Рокьиги, талихIги, гурхIел-рахIмуги

КIиго конфеталъул тIадегIанаб багьа

Интернаталдаса цIалараб автор лъалареб гьаб хабаралъ дие гьабун тараб асар, кантIизаюн тараб куц! Цин къокъго ракIалдещвезабулеб бу­го гьелъул хIасил:

Маршруткаялда рекIун ругел гьитIинав васги гьесул эбелги. Эбе­лалъул гьеб къоялъ ццин бахъун букIуна. КигIан вас хIеренго кIалъаниги, гьей гьесде хичулей йикIуна. Амма эбелалъул хIал бичIчIарав васас хIаракат бахъулеб букIуна гьей гьимизайизе, кIалъазайизе. Гьелъул гIаксалда, дагьайги хъачIго ахIдола эбел васасде, жиндие мун вихьизецин къваригIун гьечIилан, тIагIа цевесайилан. Вас гIодове виччана ва пикрабазулъе жувана. Щибдай ботIролъе бачIунеб букIана гьев гьитIинав инсанасда, дунялалда бищунго гIагарай гIаданалъ тIагIайилан ахIидал…

Маршруткаялда рекIун вукIарав цо гIолилас васасе кьола кIиго конфета. Васас гьел квинчIо. Гьес хIалбихьана эбел рекъезайизе. Бигьагьабун васас (гьесда АхIмадилан телин цIарги) эбелалъухъе, цин цо, цинги цогидабги конфета бегьана, амма эбелалъ инкар гьабуна. АхIмадица цоги нухалда хIалбихьана – гьес конфетал эбелалъул накалда лъуна. Эбелалъул кверги щула гьабун ккун букIана. Гьесие бокьун букIана гьей гьимизе, жинца кьурал конфетал росизе. ГIемераб мехалда сихIкъотIун чIун йикIарай эбел заманалдасан йигьа-йичун ячIана – гьелъ АхIмадида къвал бана. Гьесул берал кунчIун рачIараб куц! Вохиялъул кутакалъ, АхIмадица, тIаса хъалги бахъун, эбелалъул кIалдир жинцаго лъуна конфетал. Цоцазда къвалалги ран, гIодор чIун рукIана эбелги васги…

Хабаралъул щибаб рагIи магIлъун къалеб букIана дир рекIел тIинда, гьелъ борлъ-борлъун балеб букIана тIолабго ургьимес.

Унго-унголъунги АхIмадица чIа­хIиязеги гIисиназеги кьун тараб дарс. Эбел ахIдараб мехалда, гьесул рес букIана барщун чIезе, жиндие мунги йокьуларилан гьелде ахIдезе, эхе-эхеде кIанцIезе. Аслияб къагIидаялда гьедин гурищха гIисинлъималаз гьабулеб, улбул ахIдараб мехалда.

Амма дир беразда цебечIун бу­кIана тIубанго батIияб сипат-сурат — берцинлъиялъ угьараб, лъикI­лъиялъ бессараб, талихIалъул ра­­­сеназ хьухьараб, гIажаибаб гIум­ру­ялда бекIкIараб гIажаибго гьай­ба­таб накъищ. Гьеле гьединаб бу­кIана ва буго гьитIинав АхIмадил гIум­руялъул дарс.

«ГьитIинав Сайгидил

кьурдул «балъголъи»

Гьеб хабар цIалидал, дида ра­кIал­де щвана цо гьадинаб лъугьа-бахъинги.

ГьитIинав Сайгидил букIана кIиго сон. Гьесул «кутакаб» махщелги бу­кIа­на кьурдизе. Зама-заманалдасан, бабаца къали бухун, дадаца пиштIул наку бачун, вацал-яцаз хъат кьабун, «концерт» кьолаан Сайгидица. Ди­да гIемер ракIалде щола гьеб лъугьа-бахъин гьанжеги, кIудияв гIурав Сайгид вихьидал.

Цо къоялъ мехтун рокъове ва­чIарав Сайгидил дада, рокъор ругезе питна бухъизе жувана. Инсул ахIухъе макьидаса вигьарав гьитIич, щибго ахIвал-хIал бичIчIилалдего, кIанцIун тIадеги вахъун, кьурдизе лъугьана. Гьев кьурдулеб мехалда, киналго рохизе кколел рукIиндалха. БичIчIичIо гьеб къоялъ лъиданиги Сайгидил кьурдул аслияб магIна. АхIи-хIуралда ругел эбел-инсуе ургъелго ккечIо васас питна лъугIизелъун гьабулеб бугеб кьурдул. Сайгидица кьурди гьоркьоса къотIизе течIо, гьев кьурдана, гIодилагоги, инсуца живго кодове вачинегIан. КватIун кантIарай эбелги, гьевги каранде къан, гIодизе жуяна.

