«Амма гьитIинаб ракь, ракьа кинигин, бокьун гьечIо бацIил кIалдиб бихьизе»

 

    ТIоцебесеб февралалда «ХIакъикъат» газеталъул редакциялде данделъун рукIана магIарулазул гIелмиябгун творческияб интеллигенциялъул вакилзаби. Гьел гьенир данделъиялъе букIана лъабго гIиллаги. Редакциялъул хIукму ккана газеталда цебе кидаго хIалтIулеб магIарулазул жамгIиял церехъабазул совет гIуцIизе. Гьелъ гIатIидго рорхизе руго нилъер миллияб басмаялда, маданияталда, гьединго мацIалда сверухъ раккун ругел унтарал суалал. Щиб гьабизе бегьулеб ва кинал ресал ралагьилел нилъеца иш рукIалиде бачIинабиялъе? Гьел ва цогидал суалал гьоркьор лъун, кIудияб хIалтIи цебе бачине буго бицен гьабулеб советалъ.

   Гьединго пикру ккана нилъер миллиял церехъабаз нахъе тараб бечедаб нахърател цIигьабиялда тIад хIалтIулеб, Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб «РухIияб ирс» абураб фонд гIуцIизеги.

   Ва лъабабилеб, ракIалда буго, Аллагьас хъван батани, исана ихдал «ХIакъикъат» газета гIуцIаралдаса 105 сон тIубаялда бан, МахIачхъалаялда миллияб фестиваль тIобитIизе.

   Редакциялде рачIаразда гъорлъ рукIана шагIирзабиги, гIалимзабиги, жамгIиялгун политикиял церехъабиги.

   Гьел ккола Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул нухмалъулев, Халкъияв шагIир МухIамад АхIмадов, Халкъияб Собраниялъул депутат, Гумбет районалъул Гьарадерихъа ГIабдулвахIид Лабазанов, РАНалъ ул ДФИЦалъул профессор, физикаялъулгун математикиял гIелмабазул доктор Ибрагьимхан Камилов, филологиял гIелмабазул доктор, Хъвадарухъабазул союзалда цебе бугеб Авар секциялъул нухмалъулев МухIамад МухIамадов, «Газпром Газораспределение Дагестан» ОАО­ ялъул вукIарав нухмалъулев, цеве республикаялъул хIукуматалъул вукIарав вице-премьер Ризван ГъазимухIамадов, халкъияв шагIир ва публицист МухIамад ХIамзаев, магIарулазул шагIир «Авар басмабазул цолъиялъул» нухмалъулев МухIамадрасул ГIумаров, ДРялъул халкъияв артист, композитор Каримулла ГIабдулаев, ДРялъул мустахIикъав артист ХирамухIамад ХирамухIамадов, машгьурав экономист, жамгIияв хIаракатчи Халил Халилов, Дагъистаналъул Халкъиял шагIирзаби Залму Батировагун Сабигат МухIамадова ва гьел гурел цогидалги.

 

ЖАКЪАСЕБ КЪОЯЛЪУЛ КЪВАРИДАБ САРИН

    Байбихьиялъул каламалда киназего саламги кьун, жакъасеб данделъи тIобитIиялъе ккараб гIиллаги баян гьабун, гIатIидго гьелъул хIакъалъулъ бицине газе талъул бетIерав редактор ГIумахан ГIумахановас рагIи кьуна редакторасул заместитель Зикрула Ильясовасе.

     -Жакъа нилъер миллияб мацIалдаги, маданияталдаги, гьединго миллиял мацIазда рахъулел газет-журналаздаги сверухъ лъугьун бугеб ахIвал-хIал нужедаго бихьулеб батила. Гьелъул гIемераб бицана ва жакъа нахъеги бицине ккун буго. Сон нижер районалда кIудияб дандчIвай гьабун буго халкъазда гьоркьосел къецазда бергьенлъиги щун руссарал спортсменазда. Гьеб лъикIаб иш буго, батIаго гьелда дандечIарав чиги дун гуро. Амма жакъа, мисалалъе, 22 сон барав гIолохъанав гIелмабазул кандидат вахъун вугилан рагIани, кIудияб къадругун гьесда дандчIвай лъица гьабулебин гьикъани, гьединал гIадамал ратулел гьечIо. Гьединлъидал хIукму ккана магIарул газеталъ, жиндирго редакциялъулаб политикаялда рекъон, рорхулел суалал тIалъиялдаги рагIизелъун редакциялда цебе жамгIияб совет гIуцIизе.

   Гьединго ракIалда буго нилъер миллияб газеталда цебе, Расул ХIамзатовасул цIаралда «РухIияб ирс» абураб гурхIел-рахIмуялъул фондги гIуцIизе. Жакъа гьединаб фонд хIажат букIиналда дандечIарав чи нужеда гъорлъ вукIинарин ккола. Гьединго гIуцIун буго гьеб фондалъул советалда гъорлъе росизесел чагIазул сияхIги.

