Учительзабиги, туристалги, гIи-боцIиги

 

  ГьанжегIагар ДРялъул нухмалъиялда тIобитIараб данделъиялда хIасилал гьаруна 2021 соналда социалиябгун экономикияб рахъалъ ре спубликаялда ккараб цебетIеялъул.

  ДРялъул бетIерасул официалияб сайталда хъвавухъе, гьединал хIасилазда гьоркьоб Сергей Меликовас рехсолеб буго инфраструктура лъикIлъизабиялъул мурадалда гIуцIарал проектазе федералияб централъ къарзалъе гIарац биччай — 10,5 млрд гъурущ. Гьелъул цо къадар харж гьабизе буго МахIачхъалаялда гьекъолеб лъел суал роцIцIинабизе. Хасго тахшагьаралда коллектор баялъе проект бахъизеги хвезабизе рес буго гьеб гIарцул цо къадар.

  Ахираб къого сон буго гьеб коллектор къваригIун бугилан бицунелдаса, амма хабар бицакицадаго хутIулеб буго.

  Гьединго Меликовас бицана инвестициялъул программаялда рекъон, 389 объекталъе гIарацги биччанила гъоркьиса. Гьезул 47 объект бан лъугIунги буго.

  Туристал рачIиналъул ишги лъикI ккун буго гъоркьиса. Гьедин гьезул цо миллион чи вачIун вуго нилъехъе. Гьеб ккола 2020 соналда дандеккун, 30 проценталъ цIикIкIун. ГIи-боцIухъанлъиялъул хIасилалги квешал гьечIин абуна Меликовас, амма гIиял гьан къачIан, хIадурулел хасал бакIал гьечIила республикаялда.

   Гьеб данделъиялда бицухъе, аслияблъун хутIулеб буго гIадамазе хIалтIизе бакIал чIезариялъул суалги. 2021 соналда хъвай-хъвагIай гьабун буго хIалтIи гьечIого хутIарав 34 азарго чиясул. ГIадамал хъулухъазда толелъул унго-унголъунги хасаб пишаялъе лъай щварав, иш бажарулев чи гурони гьениве тIамулареб куцалда гIуцIизе къваригIун бугин хIалтIи,-ян кIалъана С. Меликов. Гьелъие гIоло кадрабазул комиссияги гIуцIизе буго.

   ДРялъул экономикаялъулгун территориалияб цебетIеялъул рахъалъ министр Руслан ГIалиевас тIадчIей гьабуна республикаялъул инвестициялъул программаялъул бициналда. Гьеб гIумруялде бахъинабизе 2021 соналда биччараб 18,4 млрд гъурщил 11,2 млрд кколеб буго федералияб бюджеталдасан щвараб, хутIараб – республикаялъул гIарац. Гьеб харж гьабун буго объекталгун кьоял разеги, нухал рахъизеги, лъим бачинеги.

   Школазда учительзабазе щолеб харж цIикIкIинабиялъул суалги борхана данделъиялда. ЦIияб соналдаса хадуб кIуди-кIудиял харжал щвезе бегьулин хьулги лъун, мухь дагьал учительзабазе гьеб цо-цо муниципалитетазда премиял хIисабалда кьун ратун руго. Гьелда бан Финансазул министерствоялъ санагIалъи гьабулеб буго мугIалимзабазе харжал цIикIкIинаризе.

   Амма цо-цо бакIазда декабралъул гIарац жегиги щун гьечIо гьезие. Масала, Нугъай районалъул 400 учителасе.

   Министр Руслан ГIалиевас абуна цо-цо школазда учительзабаздасаги цIикIкIун техническиял хIалтIухъабиги ругила, бакIазул нухмалъулез реквизиталги гъалатIазулги цIун рачIунел ругила. Гьедин документация битIа-бишизабулагоги унеб бугила заман.

   Гьединалго гIунгутIаби кколел руго пачалихъиял хIажалъабазе гIоло босулеб къайи-цIаялъулги. Масала, муниципалитетаз жиде-жидер планал-графиказда хъвалеб гьечIо босизе кколеб къайи. Цинги гьел рекIеда ратараб мехалда хъата-масан хиса-басиял гьаризе кколел руго. Гьедин документазда сверухъ гIемер гIала-гъважаги кколеб буго, жиндир заманалда харж гьабичIолъиялъ, федералияб бюджеталдаса биччараб гIарцул гIемерисеб тIад буссинабизеги кколеб буго.