълъиялъ асир гьавурав Снайдер

 

 

   Анкьил байбихьуда республикаялъул жамгIияб гIумруялда жаниб киназго кIвар буссинабураб хIужалъун кканин абизе бегьула СШАялдаса машгьурав речIчIухъан Кайл Снайдер Дагъистаналде гьоболлъухъ вачIин. Социалиял гьинал цIун руго магIарул буртинаги ретIун, магIарул кьурдул бакъаналда гъоркь «лезгинка» кьурди гьабизе хIаракат бахъулев Снайдерил роликазул.

   Амма кинабго тартибалда бицинин. СШАялдаса машгьурав гугарухъан декабралъул авалалда вачIана улкаялъул тахшагьар Москваялде. «АЛРОСАялъул Кубок» абураб гугарухъабазул официалияб гуреб турнир букIана гьениб 3 декабралда. Гьенив цеве вахъана нилъер гугарухъабазда гьоркьов бищун тулакав спортсмен ГIабдулрашид СагIадулаевги. 5:1 хIисабгун Македониялъе гIоло цеве вахъунев МухIамадхIажи Нуров къезавуна «Танкица» гьел къецазда.

 

«Дагъистан букIана духъ балагьун чIун»

 

   Гран-При «АЛРОСАялъул» турниралде, хIурматив гьобол хIисабалда, ГIабдулрашидица гьениве ахIарав чи вукIана Кайл Снайдерги, хадув гьенисан Дагъистаналде гьев вачине нигатгун. Гъоркьиса Северияб Осетия-Аланиялъул тахшагьар Владикавказалда букIараб гугарухъабазул турниралде вачIиндал ахIун вукIана ГIабдулрашидица Снайдер республикаялде гьоболлъухъ. Амма лъагIалидасан гурони мугIрузул республикаялде сапар бухьине регIел ккечIого батила, гьал къоязда вачIана Дагъистаналде Снайдер. КIигониги нухалда къезеги гьавун вукIана ГIабдулрашидица гьев. ТIоцебе — Токиоялда тIобитIараб Олимпиадаялъул риидалил хIаязда, хадуб (кIиго моцIидасан гIадин) Норвегиялъул тахшагьар Ослоялда дунялалъул чемпионаталда.

 

   Кинабниги ункъо нухалъ дандчIвана Снайдерги ГIабдулрашидги ургуялда. Гьенив цохIо нухалъ бергьана Снайдер (Париж — 2017 сон). Гьеб бергьенлъи кIочон тезабулеб хIалалда лъабго нухалъ чIелги босана ГIабдулрашидица. Киназдаго ракIалда батила 2018 соналда эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул чемпионаталда, Венгриялъул тахшагьар Будапешталда, букIараб тарихияб реванш. 44 секундалда жаниб Снайдерил мугъ ургуялда цвизабуна ГIабдулрашидица.

 

   Ургуялда бугъби гIадин къеркьолел рукIаниги, гIумруялъулъ бищунго лъикIал гьудулзаби рукIун руго. ТIубанго гьеб якъинлъана Инстаграмалда бугеб жиндирго гьумералда ГIабдулрашидица тараб гьадинаб хъвай-хъвагIаялъ: «Welcome to Dagestan, Snyderman45», — абун хъвана гьес ингилис мацIалда. «ЛъикI щварав, Снайдер, мун Дагъистаналде. Дир ВатIан чIалгIун букIана духъ. Гьанже хIадурго вукIа кавказалъулас гьоболасул гьабулеб хIурматалъул кинабго берцинлъи дудаго бихьизе», — абун. Цоцада къвалалги ран, лъимерлъудасаго цадахъ гIурал гьудулзаби гIадин, гьимулел гьезул сураталъ асар гьабуна гIемерав чиясе. Гьелго разиял гьурмал гIемерал бакIазда паркъана Дагъистаналде щведалги.

