Пандемия байбихьаралдаса нахъе нилъер улкаялда COVID-19 унтиялъ унтун хвана 278000-ялдаса цIикIкIун чи, сордо-къоялда жанив холев вуго 1200-ялдаса цIикIкIун чи. Щибаб къойил 33000-гIанасев чи унтулевги вуго.
Дагъистаналдаги пандемия байбихьаралдаса нахъе 62321 чи унтана, 3010 чи коронавирусалъ унтун хвана. Анлъабилеб декабралда 156 чи тIадеги унтана, щугоял хвана.
ТIолгодунялалъул сахлъи цIуниялъул гIуцIиялъул (ВОЗ) Европаялъулаб бюроялъ вакцина гьабичIел гIадамал рикIкIунел руго коронавирус тIибитIиялъе аслиял гIайибияллъун. Гьединго дагьаб цебегIан, Татьяна Голиковалъги лъазабун букIана Минздравалъ хъвай-хъвагIай гьабунин 12-17 сон барал лъималазе хIадурараб вакцинаялъулин абун. Гьелъул лъикIал хIасилал ккани, декабралъул ахиралда къватIибе биччазеги бегьулин гьебилан. Лъималазеяли щай гурин, жидеегоцин вакцина гьабизе жеги хIинкъулел руго гIемерисел. Щайха цо-цо гIадамал вакцинаялде данде ругел? Прививка гьабуразда дандчIвалищ киналгIаги захIмалъаби?
Вакцина гьабуразулги, гьабизе ракIалда бугезулги, гьелда данде чIаразулги пикрабазул цIех-рех гьабуна нижеца.
Вакцинаялъ унтудаса цIунанищ?
Исана республикаялде тIоцересел вакцинаби рачIараб заманалда нижер ва цогидал миллиял редакциязул хIалтIухъабазул коронавирусалде данде антителаби ругищали хал гьабун букIана. COVID-19-ялде данде антителаби гьечIев чанго хIалтIухъанасе вакцинаги гьабуна. Вакцинаялдаса хадуб киназулго цого гIаламаталги рукIана. ТIоцебесеб кIиго къоялъ гъеж унтулеб букIана. Киназдаго гьоркьоса цо чиясул вакцина гьабун хадуб тIоцебесеб сордоялъ цIа-канги бахана. Цо-цоязе жиндир заманалда электроннияб сертификат ва QR-код щоларого квалквалалги рукIана. Хадубккун август моцIалда цогидал хIалтIухъабазеги гьабуна вакцина. Гьезул цо-цоязул ва батIи-батIиял хъулухъазда ругел гIадамазул пикраби кьолел руго гъоркьехун.
Мадина ХIажимаева, журналист: «Россиялда коронавирусалде данде вакцина бахъун бугин рагIаралдаса нахъе гьелъул хIакъалъулъ цIалулаан ва цIех-рех гьабулаан дица. Чанго батIияб вакцинаялда гьоркьоса Гам-КОВИД-Вак тIаса бищана щайгурелъул гьеб цогидалде дандеккун дагьаб загIипаб бугин ва аллергия дагь букIунин бицунеб рагIидал. Эбелалъги гьабуна дидаго цадахъ гьеб вакцина. ТIоцебесеб къоялъ гъеж унти гурони, батIияб асарго гьабичIо. Эбелалъулин абуни тIоцебесеб къоялъ цIа-кан бахунеб букIана. Гьале анкьго моцI ана гьеб гьабуралдаса, жеги я грипп, я коронавирус унти бахун ниж унтичIо. Дагьал церегIан къоязда анализал кьун рукIана коронавирусалде данде антителаби хутIун ругищали хал гьабизе. Жеги гIураб къадаралда антителаби ругин абуна тохтурасги.
Вакцина гьабуралдаса гIемераб заман аниги, жеги QR-код щолеб гьечIо дие. Сентябрь моцIалдаса нахъе МФЦялде чанго нухалда щвана дун «Госуслуги» порталалдасан QR-код гьабизеян. Гьезги цин программа хIалтIулеб гьечIин, хадуб цогидаб багьана батун нахъчIвалей йиго».