Гьебги букIана гьитIинав Сайгидица кIудиязе кьураб жиндирго дарс. Гьелдаса хадур ццин бахъанщинахъе гьесул эбел-инсуца цоцазда абулаан Сайгидил кьурдуца бахъулеб унти бугин гьебилан, дагьаб бугонигицин, дагIбаялде иш кколеб мехалда.

ЦIалдохъабаз дие

кьураб дарс

Цо пуланаб къоялъ школалде дарсал кьезе арай дун, лъималаз рокъобе кьун букIараб кечI лъазабун батичIеб мехалда, цIакъго ахIдон ятила. Дидагоги бичIчIулеб букIана мекъи йигеблъи, букIаниги ахIдонго ахIдон толей йикIана. Гьез бицунелъухъги гIенеккизе бокьун букIинчIо. Цо кIудияб гIайиб лъималазда гьечIониги, гьезда тIад босараб «бергьенлъиялдаса» ракI регьунги йикIана дун.

Амма гьебсагIаталдаго магIарул мацI хIалил мадаралъ гурони лъаларев васас абуна жинца цо хабар ургъун бугила, хIасил бицине бегьиларищин. Гьелде дандеги, вахъахайилан абун, согIаб жаваб гьабуна дица. Цинги бицун танаха жидер йигей лъикIай учительницайила, гьелъул хIеренлъийила абун. Зодилкьерал чIахIиял гьелъул берал кидаго гьимулел рукIунила, жидее бищунго йокьизеги гьей йокьулила. Дунги ургъулей йикIана, щийдай гьейилан. Хабаралъул ахиралда гьев дида аскIове вачIана ва хъатикь ккун букIараб кагътил гьабураб тIегь хIинкъадго бегьун бачIана дихъе. Дун гьалгъан хутIана. ЦIолбол гарал гIадал гургинал гьесул беразда магIу бетана. Дун цIоро-гъорона. Ниж кIиязулго ахIвал-хIал бичIчIарал цIалдохъабаз хъатчIвана ва, дица гьесул бадисан гирун рачIунел магIил гарал ракьалде рортизе риччачIого, дирго квераз кколел рукIана. Гьеб букIараб бухIараб магIу. Гьеб лахIзаталъ дие бокьун букIинчIо дирго магIу лъималазда бихьизе, дур-дурун кIетIолеб бугеб рекIел хIал гьезда бичIчIизе. Амма дир ракI хIеккана. Гьес бищунго цIакъайилан, тIокIайилан абидал гуребха. Лъималазул гIайиб бацIцIине цеберагIилъун рачIарал рухIарал магIил гаразул цIики бихьидал.

Цинги — рекъел, релъи, рохел. Ва нижеца къотIи гьабуна, цоцазда ццин бахъанщинахъе, гьеб нахъбуссинабизе, киназго цадахъ хъатчIвазе. Гьеле гьединаб лъикIлъиялъул цIураб дарс кьуна гьеб къоялъ дие цIалдохъа­баз. Гьеб букIана дир чанго дарсил ба­гьаяб цо дарс. Дицаго диего гьаги ба­на, цIал­­дохъабазда тIад росарал магI­­на гье­чIел «бергьенлъабаздаса» йохун­гу­тIизе. Ва цIалдохъабазе дицаго ургъарал «ЛъикIлъиялъул ва Та­ли­хIалъул дарсазде» тIаде жубана цоги цIияб пунктги. Гьелда цIарги тана «ЦIалдохъабазул дарсал», — илан.

Чанги лъикIалде кантIизарула нилъ

лъималаз

Нилъеразгоги чияразги. Амма киналъулго гуроха нилъеда магIна бичIчIулеб.

Барщаригицин берцинаб букIуна лъималазул. Гьезда лъала хехго рекъезеги, бажарула цоцазда тIаса лъугьинеги, барщарал рекъезе гьез рицунел гьуинал гьерсалги.

Гьезухъа къарзалъгIаги щай босулареб чIахIияз рекIел бацIцIалъиги хIалимлъиги. Лъималазул буго жидерго бацIцIадаб дуниял, нилъ, чIа­хIиял, гьелда квалквадизегIан. Нилъ жанире лъугьарабго, гьеб дунялалъул бакI-бакIазда хIапара базе лъугьуна. Аллагьас цIунагиха цинги, нагагь гьеб хIапароялъ лъимадул рекIелъе нух бахъани.