 

  Щуабилеб декабралда республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовас тIаде къабул гьаруна хIурматиял гьалбал. ЦохIо Снайдерица гуребги, Ингушетиялдаса речIчIухъан Залимхан Картоевасги бана ГIабдулрашидида гьоболлъи. Залимхан Картоевги ГIабдулрашидил вукIарав «дандияв» ккола. Живго гIахьаллъараб тIоцебесеб Олимпиадаялда, 2016 соналда Рио-де-Жанейроялда, гьесдасаги бергьун вахъун вукIана ГIабдулрашид Олимпиялъул чемпионлъун. Доб букIана ГI. СагIадулаев 86 кг. цIайиялда цеве вахъунеб мех.

 

    Сергей Меликовас гьалбал хIурматалда къабул гьаруна. Снайдерие баркала кьуна, океанги бахун, мугIрузул республикаялде вачIине тIамураб таваккалалъухъ, захIматаб, хIалкъараб мехалда гьаниве щвезегIан вачIине батараб заманалъухъ. Бицана Дагъистан, кьварараб ракь букIаниги, берцинаб, тIогьода росарал расалъабиги, гIазулъан рецIцIулел иццаз берич гьабураб, роцIараб гьаваялъул ракь букIиналъулги. Кьуна къиматал сайгъаталги, цадахъ чIун рахъана сураталги. Гьеб киналъго хинаб асар гьабунин ккола Снайдериеги. Суратазда гьев тIокIав чIечIого гьимулев вукIана.

 

   Меликовасулгун дандчIваялдаса хадур Каспийскиялде ана Снайдерги СагIадулаевги. Гьениб, анкьабилеб декабралда, «Вольник» абураб турнир букIине кколаан. Гьенив цеве вахъине кколаан Снайдерги. Амма гьесул дандияв ЖабрагIил ГIалиханов унтун вукIиналда бан, гьезул дандчIвай нахъбахъана. Кин батаниги, гIадада течIого, Каспийскиялда, ГIали ГIалиевасул цIаралда бугеб спортивияб комплексалда гьитIинабго пресс-конференцияги кьуна Снайдерица.

   Каспийскиялдаса хадуб Снайдер щвана Хасавюрталде. Гьениб гьес гIисинал речIчIухъабазда мастеркласс бихьизабуна. ДандчIвана Гиннессил чIелазул тIехьалде восарав, Хасавюрталдаса гIун вачIунев речIчIухъан МухIамадрасул МухIамадовгун. Сундул хIакъалъулъ гьес Снайдерие бицарабали балъголъилъун хутIана, шавкъалда гьесда цо жо бичIчIизабулев вугоан сураталда гьитIинав речIчIухъан, кIвар кьун гьесухъ гIенеккун Снайдерги.

   Хасавюрталдаса нахъвуссун МахIачхъалаялде щварав американав дандчIвана нилъер цоги речIчIухъан ГIабдусалам ХIадисовгун. Чанго соналъ Снайдерги гьевги дунялалъул чемпионаталда дандчIван рукIана. Гьениб ГIабдусаламие битIккун букIинчIо.

 

 Бокьана Снайдерие магIарухъ хIадур гьабураб тIагIам

 

   Лъабго къоги гIодоблъиялда бан, гIемерал бакIаздеги щун, микьабилеб декабралда жиндирго ватIаналде, ЧIарада районалде ана гьалбалги рачун ГIабдулрашид. ЦIуриб гьел рачIиналде кинабго хIадурун букIана. Вертолеталдаса гьел рещтIиндал, гIадатлъун билълъухъе, чед-цIамгун дандчIвай гьабуна гьезда. МагIарул корохъ бежараб чадил тIагIамалъул хIал бихьидал, разиго хутIана Снайдерги. Гьалбадерилгун аслияб дандчIвай букIана ЦIуриб бугеб спорткомплексалда. ГьитIинавги кIудиявги, гIемерав чи вакIарун вукIана гьениве, океанги бахун мугIрул тIогьиб бугеб росулъе щвезегIан вачIарав речIчIухъанасухъ балагьизе. КучIдул ахIана, кьурдана. ЧIарадисезул хъабал юкка ретIарал гIолохъанал ясаз кьурдизе къабул гьавуна Снайдерги. Расги лъачIониги, хIетIеги босана, гIебеде кверги битIун, махщелго гьечIониги кьурдизе хIаракатги бахъана. «Балагье, балагье Снайдер «Лезгинка» кьурди гьабулев», — илан, интернеталде рехараб роликалъ Дагъистанго цIуна. ГIабдурашидида цадахъги вахъана гьев кьурдизе. Къокъаб хIасил, Снайдерил кьурдиялъ гIемерав чиясе асар гьабуна. Кинав американавин гьев вукIунев, магIаруласдаса къосараб бакI гьечIин гьесулин абулелги камичIо.

