Новость на родном

Мун ЦӀЦIадасайищилан гьикъанила цӀцӀунцӀцӀраялъ…

МагӀарул мацӀалъул битӀунхъваялъул хӀакъалъулъ гӀелмияб бахӀс Пачалихъияб тӀадкъаялда рекъон, республикаялъул мацӀазул гӀалимзаби хӀалтӀулел руго рахьдал мацӀалъул сводалда хиса-басиял гьариялда тӀад. Гьеб къабул гьабиялъул мурадалда гӀуцӀун буго Терминазулгун битӀунхъваялъул республикаялъулаб комиссия. Гьелда гъорлъ руго Дагъистаналъул щибаб миллияб мацӀалъул вакилзаби. МагӀарул мацӀалъул битӀунхъваялъул свод хӀадуриялъул хӀалтӀи тӀадкъан буго РАНалъул ДФИЦалъул МацӀалъулгун адабияталъул ва искусствоялъул институталъул (ИЯЛИ) гӀалимчи,...

Новость на родном

ГIемераб — рокъоб,рекъараб — чохьониб

НекIсиял грекал ва румал къойида жанир цо нухалда гурони кваналел рукIун гьечIо, анкьида жанир цо къоялъ гьел ракъун чIолелги рукIун руго.  «ТIаде вахъа анлъгоялда, кванай къобакьулъ, къаси — анлъгоялда, кьижа — анцIгоялда», — ян малъулеб буго XVI гIасруялда гIумру гьабун вукIарав пуланав гIакъилас. Ингилисазул тохтур Эндрю Бордица хъван буго: «ХIалтIи-пиша гьечIев чи сордо-къоялда жанив кIиго...

Новость на родном

«Эбел, бахIарчиясул цIаргун хвезе бокьун буго»

2024 соналъул 2 декабралда хасаб рагъулаб операциялде жиндиего бокьун ана ТIалхIатов Шамил. Гьев вукIана хъизамалда цохIо бугеб лъимер. Гьев цIалана ва гIуна МахIачхъала шагьаралда. 11  классги лъугIизабун, ана Хасавюрталъул техникияб училищеялде цIализе ва хадубго лъугIизабуна МахIачхъалаялъул автодорожнияб институт. ХIалтIулев вукIана автошколалда, инженерлъун.   Гьал къояз ниж дандчIвана Хьаргаби росулъа бахIарчияв васасул эбел ПатIимат МусахIажиевагун. —...

Новость на родном

2026 — багIараб чол сон

Щибаб соналъул, батIи-батIиял календаразда рекъон, рукIуна жидерго цIарал ва гIаламатал. Исанасеб сонин абуни кколеб буго багIараб чол лъагIел.  Чуял руго инсанасе ритIухъал, гьев вичIчIулел ва кумекалъе ратулел жал.   Чу бугеб хъизамалда лъималазе захIматалъул лъикIаб тарбия щолаан Щивасул магIишаталда гьеб букIуна чара гьечIого рукъалъул хIалтIи гьабизе хIажатаб ва лъималазе захIматалъул тарбия кьеялъулъ кIвар цIикIкIараб рухIчIаголъи....

Новость на родном

ГIетI тIун гIезабураб гъираялда кванала

Россиялъул ВВПялда (лъагIалида жаниб къватIибе биччараб кинабго продукциялъул, гIезарурал ва къачIарал нигIматазул, гьабураб даран-базара­лъул гIаммаб багьа) аграрияб магIишаталъ ккола 10-гIанасеб процент. Да­гъистаналда гьеб процент буго кIиго нухалъ цIикIкIараб — республикаялъул экономикаялда росдал магIишаталъ ккола щуйил бутIа. ТIолабго Россиялда 2025 соналда росдал магIишаталъул продукция цIикIкIана 3,3 проценталъ, Дагъистаналда – 2,5 проценталъ, гьелъул багьа бахана 276 млрд...