ЯхI-намусалъул цIадирабазда лъуни…

Цо гьадинаб мисалги бачине бокьун буго.

Маршруткаялда рекIун ячIуней йикIана. ХIалтIул ахиралда, бакъанил гIужалда, рахъун чIун рукIинеги, рахуна гIадамал. Киналго рокъоре гIедегIун рукIуна хIалтIудаса хадур. КIиго бакIаб сумкаги кодоб ккун, ригь арай гIаданги лъугьун ячIана жание. Гьей жание лъугьиналда цадахъ цо гIолохъанай эбелалъ лъазабуна шоферасда жинца лъимадухъги гIарац кьезе бугилан абун. Амма хералъул берал эбелалда аскIов гIодов чIун вугев васасда рукIана. Цогидазул санагIалъи букIинчIо цIун бугеб маршруткаялда тIаде рахъине. Вас чанго нухалда гьесана тIаде вахъине. Амма эбелалъ тунка-гIусун гIодов чIезавулев вукIана. Цинги васас киназдаго рагIизабун абуна жиндир бабал хIетIе унтун бугила, гьелъие гIоло жив тIаде вахъине санагIалъи гьабейила. Вас нахъехун вуссана ва гьенив гIодов чIун вукIарав гIолохъанчиясда абуна, кодовги ккун, жив нахъе вачейилан абун. Васасул санагIалъи букIинчIо, живго къватIиве вачIине.

ТIаде вахъана гIолохъанчи. Амма херай гIодой чIечIо. БакIал сумкабиги кодор кковухъе, гьей рикIкIаде ялагьун хутIун йикIана. Гъов гIолохъанчи гIодов чIун вукIараб скамейкаялдеги вахун, вас къватIиве кIанцIана ва хералъе гIодой чIезе бакI гьабуна. Херай гьимана, васасул кIаркьада убач гьабуна ва, угьун хIухьелги биччан, гIодой кIусана.

Нечарай эбел, васги вачун, заман щвелалдего, къватIие яхъун ана. Шоферас эбелалъ кьолеб букIараб гIарацги босичIо. Гьес гIодове виччан абуна:

— Гьединав вас куцарай духъа жиндица гIарац босуларилан.

Эбел дагьайги нечана…

Гьенибги дие щвана кIигогIаги дарс: цояб — гьитIинав васас кьураб, цогидаб – шоферас кьураб.

Киналъулха къуват бугеб: квешлъиялде данде гьабураб квешлъиялъулищ, ахIдеялде данде гьабураб ахIдеялъулищ, яги, гьелъул гIаксалда, квешлъиялде данде гьабураб лъикI­лъиялъулищ, ахIдеялде данде гьабураб гьимиялъулищ!?

ЯхI-намусалъул цIадирабазда лъуни, кинабдай бакIаб бугеб!?

Къвалал рани…

Бокьун буго цIар лъаларев авторас жиндирго хабаралъул ахиралда лъурал гIумруялъул дарсал цоги нухалда, хIурматиял цIалдолел, нужееги такрар гьаризе:

Эбел-инсуда къвалал рарал лахI­затаз нилъер ракIазулъ рещ­тIуна сабру.

Нилъее рокьулездаги нилъ рокьулездаги къвалал райдал, нилъехъе жибго бачIуна талихI.

Лъималазда къвалал райдал, ни­лъер черхалда ханлъи гьабула лъикI­лъиялъ.

Гьудулзабазда къвалал рани, ни­лъехъе бачIуна рекIел бацIцIалъи.

ГIумруялда къвалал рани, ни­лъехъе бачIуна гIакъиллъи.

ТалихIалъул нухаздасан

Рикье цогидазе нужерго тали­хIалъул кескал. Гьел рикьа­на­гIан, гIе­мерлъула талихI.

ХIурматиял цIалдолел!

Щайдай дуниял гьадигIанго берцинаб бугеб? Сундулъ бугеб гьелъул аслияб берцинлъи. Нилъеца цоцазе кьолел гIумруялъул дарсазулъ.

Макъалаялъул ахиралдаги абизе бокьун буго нилъер хвасарлъи согI­лъиялде, хъачIлъиялде данде гьабураб лъикIлъиялъулъ ва хIеренлъиялъулъ бугилан.

ШАМАЙ ХЪАЗАНБИЕВА