БахIарзаллъун гьаруларин, бахIарзаллъун рахъунин тIаде къоккедалин аби буго умумузул. Гьедин букIин бихьулебги буго СВО байбихьаралдаса нахъе нилъер гIолохъабаз жидерго бахIарчилъиги къохIехьейги бихьизабулеб букIиналъ. Щибаб тIокIцIаралдагун медалалда нахъа вуго жиндирго къиса-къисматгун, божилъи-хIинкъигун инсан. Жакъа бицен гьабизе бокьун буго жакъасеб къоялъул бахIарзаллъун кколел вацал Малачовазул — ГIисал, Мусал ва МухIамадрасулил хIакъалъулъ.
Гъоркьиса ГIиса Малачов «Ахмат» спецназалде, «Джигит» абураб тIокIцIаргун, ункъо моцIалъе къотIиги хъван ана рагъде. Рагъуе хIадур гьавун хадув гьев витIула Харьковалъул рахъалде, Апти Алаудиновасул нухмалъиялда гъоркь бугеб «Каштан» батальоналде. Аллагьасул кумекалдалъун сах-саламатго рокъовеги тIадвуссана. Амма ГIисал рекIее хIалхьи букIинчIо рагъул цебесеб кьерда тарал гьудул-гьалмагъзабиги ракIалде щун. ЯхIго гьабизе кIвечIого, нахъеги ана рагъде. Гьаб нухалъ гьев ккола Курскиялде. Гьенив кIицIул лъукъула. Вегана Курск шагьаралъул госпиталалда. Цинги цIидасан тIадвуссана СВОялде. Гьоркьоб моцI иналде минаялде тIадеги ккун, кIиабизеги лъукъана. Госпиталалда вукIаго бачIана гьесухъе пашманаб хабар — рагъулаб тIадкъай тIубазабулаго гьитIинав вац Муса хванин абураб. Жиндирго гIумруялъе хIинкъи букIиналъухъ балагьичIого, Мусаца анкьго гьалмагъ хвасар гьавуна, амма живго ворчIичIо рекIкIаб гуллидаса. ГьитIинав вац хвей захIмалъарав ГIисал сах гьавиялъул болжал халатбахъана ва, къотIи-къай рагIалде щведал, рокъове тIадвуссана. Нахъвуссун ине бажаричIо, вац камиялъул гьиралъул бакIлъиялъ.

Гьезул вац МухIамадрасул вуго 22 сон барав гIолохъанчи. Лъимерлъудасанго инвалид вукIиналъ, гьединазе хасгьабураб школа-интернаталда — Аксаялда цIаларав гьев армиялде вачунев вукIинчIо. Амма жив цогидаздаса батIияв гьечIеблъи бихьизабизелъун ГIисаца хъвана къотIи-къай. «ЦIумадисев» абураб тIокIцIаргун сапар бухьана Луганскиялде ва ругьунлъаби лъугIун хадув витIула Харьковалъул рахъалде. Цогидазе мисалияб куцалда рагъулаб хъулухъги тIубан, захIматаб лъукъа-къотIи ккечIого, сах-саламатго рокъове вачIана.

Мусаги вукIана рагъде арал вацазда гьоркьов бищун гьитIинав, 2007 соналда гьавурав. Гьевги вукIана лъимерлъудасанго инвалид ва МухIамадрасулго гIадин цIалана Аксаялда. МухIамадрасулго гIадин, армиялде вачине инкар гьабурав чи ана гьев къотIи-къайги хъван ВатIаналъул гIорхъаби цIунизе рагъде. «ЦIум» абураб тIокIцIаралда гъоркь хъвана гьесги къотIи-къай. Луганск шагьаралда ругьунлъаби лъугIарав гIолилав витIула Кучерово шагьаралъул Сумскиялъул рахъалде. Ноябралда минаялде тIадеги ккун лъукъарав гьесул чорхолъа гIарададул ичIго кесек бахъана тохтурзабаз. Сах гьавидал, 10 декабралда тIадвуссана рагъулаб часталде, амма Аллагьасул къадар гьукъун чIолеб жо гурелъул, хадусеб къоялъго рагъулаб хъулухъ тIубалаго, къоринире ккарал гьалмагъзаби хвасар гьарулаго, цIидасан лъукъана. Анкьгоявги эркен гьавун, микьабилевги мугъзада лъун вачIунаго, къадаралде щвана.
— ГьитIинго эменги гьечIого хутIарал яцгун ункъо вац хьихьана гьезул эбелалъгун кIодоэбелалъ. Бигьа букIинчIо руччабазе инвалидал-лъимал ругеб рукъ цебе бачине. Амма гьел къуркьичIо захIмалъабазе — кIудиязул адаб, гьитIиназул хIурмат бугеллъун, ккараб къо борхулеллъун гIуна лъимал. ГьитIинго къо бихьарав чи яхI-намус цIунарав, божилъи гьабизе бегьулевлъун вукIунин абиги бугелъул, гьединал гIолохъаби ругин Малачовазул васалин абила дица. Гьезул бахIарчилъи буго кIудиял умумузул бахIарчилъиги, жавабчилъигун кьвариги чорхолъ бесси, — ян бицана «Память гор» жамгIияб гIуцIиялъул Хасавюрт шагьаралда бугеб отделениялъул нухмалъулесул заместитель АхIмад Рамазановас.
Инсул рахъалдасан гьезул кIуди, Малач, вукIана КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчи, эбелалъул эмен — Афгъанистаналъул рагъул ветеран. ВатIаналде рокьиги, тушманасде ццинги бидулъ бессун буго нилъер. Щибаб тIокIцIаралда нахъа къисматги, щибаб шапакъаталда нахъа гIумруялъе хIинкъи цIикIкIараб гьунарги буго нилъер гIолохъабазул. Гьединазулгун харбида рукIаго бичIчIула «нилъералго рехун толаро» абураб калам чIобогояб ахIи гуреб, гIумрудул масаб букIин.
ВатIаналде къоккарал къояз кьолон чуялгун умумул рахъаралго гIадин, жакъаги цебесеб кьерда тIоцере рукIуна нилъер гIолохъаби. Гьединазул цоял ккола жакъа бицен гьабурал вацал, Хасавюрт районалъул Муцалаул росулъ яшав гьабун ругел ЦIумада районалъул Гъоркьхъварщиниса ГIисагун МухIамадрасул ва, ВатIаналъул тIалаб тIубалаго, абадиялъего берал къанщарав гьезул вац, рагъул бахIарчи Муса.
Хадижат Залимханова
