МагIарул мацIалъул битIунхъваялъул къагIидабазул дандебоси

2026 соналъул 13 марталда Россиялъул гIелмабазул академиялъул Дагъистаналъул Педералиял цIех-рехазул централъул ЦIадаса ХIамзатил цIаралда бугеб мацIазул, литератураялъул ва искусcтвоялъул институталда букIараб битIунхъваялъул комиссия­лъул магIарул группаялъул гIалимзабазул данделъиялда, мацIалъулъ ккарал хиса-басиялги хIисабалде росун, хIукму гьабуна магIарул мацIалъул битIунхъваялъул КъагIидабазул цIияб дандебоси газеталда кьезе. Нижеца гьеб кьолеб буго щибго хиси гьабичIого. Гьелда тIасан нужерго пикраби нижехъе ритIани бокьилаан.

Россиялъул гIелмабазул Академиялъул Дагъистаналъул Педералиял цIех-рехазул централъул ЦIадаса ХIамзатил цIаралда бугеб мацIазул, литератураялъул ва искусствоялъул институт

 

ЦеберагIи

МагIарул мацIалъул битIунхъваялъул къагIидабазул гьаб цIияб ва камиллъизабураб дандебосиялъе кьочIое босана 1941 соналъ Ш.И. МикагIиловас хIадур гьабураб ва басмаялда бахъараб битIунхъваялъул къагIидабазул тIехь. Гьеб тIехьги ва гьелда цадахъ лъураб гьитIинабго словарги (кинабниги щуазарго рагIи) бахъун букIана аслияб къагIидаялда школазда пайда босиялъул мурадалда, ва кIудияб хис-басго гьабичIого, гьеб къватIибе биччана 1955, 1966, 1978, 1989 соназдаги. 2021 соналъ къватIибе биччана магIарул мацIалъул битIунхъваялъул кIудияб гIелмияб словар (И.А. ИсхIакъов, М.ГI. МухIамадов, М.Ш. Халилов). Гьелда жаниб цодагьалго хиса-басиял гьарун руго цере рукIаразда тIаде.

Чара гьечIеблъун лIугьун буго, магIарул мацIалъул киналго рахъазулаб цIех-рех гьабун, гъваридго ва мухIканго лъазабиялъул кьучIалда битIунхъваялъул къагIидаби камиллъизариялъул иш. БитIунхъваялъул къагIидабазул дандебоси гIуцIиялъ цIакъго цIикIкIараб пайда кьезе буго жакъа цIалдохъабазеги, студентазеги, журналистазеги, вузазул ва гIелмиял институтазул гIалимзабазеги – къокъго абуни, магIарул мацIалда кIалъалел ва хъвадарулел тIолалго магIарулазе.

Гьебги хIисабалде босун, ЦIадаса ХIамзатил цIаралда бугеб МацIазул, литератураялъул ва искуствоялъул институталъ планалде босана цереккун къабул гьарун рукIарал къагIидабазул кьучIалда, аслияб куцалда гьезде мугъчIвайги гьабун, нилIер мацI загIиплъулеб ва тIагIун унеб букIинги хIисабалде босун, жакъа къоялда хIалтIизабулеб литературияб мацIалда рекъараб цIияб битIунхъваялъул къагIидабазул дандебоси хъвазе.

Гьеб мурадалде щвезелъун ЦIадаса ХIамзатил цIаралда бугеб МацIазул, литератураялъул ва искусствоялъул институталъул хIал­тIухъабаз цIи­дасан халгьабуна битIунхъваялъул къагIидабазул, ралагьана гьенир ругел гIунгутIаби, рукIалиде ккезаруна ва камиллъизаруна цо-цо къагIидаби.