      Лъабабилебги, ракIалда буго исана нилъер миллияб басма «ХIакъикъаталъул» тIоцебесеб но мер биччаралдаса 105 сон тIубай кIодо гьабун ва Расул ХIамзатовасул юбилеялда хурхун миллияб прессаялъул фестиваль тIобитIизеги-,  ян абуна Зикрула Ильясовас.

    Гьесда хадуб рагIи босана МухIамад АхIмадовас.

    -Жакъа дида, киве щваниги, рагIулеб цо жо буго «Расул ХIамзатовасул юбилей, Расулил нусго сон» абун. Амма нилъеца гьесул юбилей кIодо гьабизе ккола, чIаго вукIаго Расулица бищун хIажаталин рикIкIунел рукIарал мурадалги гIумруялде рахъинарун.

   Гьединлъидал гьесул цIаралда фонд гIуцIулеб букIиналдаса цIакъ вохана дун. Расулил юбилей абун рикIкIен гIемерал тадбиралги, кочIол сардалги, квана-гьекъеялги тIоритIун, риххизе руго киналго, лъугIизе буго гIарац, амма нахъе щиб хутIулеб абураб суал кьолев чи вукIине гьечIо гьесул юбилей гьабизе кколаянги абун, цере кIанцIолел хIакимзабазул, я жакъа, я тIадеялъул. Гьединлъидал цIакъ бокьилаан Расулил нусго сон кIодо гьабизе риччарал миллирдазул цо миллиард гьеб фондалъеги щолебани. Амма цоги суал бачIунеб буго: къваригIун бугищ жакъа гьеб фондги, гьелъ гьабулеб хIалтIиги магIарулазе абураб. Щайгурелъул жакъа магIарулазул цIакъ цоцаздаса тIолеб, тIурулеб, жалго жидедасаго чIухIулеб, цоцадаса рохулареб гIамал баккун буго. Миллаталъухъ ракIги унтарав, умумузул мацIалъухъ рокьиги ккарав, маданияталъул адабги гьабулев магIарулав ватулев гьечIо жакъа. Бокьараб магIарул росулъе щваниги, жакъа гIисинлъималги руго, гIурус мацIги бицунаго, рекерахъдилел, харабиги руго гьезда хадур реке рахъдулел гIурус мацIги бицуна го, эбелинсуца гъасдаги буго гьеб гIурус мацI хъурулеб. Мигьлъулеб буго жакъа магIаруллъи. Миллион чи ругел нилъер магIарулазул, 500 чи ватулев гьечIо «Гьудуллъи» журналалъе подписка гьабурав, «Лачен» журнал хъварав. «ХIакъикъат» газеталъул подпискаялда сверухъ бугеб гизма нужедаго лъалеб батила.

   Дида ракIалда буго мунагьал чураяв Муса МухIамадов чIаго вугеб мехалъ 25000 подписка букIана «Гьудуллъи» альманахалъул. Почалдеги хьвадун гъираялда гьеб хъвалел магIарулал рукIана цере. Жакъайин абуни… Цониги магIарулав гьечIо хъвазе бокьарав. Гьелъул гIемераб бицун ракIги унтун буго, бетIерги унтун буго, гIемер пикраби гьарун черхги свакан буго.

   Гьединлъидал бокьилаан жакъасеб данделъиги, гьаниб хабарги бицун, гьелдалъун лъугIулеб гуреб, хIалтIиги бугеб, хIалтIул хIасилги кколеб, бечедал тадбиралги тIоритIулеб, сверухъ чIагоял гIадамалги ракIарулеб лъугьине.

  Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб фонд жакъа гуреб, гьалдаса цо анцIила щуго соналъ цебе къваригIун букIана. Амма суал буго кIвезе бугищ гьеб фонд хIалтIизабизе, кватIун ругищ нилъ гьелъие абураб. Щайгурелъул юбилей гьабизе гIедегIун гурони, цо пайдаяб иш гьабизе бо кьарал чагIи дагьал руго юбилеялда сверухъ. Аслияб суал буго: кIвелищ нилъеда сахаб фонд гIуцIизе абураб?»- ин суал лъуна МухIамадица.

   Гьесул кIалъаялъул аслияб магIна букIана жакъа гъапуллъун бугеб магIарул миллат борчIизабизе кIвеладай нилъеда, кIвелародай абураб. Цебе «Огонёк» журналалъул букIунаанин моцIида жаниб цо нухалъ биччалеб гьитIинаб тIехь. Гьединаб тIехь щайин бегьулареб биччазе гьеб фонд гIуцIун хадуб, мисалалъе, нилъер классиказул асарал бегьилаанин байбихьуда гьенир рахъизе. Гьединго лъималазе тIахьал, магIарул мацIалда хIадур гьарурал мультфильмалги бегьилаанин риччазе-ян абуна М. АхIмадовас хадубги. Гьелъул рахъ ккуна данделъиялда рукIаразги.

