Новость на родном

«Солдатазго гIадин, тIубазабизе кколаан министерствоялъул амру»

     Кавказалъул рагъул заманалда ТIасияб Хъараниб имам Шамилил гун гIурусазул букIараб рагъулги, кидаяли жидер росу бакьулъан арал НикIалай пачаясулгун гьесул чукъбузулги, Александр Дюмалги, Багратионилги, гIурусазул машгьурал художниказулги хIакъалъулъ гIажаибаб шавкъалда ПатIиматица бицунеб харбихъ гIенеккидал, гьей тарихчIужу ятилин ккезе бегьула. Гьединго, цо хIухьладалъун гьелъ бицуна батIи-батIиял халкъазул тарихалъулги, культураялъулги, магIишаталъулги хIакъалъулъ.    Амма ПатIимат ХIажиева...

Новость на родном

Чияде ккечIеб гIумруялъе гIоло

        Дагьал церегIан къоязда «Жизнь без слез» абураб инвалидазе кумек гьабулеб Дагъистаналъул регионалияб жамгIияб гIуцIиялъул минаялъуб рагьана батIи-батIиял махщелал малъулеб центр. Чияде ккечIого гIумру гьабизе ругьун гьарула инвалидал гьеб жамгIияб рагьиялъ. Централда гIисинал мастерскаял рагьиялъул проект гIуцIун буго «АбсолютПомощь» абураб гурхIелрахIмуялъул фондалъул гранталда рекъон.      «Жизнь без слез» ДРООПИ гIуцIун букIана...

Новость на родном

Учительзабиги, туристалги, гIи-боцIиги

    ГьанжегIагар ДРялъул нухмалъиялда тIобитIараб данделъиялда хIасилал гьаруна 2021 соналда социалиябгун экономикияб рахъалъ ре спубликаялда ккараб цебетIеялъул.   ДРялъул бетIерасул официалияб сайталда хъвавухъе, гьединал хIасилазда гьоркьоб Сергей Меликовас рехсолеб буго инфраструктура лъикIлъизабиялъул мурадалда гIуцIарал проектазе федералияб централъ къарзалъе гIарац биччай — 10,5 млрд гъурущ. Гьелъул цо къадар харж гьабизе буго МахIачхъалаялда гьекъолеб лъел суал...

Новость на родном

«Амма гьитIинаб ракь, ракьа кинигин, бокьун гьечIо бацIил кIалдиб бихьизе»

      ТIоцебесеб февралалда «ХIакъикъат» газеталъул редакциялде данделъун рукIана магIарулазул гIелмиябгун творческияб интеллигенциялъул вакилзаби. Гьел гьенир данделъиялъе букIана лъабго гIиллаги. Редакциялъул хIукму ккана газеталда цебе кидаго хIалтIулеб магIарулазул жамгIиял церехъабазул совет гIуцIизе. Гьелъ гIатIидго рорхизе руго нилъер миллияб басмаялда, маданияталда, гьединго мацIалда сверухъ раккун ругел унтарал суалал. Щиб гьабизе бегьулеб ва кинал ресал ралагьилел...

Новость на родном

ХъахIилаб цIатаридул бадиреги балагьун…

Араб анкьалъул ахиралда республикаялде бачIун букIана «Газ- пром» ПАОялъул вакилзабазул къокъа. Гьелъул генералияв директор Алексей Миллерил тIоцевесев заместитель Виталий Меркуловасул бетIерлъиялда гъоркь делегация щвана республикаялъул ХъахIаб Рокъоре ва тIобитIана данделъи. Гьелъул аслияб хIасиллъун ккана 2025 соналъул ахиралде республика тIубанго газалдалъун хьезабизе гьабураб хIукму. ПалхIасил, магIарухъ бищунго рикIкIад бугеб минаялъубги, спичка хъинтIарабго гваргъан хъахIилаб цIа бакулеб...

Новость на родном

ХIижаб -намусалъул къолден

       ТIоцебесеб февралалда дунялалъул гIемерисел улкабазда кIодо гьабула хIижабалъул къо. Нилъер республикаялдаги, цебеялде дандеккун, гьеб парз кколеб къагIидаялъ тIубазе хIаракат бахъулеб буго. Чанго соналъ цебе хIижаб ретIарай чIужугIаданалъухъ ралагьулаан хъахIаб гъадихъ киниги. Эбел-эменцин дандечIун рукIунаан ясалъ хIижаб ретIиялда. Гьезул рахIатхвеялъеги гIиллаби рукIана доб заманалда. ГIицIго квералги гьумерги хутIизегIан черх бахчараб партал ретIарай гIолилалда...

Новость на родном

Дун гьаюна мугIрузда

     Гьадинаб цIаралда гъоркь Фазу ГIалиева ракIалде щвезаюлеб тадбир тIобитIана араб анкьалда Расул ХIамзатовасул цIаралда бу- геб миллияб библиотекаялда. Тадбир нухда бачана библиотекаялъул хIалтIухъаби, гIагараб ракь лъазабиялъул отделалъул нухмалъулей ПатIимат МуртазагIалиевалъ, культуриял программабазул отдела­ лъул нухмалъулей Ольга ГIалиевалъ ва Хъвадарухъабазул союзалъ- ул авар адабияталъул секциялъул нухмалъулев, профессор МухIамад МухIамадовас.   Гьез цоги нухалда ракIалде...

Новость на родном

Дир гIумрудулъ гIагараб школа

      Нилъер гIумруялда школа гьечIеб росу ва шагьар цебечIезабизе захIматаб жо буго. 1861 соналдаго цIар рагIарав лингвист-гIалимчи П. К. Усларица Дагъистаналда суал борхулеб букIана хъвай-хъвагIай жеги гьечIел мацIазда цIали гьабизе алипба (алфавит) ургъизе ккеялъул. Гьеб масъала тIубана нилъер магIарул цересел гIалимзабазул кумекалдалъун.      Казбек районалъул Гуни росуги ккола районалда тIоцебе школа рагьарал...

Новость на родном

«Мунго дудаго божичIони, магIишат цебетIоларо»

      Шамил районалъул МачIадаса АхIматIов Ибрагьим лъаларев ва гьесул бицунеб рагIичIев чиги къанаг1атги ватиларо магIарулазда гьоркьов. Гьес нухмалъи гьабулеб Гъизляралъул «Концерн КЭМЗ» ОАОги буго дунялалдаго машгьураб предприятие. Хасго чIахIи-чIахIиял заводазда тIад цебего къоноги чIвараб, заманаялъул «гудракьа рорчIизе» кIвечIого гьел хIурудахъ араб мехалъ, жакъаги АхIматIовас нухмалъи гьабулеб заводалъул гуч буго.     Араб анкьалъул...

Новость на родном

«БатIи-батIиял рукъалаби рараб юргъанлъун бихьула Дагъистан»

  «Ахираб заманалда этнографиялдехун бербалагьи хисулеб буго. ГIадамазе бокьулеб буго жидергоги цогидал халкъазулги гIадатал ва рукIа-рахъин лъазабизе. Цо-цояз абуни гьелъие гIоло жидерго махщелцин хисизабулеб буго. Масала, тохтурас лъазабулеб буго умумузул заманалда букIараб халкъияб дару-сабаб, гьанжелъагIан музеязда яги кабинетазда жанирги чIун гIелму лъазабулел рукIарал гIадамал рахъунел руго некIсиял росабалъе хьвадулел гидал-оператораллъун. Амма этнографиялъе кьучI лъезе ккола...