ТIоцебесеб иргаялда, мацI цIунизе ккани, чияр мацIаздаса рачIарал рагIаби (кинаб мацIалдаса рачIарал ругониги, батIалъи гьабичIого) магIарул мацIалъул къануназда рекъон хъвазе ккола. Амма жакъа къоялда жаниб гьеб тIалаб тIубазабизе цIакъ захIмалъизе букIиналда бан, нижеца бихьизабулеб буго чияр мацIалдаса рачIарал рагIаби гьеб мацIалда ругел гIадин хъвазе, цого-цо магIарул мацIалда гьечIел гьаркьалги данде кколел магIарул гьаркьаз хисун (порма, словар, лижаби ва гь.ц.) Гьелъ рес кьезе буго нилIер хъвай-хъвагIай жакъа нилIер бугеб мацIалде гIагар гьабизе ва гьеб бигьалъизабизе. Хъвараб жо гъалатI ккечIого цIализе бажариялъул кIудияб кIвар буго гIун бачIунеб гIелалда битIараб мацI лъаялъе. КIиабизеги, магIарул мацIалда ругел киналго понемаби алпавиталде росизе ккола.  

Республикаялъулаб битIунхъваялъул комисиялъул магIарул группаялъ гьоркьобги лъун, гьенир гьарурал хиса-басиязул кьучIалда гьаб Дандебосиялъул проект хIадур гьабуна М.ГI. МухIамадовас.

Цо-цо хIарпазул битIунхъвай

1. Мукъулукъалъул ахадасан бахъулеб ра­гьукъаб ъ гьаракь цо-цо рагIабазулI хъвала рагIул бакьулIги ахиралдаги. Масала, гьуърул, Муъминат, масъала, вабаъ, дуъдуи, ГIайнаъ. ГIемерисеб мехалъ гьеб гьаракь хъвачIого тола. Масала, рии, роое (хъвазе кколаан риъи, роъое ва гь. ц). ГIурус мацIалдаса рачIарал рагIабазулI ъ ишара хIалтIизабула гьенибго гIадин цо рагIиялда жаниб гьаркьикъаб гьаракь хадуб бачIунеб рагьараб гьаркьидаса тIезабун абулеблъи би­хьизабизе, масала: съезд, субъект, объект.

2. Й хIарпалъ гьаркьикъаб гьаракь бихьизабула. Гьеб xIapп хъвала рагIул авалалда и, о хIарпазда цебе кколеб бугони: йилизе, йигьине, йокьизе, йорчIизе, йолка.

3. Я, Ю хIарпал хъвала гьезда жаниб жинсияб гIаламат гьечIони, масала: ярагъ, ярагьине, баян, вачIаная, юргъан, каю­та, вахIю. Жинсияб гIаламат бугони, гьезул бакIалда йа, йу хъвала: йачIана, йуссана.

4. КIирекъараб хх хъвала гьал хадур рехсарал рагIабазул кьибилазулъ ва гьезул цогидал формабазулъ: биххизе, махх, раххан, ххвел, ххине, ххезе, ххам, буххизе, ххвезе, ахх.

5. КIирекъараб сс хъвала гьал хадур рехсарал рагIабазул кьибилазулъ ва гьезул цогидал формабазулъ: бессизе, буссине, руссун, ссан, сси.

6. КIирекъараб лълъ хъвала гьал хадур рехсарал рагIабазул кьибилазулъ ва гьезул цогидал формабазулъ: релълъине, малълъ.

7. КIирекъарал кк, кIкI ва чч хъвала литературияб мацIалда рагIулебщинаб бакIалда. Гьел рагIаби словаралда кьун руго.

8. КIирекъараб цц хъвала гьал хадур рехсарал рагIабазул кьибилазулъ ва гьезул цогидал формабазулъ: беццизе, ицц, ццин.

9. КIирекъарал цIцI ва чIчI хъвала гьал хадур рехсарал рагIабазул кьибилазулъ ва гьездасан лъугьунел рагIабазул цогидал формабазулъ: бацIцIине, бецIцIизе, буцIцIине, цIцIе, бечIчIизе, чIчIвад, речIчIизе, ричIчI, бичIчIизе, мачIчI.

10. Ш, щ гьаркьал рагIулебщинаб бакIалда хъвала: шагьи, шал, шар, щар, щагIир, щамат, щиб, щигIру, щуго, вачIанищ ва гь. ц. Литературияб мацIалда гIемерисеб мехалда ш гьаракь дандчIвала цоги мацIаздаса рачIарал рагIабазулI.