Хадижат ХIасараева, ДГСХАялъул хIалтIухъан: «Коронавирусалде данде вакцина риидалго гьабуна. Байбихьуда гъеж унтулеб букIана. ТIокIаб батIияб хIалхиси лъугьинчIо. QR-кодги вакцинаялъул кIиабилеб бутIа гьабун хадусеб къоялъго бачIана «Госуслугаялде».
МухIамад (фамилия ва хIалтIулеб бакI бицинчIо): «ХIалтIуда нижеда лъазабуна бихьизабураб заманалда вакцина гьабейин, гурони гIарац кьолареб отпускалде ине кколин абун. Гьеб мехалда, кигIанго васвасдулев вукIаниги, вакцина гьабизе ана дунги. Вакцинаялдаса хадур гIадамал хванин бицунел харбазги хIинкъизавун вукIана. ТIоцебесеб кIиго къоялъ гъеж ва бетIер унтулеб букIана. Вакцина гьабун хадуб моцIидасан дун коронавирусалъ унтана. Гьеб букIана дунялалдасаго ракI буссараб ва гьебго заманалда рухIги хиралъараб заман».
ПатIимат, учительница: «ХIалтIуда нижеда лъазабуна вакцина гьабичIого бегьуларин абун. Дицаги гьабуна гьеб. Гьабун хадуб дагьаб мехалъ гъеж унтулеб букIана. Гьанжейин абуни сахлъиялъе щибго къварилъи гьечIо. Вакцинаялъул хIакъалъулъ рицунел гIемер батIи-батIиял харбазухъ гIенеккани, гьеб гьабурав чи лъагIалидего «доб дунялалде» вачун ине кколаан. Дие гьелъ батIияб асарго гьабичIо. Вакцина гьабеян абун, гьелде гIагарлъи ва лъалел гIадамал ахIизеги дида кIоларо, щайгурелъул дир рагIабаздаса хадуб вакцинация гьабурав чи нагагь унтани, гIайибал чIвазе тIоцере дихъего рачIине ругелъул. Вакцина гьабун хадуб кIиго моцIидасан гурони унтуда дандечIолел жал чорхолъ лъугьунел гьечIо. Гьеб кIиябго моцIида жанибги унтизе рес бугин абулеб буго тохтурзабаз. Гьединго абулеб буго вакцинациялъ коронавирусалдаса тIубангоги цIунуларин, амма гьеб гьабурал захIматгоги унтуларин».
ХIалимат, кIиго лъимадул эбел: «Дица инкар гьабула коронавирусалде данде бугеб кинаб букIаниги вакцинаялдаса. Къокъабго заманалда гьабураб, гIемераб хIалбихьиги гьабичIеб вакцинаялъ нилъ хвасар гьарилин абураб жоялда дун божуларо. Дица къойилго цIалула вакцинаялъул хIакъалъулъ батIи-батIиял цIар рагIарал гIадамаз бицунеб информация. Гьаб унтиги нилъеде ургъунго тIамураб жо бугин, бечедал гIадамазе дунялалъулго халкъ дагь гьабизе хIажат бугин хъвалеб бугоан Интернеталда. Вакцинабиги ургъунго нилъ тIагIинаризе къватIире риччалел жал ругин рикIкIунеб буго цо-цояз. Щиб лъалеб, гьеб хабар битIарабги батизе бегьула».
Fatima_85 (инстаграм): «Коронавирусалде данде вакцина гьабизе бокьун буго. ГIемерисез вакцина гьабуни гьеб унти сабаблъун холезул къадарги дагьлъилин ракIалде ккола. Дир росасги гьабуна вакцина, кинабгIаги хIал хисиги ккечIо гьесул. Лъаларо нилъер улкаялда гьабураб кинаб вакцина бищун лъикIаб бугебали, амма дие бокьилаан СагIудиязул ГIарабиялъ лъикIаблъун рикIкIунеб вакцина гьабизе».
Барият, экономист: «COVID-19-ялде данде прививка дица ихдалго гьабун букIана. Гьелдаса хадуб «Госуслуги» порталалде QR-код бачIунарого саламатаб заман бана. Гьелъул цIех-рех гьабулаго, дир сертификат цогидазе бичун букIин тIатана. Прививка гьабун букIараб поликлиникаялдеги ун цIех-рех гьабидал, дир сертификаталда хъвазе кколеб номер цогидай гIаданалъе бичун букIин лъана. ПалхIасил, дие вакцинаги гьабун сертификаталда хъвазе кколеб букIараб номер гIарац кьун гьеб босарай гIадамалъул сертификаталда хъван батана. Гьеб хIужа сабаблъун дие вакцина гьабурай медицинаялъул хIалтIухъан ихтияр цIунулел гIуцIабазул халгьабиялда гъоркь йиго».