   МоцIида жаниб цо нухалъ биччалеб журнал букIанин редакциялъул, амма типографиялъулгун гIунгутIабиги раккун, къотIизабизе кканин гьеб биччайин абуна Зикрула Ильясовас. Гьанже фонд гIуцIулеб бугелъул, бегьилин яги, АхIмадовас абухъе, хрестоматия гIадин, хъвадарухъабазул асаралги рахъараб цо гьитIинаб тIехь, яги цоги журнал биччазеян абуна ГIумахан ГIумахановасги.

 

МАГIАРУХЪ ГIУМРУ КУНЧIИЗЕ БОКЬАНИ…

 

  Халкъияб Собраниялъул депутат ГIабдулвахIид Лабазановасулги квешаб кIалъай букIинчIо. Жиндиеги цIакъ рекIее гIунин редакциялда цебе гьединаб жамгIияб советги, миллияб нахърателалъул тадбир гьабулеб фондги гIуцIизе букIинилан абуна гьес. Халкъияб Собраниялдаги Пачалихъияб Думаялдаги ругел магIарулазул киналго депутаталги ракIарун, цо инициативияб къокъа щайин нужеца гIуцIуларебин гьикъана гьесда Зикрула Ильясовас. Гьес депутатасда бичIчIизабуна нилъерго унтарал суалал республикаялъул ва федералияб тIалъиялда рагIизаризе гьезул рес цIикIкIун букIунеблъи.

  Жив батIаго гьелде дандечIарав чи гурин, амма тIалъиялъеги, «Единая Россия» партиялъул тIалабалги хIукумабиги тун, нахъиябщинаб жо кIиабилеб бакIалда букIунин, дагьаб чара хвараб жаваб кьуна ГIабдулвахIидица. Амма живгоги гIемерал соназ «Гъизилюрталъул харбал» газеталъул бетIерав редакторлъунги хIалтIарав, миллаталъул гIузрабаги ричIчIулев, творчествоги бичIчIулев чи вуго ГIабдулвахIид Лабазанов. Гьесдаса кIудияб пайда букIина цIигIуцIараб жамгIияб советалъеги «РухIияб ирс» фондалъеги.

  — Нилъер мацIги, маданиятги, рухIияб ирсги цIунизе ккани, тIоцебесеб иргаялда, росаби цIунизе ккола. Росаби риххун лъугIани, щибниги мунпагIалъи букIунаро мацI цIунизе бахъулеб хIаракаталъул. Гьеб буго бищун аслияб масъала росабазул нухмалъулезулги, гьезда хадур рилълъун, нилъерги. МагIарул газетаги журналги цIалулев чи бищун гIемер вуго жакъа магIарухъ. Гьел цIунизе ккола жакъа нилъеца. Депу татлъун ккараб тIоцебесеб къоялдаса нахъе, гьале Каримулагьидаги лъала гьеб (Каримула ГIабдулаев), дица кIвар буссинабун буго Бузнаса нух бахъун лъугIизабиялде. МагIарухъ гIумруги букIине ккани, доба гIадамаз магIишатги гьабизе ккани, гIолохъаби шагьаралде тIуричIого росулъ чIезе ккани, гьенибе букIине ккола нухги, бачине ккола газги, бахъизе ккола лъимги магIарухъ яшав букIине ккола берцинаб. Гъасда цIаги кунчIизе, гIадамалги гьарудизе нилъее бокьун батани, нилъеца гьезие санагIатал шартIалги гIуцIизе ккола. Гьеб буго дие абизе бокьараб жо-,  ян абуна ГIабдулвахIид Лабазановас.

 

«ЭТНОАШБАЗАЗДА» МАГIАРУЛ КАЛАМ

 

  МухIамад ХIамзаевас бицана исана республикаялъ кIодо гьабизе бугин имам Шамил гьавуралдаса 225 сон тIубайин.