11. лI гьаракь рагIулебщинаб бакIалда хъвала: лIар, лIутизе, рилIине, нилI, нолI (гьеб гьаракь хъвазе кколел рагIаби битIунхъваялъул словаралъул ахиралда батIагоги кьун руго).

12. ПI хIарп хъвазе кколеб рагIи литературияб мацIалда цо буго (гьопIа), гьединлъидал гьеб хIарп алпавиталда скобкабазда жаниб кьолеб буго.

13. Залим, калам, цIам, цIум, жулам, хам, лъим, тIом гIадал рагIабазул ахиралда м хъвала.

14. Намус, накъит гIадал рагIабазул бетIералдаги чаран, керен, гIадан, чан гIадал рагIабазул ахиралдаги н хъвала.

15. Хъ xIapп кьибилазулI бугониги, супиксазулI ва ахиразулI бугониги, литературияб мацIалда рагIулебщинаб бакIалда хъвала.

16. КIутIби цере цIутIизарун абизе кколел (лабиалиял) гьаркьал вхIар­палъул кумекалдалъун рихьизарула: квар, къверкъ, кьватIел, щвезе, квине. Жалго жидедаго чIарал гьаркьал (понемаби) кколарелъул, гьел алпавиталде росун гьечIо.

17. Падежазде сверулаго, гIемерлъул порма лIугьунаго, цо-цо рагIабазул кьибилалъул м гьаракь н гьаркьиде сверула, цогидазул — гIаксалда сверула. Масала, гамачI — ганчIил, ганчIал, эмен — инсул; чаран — чармил, хъазан — хъазмил.

Предметиял цIаразул битIунхъвай

18. Кули, нус, муч, хIуби гIадал рагIаби падежазде хисизарулаго, кьибилазулI бугеб у гьаракь о гьаркьица хисула: колол, носол, мочол, хIобол.

19. ГIор абулеб рагIи падежазде хисулаго, кьибилалъулI бугеб огьаракь у гьаркьица хисула: гIурул.

20. Рокъоб, зодоб, бокьоб гIадал рагIабазулI о хъвала.

21. Ударение тIоцебесеб слогалда бугел ва ахиралда у, о хъваялъулI щаклъи кколел предметиял цIаразул ахиралда у хъвала: гIе́лму, гIа́кълу, щу́кру, гIа́зу, па́гьму, ро́су, гьо́цIу.

22. КIиабилеб слогалда ударение бу­гел рагIабазул ударениялде гъоркье кко­леб рагьараб гьаракь рагIухъе хъвала: хоно́, гьоло́, мачIу́, рахъу́, накку́, чахъу́, гьоцIо́.

23. Лъабго слогалъулал рагIабазул ахи­ралда о яги у хъваялда щаклъи ккани, кибго о хъвала: кьохо́рхо, мого́ро, хIала́хIо, хIеле́ко, ма́диро, месе́до.

24. КIиабилеб слогалде ударение кколел, тIоцебесеб слогалда у яги о хъвая­лъулI щаклъи кколел рагIабазулI у хъвала: гьуме́р, гIурхъи́, тIyxьи́, гурде́, хIухье́л, жуба́й ва гь.ц.

25. ГIаммал ва хасал цIаразул кьовул падежалъул ва рачIул падежазул (жинде, жиндихъе, жиндилIе, жиндикье) ахиразда, цолъул ва гIемерлъул порма батIалъи гьечIого, е xIapп хъвала, гIакдае, ГIалие, гIакдаде, рукъалъухъе, рукъзабазухъе, салулIе, ганчIикье.

26. Жидедалъун цIиял предметиял цIарал лIугьунел: -хъан, -лъи, ро, -ен, -ел, -кIo, -ко, -гьан абурал супиксал литературияб мацIалда рагIухъе хъвала: хIалтIухъан, хIалтIухъаби, хъухъадиро, ретIел, релъен, расанкIо, расанкIаби, чия́кIо, хIелеко, гьабигьан. Чи, чагIи, чIужу, руччаби абурал рагIаби супиксаллъун ва журарал рагIаби лIугьинаризе хIалтIизарун ругони, рекIун хъвала: зулмучи, бахIарчIужу, гьунарчагIи, къоролруччаби.

