Дир гIумрудулъ гIагараб школа

 

    Нилъер гIумруялда школа гьечIеб росу ва шагьар цебечIезабизе захIматаб жо буго. 1861 соналдаго цIар рагIарав лингвист-гIалимчи П. К. Усларица Дагъистаналда суал борхулеб букIана хъвай-хъвагIай жеги гьечIел мацIазда цIали гьабизе алипба (алфавит) ургъизе ккеялъул. Гьеб масъала тIубана нилъер магIарул цересел гIалимзабазул кумекалдалъун.

 

   Казбек районалъул Гуни росуги ккола районалда тIоцебе школа рагьарал росабазде гьоркьобе. 1925 соналда росулъ ГIабдулманапов ГIабдулманапил рокъоб гIуцIараб школалде цIализе рачана 18 лъимер. Гьезда гьоркьор рукIана: Абакаров МухIамахан, Абакаров Муса, ГьитIинов Ирасхан, ГьитIинов МустIапашайих, Дадаев Дада, ХIажиев Малачилав, Нурудинов Ансарияв, ГIабдулаев Абакар, ГIисаев ХIажи, ГIисаев МухIмагъази, Мажидов ГIабдулгIазим, Муслимов ГIабдулвагьид, Гъапуров Амай ва Хъарамирзаев ДадахIажи. Росулъ гIуцIараб школалъул тIоцевесев директорлъун вукIана АхIмадов ГIабдукарин.

  Гьел цIалдохъабазул цоял рахъана гIалимзабилъун, цогидал — жамгIиял хIаракатчагIилъун, колхозалъул гIуцIарухъабилъун, батIи-батIиял идарабазул нухмалъулеллъун.Гьелдасан байбихьун школалъул тарбия щварал гIолохъабаз хадусан ракIбацIцIадаб хIалтIи гьабуна росдал, районалъул ва республикаялъул идарабазда хIалтIулаго. Рагъул гIахьалчи ХIажигороев ХIажигоро, рагъдаса вуссарабго, вищана КПССалъул Казбек райкомалъул тIоцевесев секретарьлъун, ГIалиев Малик вахъана Казбек райисполкомалъул председательлъун, Сурхаев Самадица нухмалъи гьабуна районалъул «Казбек колхозчи» газеталъе.

   Кинабниги КIудияб ВатIанияб рагъда гIахьаллъи гьабуна школа лъугIарал 160 гIолилас, гьезул 76-ял тIад руссинчIо.

Эбел-эменги хун, бесдал хутIарав Абакар ГIабдулаев (1913-1983) вахъана ядернияб физикаялъул махщелчилъун ва техникиял гIелмабазул докторлъун. 1965 соналда гьев тIамуна ООНалда цебе бугеб МАГАТЭ гIуцIиялда радиоактивиял изотопал хIалтIизариялъул рахъалъ СССРалъул гIакълучи хIисабалда Чехословакиялъул гIелмабазул ака- демиялде вакиллъун.

  Жакъа къоялде Гуниялдаса вахъана 31 гIалимчи, гьездасан 8 — гIелмабазул докторал. Россиялъул БахIарчиясул цIар кьуна Арзулум Ильясовасе. Дагъистаналъул энергетикаялъе кьучI лъуна ва гIемерал соназ «Дагэгнерго» производствияб цолъиялъе нухмалъи гьабуна ГIабдулвагьид Муслимовас. Педагогиял гIелмабазул доктор Вагьаб Минбулатов гIумруялдаса ватIалъизегIан вукIана Дагъпедуниверситеталда цебе бугеб Физкультураялъул ва спорталъул институталъул директорлъун. Росулъ школа лъугIарав Таслим Байбулатов жакъа хIалтIулев вуго республикаялъул агропромышленнияб комплексалъ- ул кадрабазул лъай, махщел бор- хизабиялъул институталъул рек- торлъун, ай гIалимзабазул рахъалъ Гуни росу буго цогидал росабазде дандеккун бечедаб. Росулъа рахъ- ана партиялъул ва комсомолалъул райкомазул хIалтIухъаби, секретарь- заби. Дун вохарав вуго республика- ялъул хIукуматалъул хъулухъазда 45-гIанасеб соналъ дица гьабураб хIаракатчилъиялъе гIагараб шко- лалда щвараб лъаялдаса ва нижер Лиза Чайкинил цIаралда бугеб пи- онеразул отрядалъул Советалъул председателасул ишалдасан хIалтIи байбихьиялдаса. Эбел-инсул ва школалъул тарбиялъ дие рес кьуна Дагъистаналъул хIукуматалъул Ми- нистрзабазул Советалъул членлъи- ялде щвезегIан тIаде вахине. Гьеб буго дир гIумру берцин гьабиялъ- улъ школалъул учительзабаз лъураб бутIаялъул хIасил, гьез бихьизабураб нух цIуни. Гьедин школалъ гIумруялде нухарегIана дун гIадал аза-азар гIолилал — васал ва ясал.