Социалияб цIех-рех
Социалиял гьиназдасан ва цогидал бакIазда дандчIварал батIи-батIиял хъулухъазда ругел яги хIалтIуда гьечIел гIадамаз вакцинациялъул хIакъалъулъ пикраби рицунелъул жидер цIар хъвагеян гьарана. Цо-цоял хIинкъулел руго жидер пикруялда божун вакцина гьабизе бокьарав чи рекIекълъилин абун. Цогидазин абуни коронавирус гIодобцине ккани вакцинаялъ гурони кумек гьабуларинги абулеб буго.
Вакцинаялъул пайдаялда, гьелъ кьолеб хIасилалда божунгутIиялъе гIиллаби цIехон цо чанго суал лъун букIана нижеца социалиял гьиназда. БатIи-батIияб ригьалъул ва хъулухъалъул гIадамазда гьоркьоб гьабураб цIех-рехалда гIахьаллъана гIага-шагарго 200 чи.
— COVID-19-ялде данде прививка гьабунищ нужеца?
-ГIемерисез жаваб кьолеб буго гьабичIин. Гьелъие гIиллалъунги бихьизабулеб буго вакцинаялъул пайдаялда божилъи гьечIин. Цо-цояз хъвалеб буго вакцинаялъул хIалбихьиял гьарун лъугIидал ва гьеб жеги лъикIлъидал гьабизе ракIалда бугин. ЦIех-рех гьабуразул 40 проценталъ жаваб кьолеб буго вакцина гьабунин абун.
— COVID-19-ялде данде вакцинабазул кинал гIунгутIаби ругин нужеца рикIкIунеб?
-Гьаб суалалда гъоркь батIи-батIиял комментариял ругоан: «вакцинаялъ сахлъиялъе зарал гьабилин хIинкъула», «вакцинаялъул хIакъалъулъ гIураб къадаралда информация гьечIо», «вакцинаялъул пайдаялда божуларо», «вакцина гьабизе хIалица тIамулел рукIин».
— Коронавирусалде данде кинаб вакцина лъикIаблъун рикIкIунеб нужеца?
-ГIемерисез «Спутник Лайт» ва «Спутник V» тIаса бищулеб бугоан. Цо-цояз жаваб кьолеб буго цогIаги вакцинаялъул пайдаялда божуларин.
— Коронавирусалде данде вакцина гьаби щивасда тIадаб ишлъун гьаби битIараблъун рикIкIунищ нужеца?
-Вакцина тIадаблъун гьабиялда щивго рази гьечIоан. COVID-19-ялда данде вакцина гьабилищ яги инкарищ гьабилебали гьеб щивасул иш бугин рикIкIунеб буго цIех-рехалда гIахьаллъараз.
«Щивав чияс жидецаго хIукму гьабизе ккола вакцина гьабилищали. Квешаб букIа, лъикIаб букIа Интернеталдаса бицунеб жоялъухъги гьенисан кьолел «гIакълабазухъги» гIинтIамизеги бегьуларо», -ян хъвалеб буго тIадехун рехсараб суалалда гъоркь. ГIемерисез рикIкIунеб буго вакцина гьабизе хIалица тIамиялъ гIадамазул ракIбуссинабулеб бугин. Законалда рекъон, вакцина гьабичIел хIалтIудаса рахъизе ихтияр гьечIониги, вирус гIодобцинегIан хIалтIуде хьвадизе риччазе гьечIин абун лъазабун букIана исана риидал. ГIемерисез ракIалдаго букIинчIониги ва бокьичIонигицин гьабуна гьеб мехалда прививка. Гьединаб кьварараб лъазабиялъ гIемерисезулъ васвасдиги хIинкъиги бижизабун букIана. Цо-цояз гIарац кьун сертификатал росизе байбихьана. Гьеб иш гьабулаго тIадккурав чанго тохтурги тамихIалде цIан вукIана.
ПатIимат СУЛТIАНМУХIАМАДОВА