27. КIиго рагIи цоцаде жубан лIугьунеб тIубараб цо магIна бугеб предметияб цIар жубан хъвала: квербацIцI, хIотIочIел.

28. Журарал рагIаби лIугьунаго, хаслъул падежалъул супикс лгIемерисеб мехалда гьоркьоб биччала: бачибокь, сологIучI, хIамизаз, билигъуд, къоркъотIамах, гIабкIитIамах, гьакибер, цIороберал, цидурукъ, бакъанимех, рогьалимех.

Баян: ЦIцIелмегеж, чолхIетIе, цидулквачI (хурдузда цIарал), цIадалхIама гIадал рагIаби хаслъул падежалъул супикс л цIунун хъвала.

29. Прилагателноялъул аслуялде тIа­де предметияб цIар жубан лIугьарал пред­метиял цIарал рекIун хъвала: ба­гIаргIеч, багIармесед, ЧIегIергIор, чIе­гIеркару, чIегIергьоло, багIаргьоло, чIе­гIер­хIай­ван, хъахIмикки, гIур­ччин­хер, хъа­хIибил, чIегIерракь ва гь. ц.

30. Предметияб цIар предметияб цIаралде жубан лIугьарал ва жалги бакIалъул хасал цIараллъун ругел paгIаби рекIун хъвала: КьилимегIер, Гьирикъварилъи, ХIаригабурлъи, ГIарахъмегIер (Сулахъ гIop, Волга гIop, Хъазан шагьар батIатIун хъвала).

31. ГIадамазул ва бакIазул хасал цIарал абулеб къагIидаялда хъвала, кIигo рагIудасан лIугьарал ругони, журанги хъвала: ХIажи, Загьид, МухIамад, ГIали, ГIабдухаликъ, МахIачхъала, ЛъаратIа, Болъихъ, ХъахIабросу, Жалалудин, ХIажимухIамад, Гъази­мухIамад, ГIалигъалбацI, КIудияб­росу, TIaдинxo, ТIасачIугIли.

32. КIиго рагIи цоцаде жубан, гIага-шагараб магIна лIугьунеб цIияб рагIи гьоркьоб деписгун хъвала: хур-хер, гIанкIу-хIелеко, росу-ракь, боцIи-панз, азбар-къоно.

33. КIиго рагIудасан гIуцIараб ва гIага-шагарлъи магIна кьолеб жубараб рагIуда гьоркьоб депис лъола: мада-гъадар, ахIвал-хIал, гура-сурун, xинкI-минкI ва гъ. ц.

Прилагателноязул ва

причастиязул битIунхьвай

34. Росабазул цIараздасан, наречияздасан, глаголаздасан лIугьунел: салтIасев, салтIасей, салтIасел, гьоркьохъеб, гьоркьохъей, гьоркьохъев, гьоркьохъел, абулев, абулей, абулеб, абулел, абулареб, абуларел гIадал рагIабазул ахиразда -ев, -еб, -ей, -ел хъвала.

Баян: Цо-цо росдал гIадамазул гIаммал цIарал -в, -ав, -яв, -иявсупиксазул кумекалдалъун лIугьуна: датунав, дилимав, гунияв, чIохъияв, кьохъияв, кIахъияв, чIикьияв ва гь. ц.

35. Араб, бачIунеб ва гIахьалаб заманалъул причастиялъул гьечIолъиялъул пормаялъул бищун хадусеб рагьараб гьаракь ехIарпалдалъун хъвала: гьечIеб, абичIеб, абилареб, абулареб, букIинчIеб, букIинареб, букIунареб, лъечIеб, лъелеб, лъолеб.

36. Прилагателноязул ва причастиязул кьовул ва рачIул (жинде, жиндихъе, жиндилIе, жиндикье) падежазул ахиразда цолъул ва гIемерлъул пормабазулI батIалъи гьечIого, е xIapп хъвала: рекIарасе, рекIарасде, рекIарасухъе, рекIарасукье, хъахIасе, хъахIасде, хъахIасухъе, хъахIасукье ва гь. ц.

