ХъахIилаб цIатаридул бадиреги балагьун…

Араб анкьалъул ахиралда республикаялде бачIун букIана «Газ- пром» ПАОялъул вакилзабазул къокъа. Гьелъул генералияв директор Алексей Миллерил тIоцевесев заместитель Виталий Меркуловасул бетIерлъиялда гъоркь делегация щвана республикаялъул ХъахIаб Рокъоре ва тIобитIана данделъи. Гьелъул аслияб хIасиллъун ккана 2025 соналъул ахиралде республика тIубанго газалдалъун хьезабизе гьабураб хIукму. ПалхIасил, магIарухъ бищунго рикIкIад бугеб минаялъубги, спичка хъинтIарабго гваргъан хъахIилаб цIа бакулеб къагIида гьабизе ракIалда буго. Гьеб программа гIумруялде бахъинабизе биччан буго 14 миллиард­ гIанасеб гъурущ. Гъоркьиса декабралда президент Владимир Путинил- гун букIараб пресс-конференциялда нилъер республикаялъул рахъалда- сан суал кьун букIана газалдагун токалда хурхун. ГIемерал росаби ругин жеги газ бачинчIого хутIаралин бицун букIана улкаялъул бетIерасда. Социалиял гьиназда хъвавухъе, гьеб букIун буго «Газпромалъул» хIакимзаби республикаялде рачIиналъе ккараб аслиял гIиллабазул цояб. Амма ахирал соназ «Газпром газораспределение Дагестан» ОООялъул нухмалъулевлъун хIалтIулев вукIарав Ризван ГъазимухIамадовасул пикру батIияб буго.

 

 

Президентасул кIал сабаблъун гуро

 

 

-Хас гьабун Путинил тIадкъай тIубазейин абураб масъала гьениб букIун батуларо, — ян абуна гьес. — Гьеб буго «Газпром» ПАОялъ цебего хIисабалде босун букIараб сапар. Щайин абуни, Дагъистаналъул росаби газалдалъун хьезаризеян хас гьабун хIадур гьабураб федералияб программа буго. Гъоркьиса, ай 2021 соналдаго гьелда хурхун Путиница кьураб тIадкъайги букIана. Доб пресс-конференциялда президентас кьураб тIадкъайин абуни букIана, мисалалъе, цо чиясул минаялде аскIобе лъураб газалъул рогIоро батани, гьелда рекъон, кIиабилевги лъабабилевги чиясул рокъобе гьеб бачине кколин абураб.

— Амма, кин букIаниги, кIудияб хIалтIи гьабулеб гьечIищ «Газпромалъ»?

— Узухъда, буго. Росаби газалдалъун хьезари букIана цебе жибго регионалда тIадаб иш. Гьанже гьеб масъала жиндаго тIаде босун буго «Газпромалъ».

— Газ бачинчIел мугIрузул районал, росаби гIезегIан ратила республикаялда?

— БичIчIизе ккола цо гьадинаб жо. Газалъул рогIороцин гьечIеб бакIалда, мисалалъе, росу-районалда, «догазификация» абураб программа хIалтIуларо. Мисалалъе, цо чиясул минаялде аскIоб газ бачун бугони, гьенисан цогидазул минаялде бачине бегьула. Гьеб буго, тIадехун абухъе, президент Владимир Путиница кьун букIараб тIадкъайги. Жибго «Газификация республики», ай 2021-2025 соназда кинабго Дагъистан газалдалъун хьезаби абураб цогидаб программа буго республикаялъул. Гьелда рекъон, лъагIалил ахиралде 25000-гIанасеб бакIалде газ бачун лъугIизе ккола. 25 ункъилъги кьабани, 100 000-гIанасев чиясул рокъобе газ щолин абураб магIна ккола гьелъул. 

— ГьабсагIат газ бачарал районал кинал ругел?

— ГIодоблъиялдасан байбихьун рикIкIани, гьел ккола Казбек район,Унсоколо районалдеги исана щвана гьеб — Майданское росдада аскIосан лъун буго рогIоро. Болъихъгун ЦIумадеги бачана, Хунзахъе бачине байбихьун, гьабсагIат хIалтIаби унел руго. Гьединго газ щвана Гумбет районалдеги. Исана, Бичас биччани, ракIалда буго Гъуниб районалда тIоцебесеб рогIоро лъезе. Гьединал хIалтIаби унел руго.