  Гьединал кадраби росулъа рахъиналъе аслияб кьучIлъун ккола росдал школа, гьелъул мугIалимзаби ва гьез кьураб тарбия. Гьезда гьоркьорин абуни, араб гIасруялъул 60-абилел соназде щвезегIан гIемерал рукIана гIурус учительзабиги. РакIалда руго нижее дарсал кьолел рукIарал Нина Петровна Николаева, Валентина Ми- хайловна Гончаренко, МухIамадов Мухтар МухIамадович, Ольга Нико- лаевна Нуцалова ва гь.ц. 1969 соналда школаги лъугIизабун, дун цIализе ана ДГУ- ялде. Амма 1970 соналъул 14 ма- ялда ракьбагъариялъул хIасилалда росулъ минаби риххана ва школа тIатIала ккана. ТIолабго улкаялъул кумекалдалъун гьениб бана ва 1973 соналда хIалтIизабизе кьуна росдал цIияб школа. Аслияб куцалда гьеб букIана Чувашия республикаялъул кумекалъулаб сайгъат. Россиялъул халкъазул Ассамблеялъул хIалтIуда хурхун Москваялда ва цогидал шагьаразда тIоритIулел данделъа- базда дица дирго кIалъаязда кида- го кIудияб баркала загьир гьабула Чувашиялъул гьенир гIахьаллъи гьабулел гьалмагъзабазе дол соназ нилъее гьез гьабураб кумекалъухъ. ГьабсагIат К. Нуцаловасул цIаралда бугеб «Ракълил культура» гимназиялда (гьанжесеб цIар) цIалулел руго 400-ялдасаги цIикIкIун цIалдохъан. Гьелъул директор ккола Рамин Нуцалов.

  Школа лъугIараздасан рахъана РСФСРалъул, Дагъистаналъул ва Россиялъул мустахIикъал учительзаби, тохтурзаби, энергетикал, бакIал ралел специалистал. Республикаялъул централияб больницаялъул реанимациялъулаб отделениялъе гIемерал соназ нухмалъи гьабулеб буго Хасайбат Нуцаловалъ. Школалъ тарабия кьурал чанго росуцоял рищун рукIана ДАССРалъул Верховнияб Советалъул (ГIазизова ЗабихIат, Юнусова Айзанат, Магьдиева Асият, Абакарова Зарият) ва гьединго Дагъистан республикаялъул Халкъияб Собраниялъул (СагIидов СагIид) депутаталлъун. Школалъул цоги лъикIаб рахъ буго гьелъ росулъа цIализе арал гIолохъабазе тIад руссун рачIунеб даражаялда тарбия кьей, гьезулъ росулъ магIишат гIуцIизе бажари ва рокьи куцай. Гьединлъидал, ракI-ракIалъулаб баркалаги кьолаго, щулияб сахлъи гьарулеб буго жакъа хIалтIулел ругел учительзабазе, гьезул хъизамазе. Нилъедаса аразул рухIалги алжаналъур ратаги.

 

З. ИЛЬЯСОВ, Дагъистаналъул бетIерасда це­бе гIуцIараб ЖамгIият цебетIеза­ биялъул ва инсанасул ихтиярал цIуниялъул Советалъул председатель.