37. Кьибил такрарлъун лIугьунел прилагателноял ва причастиял депис лъун хъвала: багIа-багIараб, цIакъа-цIакъаб, чIегIе-чIегIераб, боса-босараб, вачIа-вачIарав.

38. Журарал прилагателноязул магIнаялъул чучлъи, ялъуни кутаклъизаби бичIчIизабулел кIкIуяб, ккараб, кьераб, хIалаб, чараб гIадал бутIаби рекIун хъвала: чIегIеркIкIуяб, багIарккараб, бихьинмахIаб, чIегIерчараб.

39. -гIан, -гIадин абурал дандекквеялъул союзал гьоркьор риччан ругони, гьединал рагIаби лахI, гIазу, цIо, бил, кан гIадал рагIабазда рекIун хъвала: лахIчIегIераб, гIазухъахIаб, цIохъахIаб, билбагIараб, кантIогьилаб ва гь.ц.

40. РикIкIеналъул кьибилалда тIаде -гъатаб, -тIалаяб, -багьаб, -бокIонаб гIадал рагIаби журан лIугьарал прилагателноял рекIун хъвала. Мисал: кIигъатаб, лъабтIалаяб, кIибагьаб, лъабокIонаб ва гь. ц.

41. Предметияб цIаралде, къокъаб прилагателноялде -махIаб, -хIалаб, -кьераб, -ккараб жубан лъугьарал журарал прилагателноял рекIун хъвала: оцмахIаб, салихIалаб, хъахIилкьераб, гьитIинккараб.

42. Хаслъул падежалъул пормаялда тIаде -аб супикс жубан прилагателноял лъугьуна магIарул мацIалъул рагIабаздасанги (цIадал-аб, тIогьол-аб, хIурул-аб), чияр мацIаздасан рачIарал рагIабаздасанги (кислородалъул-аб, коллективалъул-аб, баркалаялъул-аб).

43. Чияр мацIаздасан рачIарал рагIабазда тIаде -б, -ияб супиксал журанги лIугьуна цIиял прилагателноял: комедия-б, кооператив-ияб, капиталист-ияб. Гьел прилагателноязул лIугьин цо букIинги хIисабалде босун, гьел киналго словаралда кьолел гьечIо.

ЦIарубакIазул битIунхъвай

44. Ниж, нилI, нуж абурал цIарубакIал аслу цIунун хъвала: нижер, нилIер, нужер, нижее, нилIее, нижее, нижеца, нилIеца, нужеца ва гь. ц.

45. Жиб, жив абурал цолъул пормаялъул цIарубакIаз киналго аслиял гурел падежазул кьибилазулI бугеб рагьараб гьаракь хисизабичIого цIунула; аслиял гурел падежазулI бугеб кIиабилеб рагьараб гьаракьги и буго: жиндир, жиндие, жиндица (жинца абун хъвазеги бегьула). Гьел цIарубакIазул гIемерлъул пормаялъул аслияб гурел падежазулI бугеб тIоцебесеб рагьараб гьаракь и буго, кIиабилеб е буго: жал — жидер, жидее, жидеца.

46. ЦIарубакIазул кьовул ва рачIул (жинде, жиндихъе, жиндилIе, жиндикье) падежазул ахиразда е xIapп хъвала: лъие, лъихъе, сундухъе, лъилIе, сундулIе, лъикье, сундукье, дие, диде, дихъе, нижее ва гь. ц.

47. ЦIарубакIазул аслу такрарлъун лIугьунел рагIабазда гьоркьоб депис хъвала: жив-жив, жиде-жидер.

РикIкIеназул битIунхъвай

48. Къадар бихьизабулел рикIкIеназул (цо, кIиго, лъабго, ункъго, щуго, анлIго, анкьго, микьго, ичIго, анцIго, нусго, азарго) ахиралда о хъвала: кIиго тIехь, лъабго тетрад.

49. Жубараб рикIкIеналъул (кIиго яги цIикIкIун кьибилалдасан гIуцIараб) кьибилалда хадуб бугеб рикIкIен рекIун хъвала: кIинусго, лъабазарго, анцIазарго.

