Новость на родном

Цо командирасул кIиго мухъилав

Гъизилюрт район ккола республикаялъул чIахIиял ва экономикаялъул рахъалъ церетIурал районазул цояблъун. Гьелда гьоркьобе уна 13 росу, гIумру гьабула 77-азаргогIанасев чияс, ракьалъул гIатIилъи буго 524 квадратияб километр. Гьеб рикIкIине бегьула гьитIинаб Дагъистанлъун — гьенир гIумру гьабун руго нилъер киналго абуниги миллатазул вакилзаби, гьезул гIемерисел, гIага-шагарго 85 процент, ккола магIарулал. Гьединлъидалги батизе бегьула (ратила цоги гIиллабиги) районалде...

Новость на родном

ХIажатазе квербакъила, магIишат тIегьазабила

Гьал къоязда «ХIакъикъаталъухъ» гьоболлъухъ щварав Гумбет районалъул бетIер Гъалип Гъалиповас бицана исана район цебетIеялъе гьабураб хIалтIул ва рехсана тIасияб соналда тIуразе церелъурал масъалабазул хIакъалъулъ. Сахлъи цIуни Исана Гумбет районалъул МелъелтIа, Игьали ва ЧIиркъатIа росабазул больницаби къачIан лъугIулел руго. Гьелъ рес кьола районалъул гIадамазе лъикIаб даражаялъул медицинаялъул кумек щвезе. Гумбет районалъул централияб больница къачIазе биччан букIана...

Новость на родном

ЛъагIалил хIакъикъат — «ХIакъикъаталда»

Гьале тарихалде ана цогиги лъагIел. БатIи-батIиял лъугьа-бахъиназдалъун хIалуцараб букIана гьеб дунялалдаги — нилъер улкаялдаги, Дагъистаналдаги. Дагьал рукIинчIо улкаялдаги республикаялдаги лъикIал лъугьа-бахъинал, пайдаял хIалтIаби, ишал, тадбирал. Нижеца хIаракат бахъана гьезул хIакъалъулъ газеталъул гьурмаздасан нужееги бицине. Баянаб букIахъе, 2025 сон Россиялъул президентас лъазабун букIана ВатIан цIунулезул лъагIеллъун. Гьединго, исана КIудияб Ва­тIанияб рагъда бергьенлъи босаралдаса тIу­бана 80 сон....

Новость на родном

Наслабиги цолъизарулаго…

ИчIабилеб декабралда, ВатIаналъул БахIарзазул къоялъ Гъизилюрт шагьаралда рагьана иргадулаб «БахIарчиясул парта». Гьединаб цIаралда гъоркь акция тIобитIулеб буго тIолабго Россиялда. Руго гьединал партаби Дагъистаналъул шагьаразул ва районазул щибаб школалдаги колледжаздаги… ГIемер гIахьаллъула газета­лъул хIалтIухъаби гьеб проекталда рекъон тIоритIулел тадбиразда. Гьаб нухалда диеги рес щвана Гъизилюрт шагьаралъул № 8 школалда гьединаб тадбиралда гIахьаллъизе. ВатIан бокьиялъул кIудияб байрамалде...

Новость на родном

ГIумрудул завалалда дунял тарав бахIарчи

Исана 120 сон тIубана хъвадарухъан, журналист, жамгIияв хIаракатчи, магIарул прозаялъе кьучI лъуразул цояв Ражаб ДинмухIамаев гьавуралдаса. Ражаб гьавуна 1905 соналда гьанжесеб Лаваша районалъул Урма росулъ ДинмухIамал ва ГIашатил мискинаб хъизамалда. Ражаб гуревги, гьезул йикIана яс Салиматги. ГьитIинав чи Ражаб ссылкаялде витIарав бидулав инсуда цадахъ ккола гIурус ракьалде: Якутск ва Тула губерниязде, ахирги 1916 соналда Петербургалде....

Новость на родном

ЦIадирабазда – школа яги бизнес

Жакъа нилъер гIумру тIубанго буссун буго социалиял гьиназде. Щивав чи вуго пуланал къокъабазда. Бокьун буго гьединаб цо къокъаялда ккараб бахIсалъул хIакъалъулъ бицине. Гьеб буго дир курсцоязул къокъа. Цоял хIалтIулел руго лъималазул ахикь тарбиячагIилъун, цогидал – байбихьул школалда, лъабабилел – педагогикаги жибго тун, батIияб пишаялде ран руго. Гьал къоязда Лак районалдаса Разиятица – гьей ккола тарбиячIужу...

Новость на родном

Халкъияллъун лъугьарал ЖабрагIилил асарал

Щуабилеб декабралда МахIачхъалаялда, Р. ХIамзатовасул цIаралда бугеб миллияб биб­лио­текаялда тIобитIана магIарул машгьурав шагIир ЖабрагIил ХIасанов ракIалде щвезавиялъул тадбир. Гьеб нухда бачана Дагъистаналъул мустахIикъва артист ХирамухIамад ХирамухIамадовас. Гьес гIатIидго бицана ша­гIирасул гIумруялъул ва творчествоялъу­л хIа­къалъулъ, ракIалдасан цIалана гьесул кучI­дул. Гьедиго ЖабрагIилил пагьму-гьуна­ралъул бицана Дагъистаналъул халкъиял ша­гIирзаби ТубхIат Зургьаловалъ ва МухIамад ХIамзаевас, Авар театралъул директор Му­хIа­мад БисавгIалиевас,...

Новость на родном

ЧIужу хвей – цо балагь, чIужу ячине ккей – кIиго балагь

Аллагьас гучаб черхги лъикIаб сахлъиги кьун, кIодо гьавурав чи вукIана Сурхай. «Дир мокъокъ», «Дир месед» абун гурони, гьес хитIаб гьабулароан лъадуде. 75 сон барав херасе цIакъ захIмалъана гьей хвей. «Ана дир месед, къана дир талихI, бесдаллъана дун», — абун, гIодулаан пакъир. Заманалдасан гьев бетIер сверун гIадин лъугьана ва лъагIалидасан хвана. Цоцазе рокьун данделъана Исламги ГIашатги....

Новость на родном

ГIумруялъул расеназ угьараб къисмат

ГIайшат Гъайирбегова ккола Гумбет районалъул ЧIиркъатIа росдал гьоркьохъеб школалъул учительница. Гьелъ кьола тарихалъул дарсал. Школалда ккарал хиса-басиязулги цIалдохъабазул эбел-инсул цIалуде бугеб бербалагьиялъулги хIакъалъулъ ГIайшатилгун гара-чIвари гьабуна нижеца. — ГIайшат, кин байбихьараб дур учительлъиялъул нух? — Школалда цIалун яхъингун, дир кIудияб гъира букIана тIадегIанаб лъай босизе. Амма гьелъие рес щвечIо – дун росасе кьуна. Гьабуна кIиго...

Новость на родном

Тибеталда гIурал, ГIураде щварал

ЧIегIербоцIул нилъее хасиятал, нилъ ругьунал тайпаби ккола гIачи-оцал ва гIодоблъиялда — ганщал. ГIага-шагарго гьебго тайпаялда гъорлъ рехсезе бегьула нилъеда гIемер лъикI лъаларел якалги. Амма гьел руго нилъер республикаялъул мугIрузда рукIине рекъарал, хьихьизе санагIатал хIайванал. Гьелъул (Кашемиралъул, Тибеталъул, Монголиялъул оцинги абула гьелда) тарихияб ватIан ккола Тибет. ГьабсагIаталда дунялалда тIад буго яказул 17 млн бетIер. Гьезул аслияб...