Новость на родном

Баракатаб батаги 2022 сон!

    ХИРИЯЛ МАГIАРУЛАЛ!   Ахиралде щвана 2021 сон. Кинабха гьеб букIараб нилъее ва Дагъистаналъул цогидалги халкъазе? Гьеб рахъалъ хехго рекIелъе бачIунеб аслияб пикру загьир гьабуни, баракат бахъараб сон букIанин абизе бегьиларо. Нилъер миллаталъулги гIемерал сахал васалги ясалги, коронавирусалъул унти ккун, дунял тун араб соналде дандеккун, гьеб унти дагьабго нахъбекизабизе бажарараб сонгIаги букIана. ГIадамазулъ рекIел...

Новость на родном

Нусго сон бараб гIолилазул газета

    Исана 100 сон тIубана «Молодёжь Дагестана» газета къватIибе биччазе байбихьаралдаса. Гьал къоязда гьеб кIодо гьабизе данделъун рукIана батIи-батIиял соназда гьенир хIалтIарал журналисталги гьезул гьудулгьалмагъзабиги.   Байбихьуда «Молодой дагестанец» абураб цIаралда гъоркь Буйнакскиялда къватIибе биччалеб гьелъул бетIерав редакторлъун вукIун вуго Самуил Эпштейн. Хадуб, «Дагестанский комсомолец» абун цIарги хисун, 1932 соналда МахIачхъалаялда биччазе лъугьана. Цо-цо...

Новость на родном

 «Меседил цIум-2021»

  28 декабралда МахIачхъалаялда тIобитIана журналистазул «Меседил цIум» абураб премия кьеялъул тадбир.                                                      Журналистазда ЦIияб сонги баркун, ДРялъул Журналистазул союзалъул председатель ГIали Камаловас киназего лъикIабщинаб гьарана. Гьелдаса хадуб кьуна «Россиялъул Журналистазул союзалъул къадруя лъул гIаламатал». Гьезие исана мустахIикълъана «Дагъистан» ГТРКялъул директор Луиза ГIалихановаги, гьебго компаниялъул хIалтIухъан Байзат ГIабдусамедоваги, «Будни района» абураб газеталъул бетIерав редактор Асадулла...

Новость на родном

Парахатаб гIумру ва диназда гьоркьоб рекъел

    27 декабралда тIобитIана Миллатаздаги диназдаги гьоркьосел бухьеназул рахъалъ ДРялъул бетIерасда цебе гIуцIараб советалъул данделъи. Гьеб нухда бачана ДРялъул хIукуматалъул председателасул заместителасул ишал тIуралев Рамазан Жапаровас. Данделъиялда бицана гIолеб гIелалъе тарбия кьеялъулги, экстремизмалдегун терроризмалде данде къеркьеялъулги ва 2025 соналде щвезегIан къабул гьабураб РФялъул Пачалихъияб миллияб стратегия гIумруялде бахъинабиялъулги мурадалда гьабулеб хIаракаталъул хIакъалъулъ.   Рехсараб...

Новость на родном

ХIисабал ва хIасилал

      ТIолабго дунялалда ва улкаялдаго гIадин, ковидалъ унтаразул ва хваразул рахъалъ ахIвал-хIал малъичIого тани, 2021 сон нилъер республикаялъе батIаго хIаталдаса ун захIматаб букIанин абизе бегьиларо.   Тасдикъ гьаруна ДРялъул нухмалъулевги хIукуматалъул председательги. ЦIияб соналъул байбихьуданиги тасдикъ гьаризе ратила хIукуматалъул вакилзабиги. Сергей Меликовас абуна жив цин гьезул хIалтIул хIасилазухъ балагьилин, хадуб къотIилин хIукмуян.  ...

Новость на родном

ЛъагIалил гIуж борцун ракулел цIаял

       ЦIи-цIиял рекIелгъеял цIикIкIанагIан хисулел умумузул гIадатазул пикру гьабичIого хутIуларо. Гьел цояз какула — бусурбабазе бегьулеб къагIида гурин, цогидаз реццула — росу чIаголъизабулел, рекIее цIилъи кьолел гIадатал ругилан. Жакъа бицен гьабизе бокьун буго, Дагъистаналъул цо-цо росабалъ цIунун хутIараб, хасел чIеялъул сордо кIодо гьабиялъул. Гьебги букIуна декабралъул 21-22 къояз. Хасалил бищун халатаб сордоялъ аслияблъун...

Новость на родном

Нуцалзабазул тарих ва гIумру данде гьабураб мажмугI

  Гьал къоязда МахIачхъалаялъул «Россия – тарихияб парк» музеялъуб тIобитIана тарихчи ва публицист Маркъо ШагIбановасул «Аваразул нуцалзаби» абураб тIехьалъул презентация. Гьенив кIалъазе вахъанщинас лъикIаб къиматги кьуна тарихчиясул гьеб хIалтIуе. Ислам бачIиналдего цIакъго цересел гIасрабаздаса байбихьун, магIаруллъиялда рукIарал нуцалзабазул рагIа-ракьанде щвараб тарих кьун буго гьелда. Жинцаго Маркъоца бицухъе, 15 соналъ бакIарун буго гьес гьелъие материал. —...

Новость на родном

Дунял сверулаго, санал аниги, ракIалъ мун Хунзахъе  цIалев вукIана

    Тарихчи вахъинелъун цIаларав ГIабдулхаликъ ХIажиев 29 соналъ хIалтIана КГБялда. Гьелда гьоркьоса 25 сонги къватIисеб разведкаялда — СШАялда, Европаялда, Азиялда, Африкаялда – ана гьесул.  ГIабдулхаликъ гIумруялдаса ватIалъана 2006 соналда. Гьев вукъун вуго Хунзахъ. Гьеб киналъулго бицунеб буго ГIабдулхаликъил вас, Москваялда гIумру гьабун вугев ХIажимурад ХIажиевас.  Гьев ккола РФялъул президентасда цебе гIуцIараб ДРялъул официалияб вакиллъиялъул...

Новость на родном

ХIикматаб гьунарги хIалхьи гьечIеб хъулухъги насиблъун батана дуе

  20 декабралда Россиялда кIодо гьабула чекистазул къо. Улкаялъул ХIинкъи гьечIолъи цIуниялъул хъулухъалда батIи-батIиял соназда гIемерав чи хIалтIана нилъер республикаялдасаги. Гьезул чангоял церего къаникье ана, гIемерисел мустахIикъаб хIалхьиялда руго, цо-цоял жакъаги хIалтIулел руго. Жакъа чIаго гьечIел, амма гIемерал соназ КГБялъул гIуцIиялда хIалтIаразда гьоркьов бищун машгьуравлъун рикIкIине бегьула Хунзахъа разведчик-дипломат ГIабдулхаликъ ХIажиев. Исана гьев гьавуралдаса тIубала...

Новость на родном

  ТIасияб соналде бюджет къабул гьабуна

    22 декабралда тIобитIараб ДРялъул Халкъияб Собраниялъул иргадулаб сессиялда къабул гьабуна тIасияб соналде гIуцIараб республикаялъул бюджет.    Гьелъулъ аслияб бакI ккола медицинаялъ, спорталъ, лъай кьеялъ ва социалияб рахъалъ гIадамал цIуна-къаялъ.    Цебесеб нухалда гьеб гьоркьоб лъедал, депутатаз гьарурал тIасанкIалъаялги хIисабалде росанин гьанжеян бицана бюджеталъул, финансазул ва налогазул рахъалъ комитеталъул председатель Марат Ильясовас.    Гьедин,...