— «Газпромалъулал» республикаялде рачIиналъул хIакъалъулъ гIемер бицунеб буго. Гьел цере рачIунел рукIинчIищ?

— Рамазан ГIабдулатIипов бетIерлъун вугеб заманалдаги гьезулгун лъикIал гьоркьорлъабиги гьарурал къотIи-къаялги рукIана. Владимир Васильев вачIиндал, гьел гьоркьорлъаби, щаяли, риххана. Гьанже Сергей Меликовас «Газпром» ПАОялъулгун бухьенал щула гьарулел руго.

 

 

Газни бакила, бухIун хадуб щиб гьабилеб?

 

 

«Газпром» ПАОялъул вакилзаби республикаялде рачIиналда бан, «ХIакъикъат» газеталъе пикру загьир гьабуна экономист Халил Халиловасги.

— ГIадамал газалдалъун хьезариялъул рахъалъ бугеб статистикаялъухъ балагьани, 60-70 процент дагьаб къадар гуро. Щайин абуни, дида лъала, жакъа гIемерал регионал руго Россиялда хъахIилаб цIатари бихьичIел. Амма федералияб тIалъиялъ, хасго президент Путиница абун бугелъул газ щвечIеб цониги росу, мина-рукъ букIине бегьуларин абун, гьелда рекъон кIудияб хIалтIи гьабулеб буго. Гьелдаго цадахъ цогидаб суалги буго. Нилъер республикаялъул къайимлъиялда ругел газалъул мухъал щай «Газпромалъ» ричунросуларел? Дида ракIалда буго щи- баб соналъ бюджеталъул проект гIуцIулаго, гьелде гъорлъе бачунаан гьеб суал, амма щибаб нухалда гьеб бичун босулев чи кколароан. Ахираб соналъ «Газпромалъул» иш батIаго квеш гьечIо, дунялалъул базаралда газалъул багьаги цIикIкIана, гьелъул («Газпромалъул») хайирги гIемерлъана. Амма щаялиго гьел гIедегIулел гьечIо нилъехъа гьел газалъул мухъал ричун росизе. Ратила гьелъие гIиллаби. Мисалалъе, бухIараб газалъухъ кьезе кколеб налъул кIудияб къадар буго республикаялъул «Газпроммежрегионгаз» компаниялда цебе. Кинал рукIаниги къотIи-къаялги ратила республикаялъ гьезулгун гьарулел, лъаларо, амма жидерго балансалде росулелани «Газпромалъ» нилъер газалъул мухъал, гьелъул кIудияб хайир букIинаан. КIиабизе, дие рахIат толареб жо цоги буго. Узухъда, магIарул росабалъе газ бачунеб букIинги гIадамазе бигьалъаби гьарулел рукIинги лъикIаб иш буго. Амма кин гIадамаз бухIараб газалъухъ гIарац кьезе бугеб? Нилъеда лъала, магIарухъ гIадамазе гIемераб гIарац гуро моцIрое щолеб, киналго гуро пачалихъияб хIалтIуда ругел. Гьаниса-дораса гъурщал данде гьарулел гьезие махIниги бигьаго букIинаро бухIараб газалъухъ гIарац кьезе. Гьанже щибаб бащдаб лъагIалида жаниб цIикIкIинарулел ЖКХялъул багьабиги руго, гьелда рекъон хиралъулеб цогидаб жоги буго. ГIадамазе щолеб мухьин абуни дагьаб буго. Гьеб рахъ хIисабалде босун бугищ хIукуматалъали лъаларо.

— Халил, ахираб заманалда гIемерлъулел гьечIищ газ сабаблъун гIадамал хвеялъул хIужаби…

— БитIараб буго. ЦIакъ гIемерав чиясе зарал кколеб буго газ сабаблъун. Амма гьеб бачунелъул цIуна-къаялъул тадбиразде цIикIкIун кIвар кьезе ккела гьелъул хIалтIухъабазги, щивав чиясда бичIчIизабизе ккела гьелъул бугеб хIинкъиги. Учузаб тайпаялъул, хашаб газалъул къали (котёл) рокъоб лъечIого букIине хасаб хъаравуллъиги чIезабун, ялъуни цогидал тадбирал ургъун, цIуна-къай гьабизе ккеларищха. ГIадамасул гIумруялъе хIинкъи гьечIолъи букIинаби — гьеб цIакъ кIвар цIикIкIараб тадбир буго.