Новость на родном

Вузалъе биччараб 90 млн гъурущ бикъиялда щаклъи

    МахIачхъалаялъул Советский районалъул судалъ 4 марталде щвезегIан туснахъ гьавуна ДГТУялъул ректор НурмухIамад Суракъатов.       Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталъул Дагъистаналда бугеб управлениялъ гIунтIизабулеб гIайибалда рекъон, 2015-2018 соназда студентазе стипендиялъеги вузалъул хIалтIухъабазеги бихьизабураб гIарац гьесги ДГТУялъул цогидал хъулухъчагIазги жидеего толеб букIун буго (студентазул гъулбасалги жидецаго гьарун). Гьедин федералияб бюджеталдасан биччараб гIарцуда гьоркьоса 90 млн...

Новость на родном

Даххаевасул дело

      11 февралалда МахIачхъалаялъул Кировский районалъул судалда байбихьизе буго Россиялъул УФСИНалъул ДРялда вукIарав нухма­лъулев Муслим Даххаевасда хурхун гIуцIараб уголовнияб делоялъул хал гьаби.   Цин судияв унтун, цинги нугI вачIинчIого, нахъ бахъун букIана гьеб.   Даххаевасде гIайиб гIунтIизабулеб буго гьес №9 колониялда туснахъалда вукIарав кIиго чи улбузухъе виччан вугин, гьединго жиндирго рокъоб ремонт гьабизе...

Новость на родном

ГIадамал унтизаруралъухъ – гIакIа

      «Буйнакскводоканал» МУПалъул нухмалъулесул ишал тIуразарулев ГIабдулвагьаб Шариповасда тIад нусазарго гъурщил гIакIа къотIана Буйнакск шагьаралъул судалъ. Гъоркьиса январалда гьекъолеб лъеда гъорлъе ккараб чороклъиялда­лъун чохьол унтиги бахъун, шагьаралъул больницаялде ккун вукIана 162 чи. Гьелъие гIайибиявлъун чIезавуна ГI. Шарипов.

Новость на родном

2030 соналдехун 25 млн даранчи гIела  

     ДРялъул хIукуматалъул нухмалъулесул ишал тIуралев ГIабдулмуслим  ГIабдулмуслимов гIахьаллъана Россиялъул регионазда гIиси-бикъинаб ва гьоркьохъеб даран-базар цебетIезабиялъул суал гьоркьоб лъураб видеоконференц-бухьеналдасан тIобитIулеб букIараб данделъиялда.   Гьединаб даран-базар гьабулел чагIазул къадар 2030 соналдехун улкаялда 25 млн чиясде бахинабиялда тIад хIалтIулел ругин бицана гьениб РФялъул хIукуматалъул нухмалъулесул тIоцевесев заместитель Адрей Белоусовас.    Лъабго батIияб проекталда рекъон, Дагъистаналъул...

Новость на родном

Холеб буго мугIрул чан…

       Гьал къоязда ДРялъул хIукуматалда тIобитIараб данделъиялда гьоркьоб лъун букIана ЛъаратIа районалда бугеб заказникалда мугIрул бисал холел рукIиналъул хIакъалъулъ суал.   Гьениб бицухъе, гIансиял тIеялда хIинкъи бугеб ахIвал-хIалги букIун буго гьеб мехалда заказникалда сверухъ. Амма гьебищ гьелъие гIилла яги кинаб бугониги унти тIибитIийищали жеги мухIканго абизе кIоларо.   Гьезул, ай хварал бисазул къадарги...

Новость на родном

ШагIирасул хIурулгIин, Залихай, дуде салам

     «ШагIир херлъуларо, шагIир холаро» — гьал рагIаби дагьалги гIагараллъун лъугьана, нижги хирияв, нижееги хирияв шагIир, мунагьал чураяв Харахьиса МахIмуд-Апандил гIумруялъул гьудул Залихай редакциялде гьоболлъухъ ячIиндал.       ТIоцебесеб нухалда йихьулей йиго шагIирасул рокьул асаразул аслияй герой, гьесул къисматалда жиндирго берцинлъиялъ гIищкъул расенал угьарай хIурулгIин. ГIажаибаб гогьаралъул сси жеги гьурмадаса лъугIичIей гьелъул берзул...

Новость на родном

ЗахIматалъ лъадарарав

  ГьабсагIаталда Дагъистаналда вуго КIудияб ВатIанияб рагъул 37 ветеран. Руго районал гьезул къадар цIакъго дагь бугел, руго цониги ветеран хутIичIелги. Гъуниб районалдайин абуни вуго 2 ветеран — Сугъралъ росулъа ХIажи ГIинчилов (98 сон) ва Бухтиб росулъа ТIагьир ТIагьиров (104 сон).              Гьал къоязда ниж щвана МахIачхъала шагьаралъул Хушет поселокалда гIумру...

Новость на родном

Чвахе, магIарул кечI

  НекIогоялдаса урхъун йикIана унго-унгояб магIарул кочIохъ. Ва рекIелъ гьеб хIасратаб урхъигун къабул гьавуна дица газеталъул иргадулав гьобол  Дагъистаналъул мустахIикъав артист, ЧIарада районалдаса ГIумар Тахиев. ЧIарада районалъулги магIарул кочIолги бугеб гьоркьоблъиялъулги магIарулазда лъала. Гьенив кечI ахIуларев чи ватиларин абунигицин мекъиги ккеларо. МагIарул унго-унгояб кечI тIирщизеги тIегьазеги киналго шартIал руго гьенир. Рорхатал мугIрулги, берцинаб гIидраги, мугIрузул...

Новость на родном

АхIмадил тIерхьунареб цIва

     Гьаб соналъул 4 январалда 60 сон тIубалаан РФялъул БахIарчи полковник АхIмад ТIинамухIамадович МухIамадов гьавуралдаса. Амма гьев нилъедаса ватIалъаниги, гьесул цIарги ишалги гIасрабаз мисаллъун хутIила халкъалъул рекIелъ.   Щивав чиясда гIумруялъул нухда дандчIвала батIи-батIиял гIадамал. Амма руго цо-цо гIадамал киданиги сунцаниги хъвагIан унарел лъалкIал гIумруялъулъ нахъе тарал ва гьелдалъун цогидаздаса тIубанго батIиял. ГIумруялъулъ нилъеда...

Новость на родном

Гриппги къватIул унтиги цого жо гуро

  Хасавюрт районалъул Кокрек росулъа Расулов ГIисаца хъвалеб буго: «Нижер росулъ гIемерал чагIазул гIарз буго гриппалъ унтун ругилан. Цо-цояз абулеб буго, гьеб грипп гуреб, къватIул унти (ОРЗ) кколилан. Гриппги къватIул унтиги цого жо кколарищ? Рахунел унтабазул тохтурас «ХIакъикъаталдасан» гьезул батIалъиги, гьездаса цIунизе кколеб куцалъулги хIакъалъулъ бицани бокьилаан»-,  абун. ГIадатияб гриппалъ унтаразул къадар цIикIкIунеб бугин абун,...