 Ихтилаталдаса хадуб рагIи кьуна Кайлие.

 -Дир гIумруялда жаниб чанго батIияб пачалихъазде щвана дун, Европаги бихьана, Азиялъул ракьалдаги сверана, амма Дагъистан гIадаб берцинаб бакI дида батичIо. ХIакъикъаталдаги гьайбатаб ракь букIун буго нужер. Дун пана гьавуна мугIруз ва магIарухълъиялъул тIабигIаталъ.

ЦIакъго бокьана нужер миллияб квен-тIехги. ТIадегIанас хъван батани, тIаде-хариялъулги вачIине вуго нужехъе гьоболлъухъ. Амма цадахъ хъизанги ячун. Гьелда нужерго тIагIамаб квен-тIех гьабизе малъизе букIине, — ян абуна Кайл Снайдерица.

 

МагIарул буртина, магIарул тIагъур

 

  ЦIурисан гьел ана ГIабдулрашидил инсул росулъе — Гьилире. Гьенибги гIемераб жоялъ гIажаиблъизавуна Снайдер. Хасго гьесие асар гьабуна цоцалъ рекIун гьарурал ганчIил къадазул минабаз. ХIакъикъаталдаги Европаялъул цебегосеб архитектураялдаса къечIеб берцинлъиялъул хатI буго чIарадисезул ганчIил устарзабаз рарал къадазул. ЦIар бугел къадал устарзаби рахъараб бакI ккола Къарал мухъ.

  Гьединаб букIана ЧIараде гьабураб Снайдерил сапар. Гьобол-гьудуласда умумузул ретIел ретIунеб гIадат гьеб къоялъ ЧIарадаги хвезабичIо. Снайдерие гьез сайгъат гьабуна магIарул буртинаги гъалараб вехьасул тIагъурги. Гьебги тIад ретIун, борчун ханжаргун гьимулев вукIана гьевги.

 

ЦIурисан гьел ана Шамил районалде. Гьоор росулъ ругел некIсиял сиял рихьизе вачана Кайл Снайдер. ЛъикIаб дандчIвай гьабуна гьесда гьенибги. Гьоор росулъе гIемерал туристал щай хьвадулелали гьанже бичIчIанин жиндайин абуна Кайлицаги. ЦIакъ берцинаб тIабигIаталъул бакI бугин нужер ракьилан цоги нухалдаги мукIурлъана гьев.

 

  10 декабралда гьев цеве вахъине вуго Хасавюрталда, Ш. ГIумахановасул цIаралда бугеб халкъазда гьоркьосеб турниралда. Ургуялда нилъеда гьев гIемер вихьана. Амма магIарул мох-мохгун, кьагIрил гьанада кIутIулев, «лезгинка» кьурдулев вихьун вукIинчIо.

   Цогидазул иш лъаларо, амма дие цIакъго рекIелъ босана Снайдерил гIадатлъиги, сабурлъиги, магIаруллъиялда гьес бараб берцинаб гьоболлъиги.

   Гьобол-гьудуласул кидаго къимат букIана магIарухъ. Хасго умумузул заманалда цIакъго ссиялда букIана гьезие гьабулеб хIурматги. Лъабго къо бачIого гьоболасда цIар гьикъулеб гIадат букIинчIо умумузул. Амма Снайдерил цIар гьаниве вачIиналде щуго соналъ цебего лъалеб букIаралъул, Дагъистаналда гьес бараб лъабго къоги тарихалде араблъун рикIкIине бегьула.

 

Ашахан ЮСУПОВ