50. ГIуцIарал рикIкIенал батIатIун хъвала: кIикъоялда анцIила ичIго; микьнусиялда лъабкъого, къоло кIиго.

51. ГIага-шагараб къадар бихьизабулел рикIкIенал гьоркьоб деписгун хъвала: кIиго-лъабго, ункъо-щуго.

52. Чан-чан цадахълъи бихьизабулел рикIкIенал гьоркьоб деписгун хъвала: кIи-кIи, анцIила щу-щу, кIинус-нус.

53. Иргадул рикIкIеназе хIалтIиза­булеб -абилеб частица рекIун хъвала: кIиабилеб, лъабабилеб, ункъабилеб ва гь. ц. Гьединал рикIкIенал гIараб ципрабаздалъун хъвалел ругони, гьоркьоб деписги лъун, хъвала: 2-абилеб, 3-абабилеб, 5-абилев. Румазул ципрабазалъул хъвалел ругони, -абилеб частица хIалтIизабуларо, масала: XXI гIасру, II бетIер ва гь.ц.

54. РикIкIеналде тIаде журалел -цIул, -гъатаб, -ккун абурал пормантал рекIун хъвала: кIицIул, лъабцIул, ункъгъатаб, цо-цоккун, кIи-кIиккун, лъаб-лъабккун.

55. Цо пуланаб къадаралдаса пуланаб къадаралде щвезегIан къадар бихьизабулел рикIкIеназда гьоркьоб тире лъола, масала: 15-17 тонна.

56. Прилагателноял гIадал рикIкIе­на­зул кьовул ва рачIул (жинде, жиндихъе, жиндилIе, жиндикье) падежазул ахиразда е xIapп хъвала: кIигоясе, кIигоясде, кIигоясулIе, кIигоясухъе, кIигоясукье.

57. Прилагателноял гIадал рикIкIена­зул хаслъул падежалъул ахиралда -ул хъвала: кIигоясул, лъабгоясул; лъабасулго.

33. Дробазулал рикIкIеназулъ щибаб рагIи батIатIун хъвала:

0,1 — анцIго бутIа гьабун цо бутIа,

1/8 — микьго бутIа гьабун цо бутIа,

1,5 — цогин бащдаб;

2,5 — кIигогин бащдаб;

8,3 — микьгогин анцIилIа лъабго,

7,4 — анкъгогин анцIилIа ункъо,

8,09 — микьгогин нусилIа ичIго.

Глаголазул битIунхъвай

58. Глаголиял цIаразул ахиралда гьал хадур рихьизарурал супиксазул цояб хъвала: -и, -ин, -ей, -ай, -ой, -уй (axIи, аби, букIин, седей, кIалъай, кьолой, цуй, туй).

Баян: Щакал бакIал ккани, глаголиял цIаразул ахиразда хъвазе кколеб супикс битIунхъваялъул словаралде балагьун лъала.

59. Глаголалъул мурадияб пормаялъул ахиралда кидаго е xIapп хъвала: абизе, букIине, седезе, кIалъазе, кьолозе, пузе.

60. Глаголалъул тIалабияб пормаялъул ахирал гьадин хъвала:

а) ахиралда -ей, -и бугел глаголиял цIаразулI кьибилалде тIаде жубала: лъей — лъе, тей — те, седей — седе, лъедей — лъеде, axIи — axIe, кIанцIи — кIанцIе.

Баян: Ахиралда -и, -ей бугел цодагьал глаголиял цIаразул кьибилалде тIаде жубанги лIугьуна: ворти — ворта, щвей — щва, чIей — чIа;

б) ахиралда -ин бугел глаголиял цIаразул кьибилалде тIаде жубан хъвала: букIин — букIа, вачIин — вачIа.

Баян: Ахиралда -ин бугел цо дагьал глаголиял цIаразул кьибилалде тIаде жубанги лъугьуна: бачин — баче, мерхьин — мерхье;

в) ахиралда -ай, -ой, -уй бугел глаголиял цIаразул пормаги тIалабияб пормаги цoxIo буго: хъвай, кьолой, пуй;

г) глаголазул кIиго тIалабияб порма бугони, словаралда кIиябго кьун буго: гьуинлъизе, -ула, -ила, -ана, -е, -а; унтизе, -ула, -ила, -ана, -е, -а; хIеккине, -уна, -ина, -ана, -е, -а.