   -Гьелде хIадурлъулел руго нижги, рахъизе руго тIахьалги, рукIина, Аллагьас хъван батани, батIи-батIиял тадбиралги. Амма дие абизе бокьараб, цIакъ лъикIаб хIалтIи гьабизе­хъин буго жакъа Расул ХIамзатовасул цIаралда «РухIияб ирс» абураб фонд гIуцIи. Расулил цIаралда гIуцIулеб фонд бугелъул, тIад рахъ ун калам гьабизе бокьарал чагIиги рукIинарин ккола (гьединалги камуларелъулха-  авт.). ЦIакъ лъикIаб букIинаан (гьеб фондги рагьулеб бугелъул), магIарулазул цо «Этноцентр» гIуцIани. Гьединго цIакъ берцинаб букIинаан, шагьаралда жакъа нилъерго «МагIарулазул этнокафе» абун ашбаз рагьани. Цо гуреб, цо анцIго рагьаниги бегьулеб хIал буго жакъа МахIачхъалаялда. Гъоле тумаз рагьун буго гьеб некIого. Гьенире кваназе магIарулалги уна. Гьениб хвезабулеб гIарац нилъерго гьединаб ашбазги рагьун, щай бегьулареб хвезабизе?

   Гьединго цIакъ хIажат буго жакъа шагьаралда «этно- ясли-ахги». ГьитIичаздаги умумузул рахьдал мацIги лъазе, рухIияб рахъалъ гьелги бечелъизе, лъайги щвезе. Гьеб пикру загьир гьабизе цебего бокьун букIана. Гьелъие хIадурараб уставги буго. Кумек гьабизе бокьарал, кисиниб гIарац бугел гIолохъабиги руго. ХIажалъани, жеги тIадеги ралагьизеги кIола гьел. Фондалъе бачIунеб гIарацги букIина. ГIумаханица жакъа гьаниб абухъе, гьеб фонд цоги кIигоги къоялъ гуреб, чанго соналъ хIалтIулеб жолъидал букIинеб. РачIа нилъеца гьеб ишалъе гъеж гуризе-,  ян абуна МухIамад ХIамзаевас.

   Киназго разилъун гьеб пикруя­лъул рахъги ккуна. ЛъикIаб кIалъай букIана гьеб данделъиялда гьунар бугев экономист ва жамгIияв хIаракатчи Халил Халиловасул.

 

НИЛЪЕР ГЬАРАКЬ ТIАЛЪИЯЛДА РАГIУЛЕБ ГЬЕЧIО

 

   — ХIакъикъаталдаги, миллионгIанасев чиги жанив вугеб бечедаб тарихалъул ва рухIияб нахърателалъул миллат буго магIарулазул. Амма жакъа квеш ккараб жо буго нилъер гьаракь лъиданиги рагIулеб гьечIеблъи, нилъер гIузрабазухъ гIинтIамулев ва ургъел бугев я хIаким, я пачалихъалъул идара батулеб гьечIолъи буго пашманлъизе ккараб жо. Республикаялъул Маданияталъул министерствоялъе гьезул ургъел гьечIо, Печаталъул ва информациялъул министерствоялдаги нилъер тIалабал ричIчIулел гьечIо. Республикаялъул парламенталдаги магIарулазул рекIелъ унтарал суалал цере росун, данделъи тIобитIизе кIолеб гьечIо. Лъидаха кIолеб? Лъиенигийищха магIарулалги, гьезул рекIелъ къарал суалалги хIажат гьечIел. Гьединлъидал цIакъ вохана дун нужеца редакциялда цебе рухIияб ирс гIуцIулеб букIиналдаса. Киназго рехун тарал, амма цIакъ кIвар бугел суалал роцIцIинаризе нужехъаги бажаризе буго. Гьелда божула дун.

   Жакъа гьаниб бицана нилъер миллияб кечI-бакъанги маданиятги ккун бугеб бакIалъул хIакъалъулъ. НилъергIан бечедаб тарихги мацIги бугеб миллат цониги бугищ республикаялда? Амма жакъа кочIохъабиян ругел чагIаз ахIулеб чIандаялъухъ гIинтIаме цо. Чияр чиясда, гьоболасда цебе гьеб кечI биччазе нечола дун. КъваригIун буго нилъерго умумузул берцинал бакъналги, щибаб рагIи рекIелъе жанибе бортуледухъ гьарурал кучIдулги, умумузул ретIелги, квен-тIехги нахъ буссинабизе-,  ян абуна Халил Халиловас.

 

ХадурагIи

   Данделъиялъул ахиралда киналго разилъун редакциялда цебе гIуцIараб жамгIияб Советалъул нухмалъулевлъун вищана жамгIияв хIаракатчи, цеве бакIал ралезул цевехъанлъун вукIарав ГIумар ГIабдулаев. ЦIакъ кIалъазе махщел бугев, интересаб пикруялъул инсан ватана ГIумар.

  ХIукму ккана Расулил цIаралда гIуцIулеб фонд цоги нухалдаги данделъун, киналъулго хIисабги гьабун, гIуцIизегIан тезе. Гьединго киналго разилъана, Аллагьас хъван батани, ихдаде газеталъул 105 сон тIубайги кIодо гьабизе, Миллияб прессаялъул фестивальги тIобитIун, бечедаб тадбиралдеги хIадурлъизеги.

 

Ашахан ЮСУПОВ