Новость на родном

Бихьинчи бихьинчилъун вугони, чIужугIаданги чIужугIаданлъун йикIуна

Жакъа Дагъистаналда ригьин биххи лъугьун буго гIадатияб ишлъун. Ахираб 10 соналда жаниб республикаялда риххулел хъизамазул къадар соналдаса соналде цIикIкIунеб буго. Масала, гъоркьиса ноябрь-декабрь моцIазда жаниб Дагъистаналда гьабун буго 1011 ригьин, гьебго заманалда биххун буго 451-яб. 10 соналъ цебе ригьиназул 20 процент гурони биххулеб букIун батичIони, жакъа гьезул къадар 30 проценталдасаги цIикIкIун буго. Хъизамал риххиялъе ругел...

Новость на родном

«ХIама гьечIого хутIиялдаса гIака гьечIого рукIинго лъикI»

ЦерегIан соназда инсанасул магIишатияб рахъ цебетIеялъулъ хIама букIана кIудияб кIваралъул хIайван. СогIаб тIабигIаталъул, къваридал сухъмахъазул, кинабго жо мугъалъ баччун магIишат гьабизе кколел мугIрузул росабалъ инсанасе тIоцебе кумекалъе батулеб хIайван букIана хIама. СиратIалъул кьо гIадал мугIрузул сухъмахъазда хIамица баччулаан чоца босулелдаса кIиго нухалъ цIикIкIараб бакIлъи. ХIамида рекIун унаан магIардеги гIурухъеги. Диниял гIадатазда «цIадал хIама» букIана ракъдалал...

Новость на родном

Щуго соналъ гӀодана, хирияб ракьалде аразухъ балагьун

83 сонил ригьалде яхарай Суайбат Карбахова ккола Гъуниб районалъул Бухтиса. ГьабсагӀаталда гьелъ гӀумру гьабулеб буго Санкт-Петербургалда. Ясалъул лъимал хьихьизеян арай гьей гьенийго хутӀана. 15 соналъ Питералда йигей Cуайбат гьений машгьурлъана ригь аразда гьоркьор тӀоритӀулел батӀи-батӀиял спортивиял къецазул гӀахьалчӀужулъунги, къецазда кидаго бергьенлъи босулей спортсменкалъунги. Дагьалъ цее Суайбатица гьабуна хирияб ракьалде сапарги. «ГӀум­руялъулго кӀудияб анищ тӀубазе рес...

Новость на родном

Тарихалде арал бергьенлъаби

UFCялъул лъабго рачелги, «Манчестер Юнайтедалда» МестIерухъа ГIамирил цIарги, Айзанатил бергьенлъиги UFCялда дагъистаниязул чарамул хатI Исанасеб сон ракIалда чIана UFCялъул речIчIухъанлъиялда жаниб Ислам МахIачевас босараб кIиго бергьенлъиялдалъун: лъагIалил байбихьуда, 18 январалда, Бразилиялдаса Ренато Мойканодасаги бергьун, гьес цIунана тIадагьаб цIайиялда UFCялъул чемпионасул рачел. 14 маялда гьев ана цогидаб цIа­йия­лъул макъамалде ва, 15 нояб­ралда Австралиялдаса Джек Делла Мадалленадасаги...

Новость на родном

ЦӀунтӀа район цӀилъулеб буго

Ахирал соназда магӀарул районазда ккарал лъикӀал хиса-басиязулги районалъул бутӀрузда церечӀарал масъалабазулги хӀакъалъулъ гара-чӀвариял гьаруна «ХӀакъикъаталъ». Иргадулаб дандчӀвай букӀана ЦӀун­тӀа районалъул бетӀер АхӀмад ХӀам­за­товасулгун. — АхӀмад, чан соналъ дуца нухмалъи гьабулеб бугеб районалъе? Мун бетӀерлъуде вачӀараб заманалда кинаб ахӀвал-хӀал букӀараб районалда ва жакъа къоялде щиб хисараб? — ТӀоцебесеб иргаялда, бокьун буго «ХӀакъикъаталъул» редакциялъе бар­кала кьезе, ЦӀунтӀа...