Дагьал церегIан къоязда «Жизнь без слез» абураб инвалидазе кумек гьабулеб Дагъистаналъул регионалияб жамгIияб гIуцIиялъул минаялъуб рагьана батIи-батIиял махщелал малъулеб центр. Чияде ккечIого гIумру гьабизе ругьун гьарула инвалидал гьеб жамгIияб рагьиялъ. Централда гIисинал мастерскаял рагьиялъул проект гIуцIун буго «АбсолютПомощь» абураб гурхIелрахIмуялъул фондалъул гранталда рекъон.
«Жизнь без слез» ДРООПИ гIуцIун букIана 2006 соналдаго ГIайшат ХIамзаевалъул ва цогидалги сахлъиялъул санагIалъи гьечIел лъималазул эбел-инсул хIаракаталдалъун. 2009 соналда рагьана къад заманалъ сакъатлъи бугел лъималазе кумек гьабулеб, гьел гIадатияб гIумруялде ругьун гьарулеб мина. «Жизнь без слез» абураб жамгIияб гIуцIиялъ хIалтIи гьабулеб буго ижараялъе босараб лъабтIалаяб минаялъуб. Гьениб кIиго тIалаялда аутизм, ДЦП ва сахлъиялъул рахъалъ цогидалги гIунгутIаби ругел лъималгун хIалтIула психологал, педагогал-дефектологал, логопедал. Централда тIалаб гьабулеб буго 178 лъимадул, жеги 200 лъимерги бачине бакI гьечIого иргаялда хутIунги буго. Минаялъул лъабабилеб тIалаялда гIуцIун буго жидерго тIалаб гьабизе бажарулел 1523 сон барал лъималазда батIи-батIиял махщелал малъулел кабинетал. Гьанже рагьараб «Самостоятельная жизнь» абураб отделениялда сахлъиялъул рахъалъ санагIалъи гьечIел лъималазе кумек гьабулеб буго социалиябгун психологияб ва захIматалъулаб гIадатияб гIумруялде ругьунлъизе. Гьенир лъимал ругьун гьарулел руго цIулал тIагIелал къачIазе, щагIил тIагIелал гьаризе, батIибатIиял формабазул хIедучирахъал, гIисинмаххазул берцинал алатал гьаризе, рукъаризе, рукъалъул магIишат нухда бачине ва квен гьабизе. Гьединго централда лъималазда малъула компьютер хIалтIизабизеги.
П. СУЛТIАНМУХIАМАДОВА