61. Ахиралда бугел глаголиял цIаразул тIалабияб глаголалъул гьечIолъиялъул порма лIугьуна кьибилалда тIаде -уге жубан: абуге, кьабуге, axIyгe.

62. Ахиралда -ин бугел глаголиял цIараздасан гьечIолъиялъул тIалабияб порма кьибилалда тIаде -унге жубан лIугьуна: лIугьин — лIугьунге, букIин — букIунге.

63. Ахиралда -ей бугел глаголиял цIаразул тIалабияб глаголалъул гьечIолъиялъул порма, кьибилалда тIаде -оге жубан лIугьуна: седей — седоге, рекъей — рекъоге, лъей — лъоге, щвей — щоге.

64. Ахиралда -ай, -ой, -уй бугел глаголиял цIаразул гьукъиялъул порма кьибилалда тIаде -аге, -оге, -уге жубан лIугьуна: кIалъай — кIалъаге, кьолой — кьологе, пуй — пуге.

65. ТIалабияб глаголаллъул гьарул порма тIалабияб глаголалъул буголъиялъул букIа, гьечIолъиялъул букIа пормаялде тIаде -ги жубан лъугьуна: гьабе — гьабеги, гьабуге — гьабугеги, букIа — букIаги, букIунге — букIунгеги.

66. Кьолболаб у бугел цо слогалъул масдарияб ва тIалабияб пормаялъул глаголазул ахиралда бугони, гьеб -ги, -го, -гун, -гIан, -дал союзал ва частицаби тIаде журан лъугьарал пормабазулъги цIунула: пуй — пуйги, пуйго, пуйгун, пуйгIан, пуйдал; суй — суйги, суйго, суйгун, суйгIан, суйдал; цуй — цуйги, цуйго, цуйгун, цуйгIан, цуйдал; цоги батIиял пормабазулъ цIунуларо: пузе, пула, пуна; сузе, сула, суна; цузе, цула, цуна.

67. Кьолболал у, о гьечIел кIиго ва цIикIкIун слогалъул масдарияб ва тIалабияб пормаялъул глаголазул ахиралда бугони, гьеб -ги, -го, -гун, -гIан, -дал союзал ва частицаби тIаде журан лъугьарал пормабазулъги цIунула: квачай — квачайго, квачайгун, квачайгIан, квачайдал; кIалъай — кIалъайги, кIалъайго, кIалъайгун, кIалъайгIан, кIалъайдал; седей — седейги, седейго, седейгун, седейгIан, седейдал.

68. Кьолболал у, о гьечIел кIиго ва цIикIкIун слогалъул гьарул ва цогидал пормабазулъ цIунуларо: квачай — квачаги, квачазе, квачала, квачаге; кIалъай — кIалъаги, кIалъазе, кIалъала, кIалъаге; седей — седеги, седезе, седола, седоге.

69. ТIалабияб глаголалъул гьесизарул пормаялъул ахиралда -инхъвала: цIализин, хъвазин, абизин, букIинин, боржинин.

70. Вуго, йиго, руго ва гьечIо абурал глаголазул ахиралда о xIapп хъвала.

71. Ахиралда -ин бугел глаголиял цIараздасан гIахьалаб заманалъул глаголал кьибилалда тIаде -уна жубан лIугьуна: букIин — букIуна, лIугьин — лIугьуна.

72. ГIахьалабги, арабги, бачIунебги заманалъул глаголалъул гьечIолъиялъул пормаялъул ахиралда о xIapп хъвала: гьабичIо, гьабуларо, гьабиларо.

73. Гьабизе глаголалъул кумекалдалъун лIугьунеб гьабизабул глагол гьадин хъвала: лъазабизе, кваназабизе, бачIинабизе, букIинабизе. Лъазе гьабизе, кваназе гьабизе, бачIине гьабизе, букIине гьабизе хъваниги битIун буго.

74. Кьибил такрарлъун лIугьунел глаголазул кIиябго кьибилалда гьоркьоб депис лъола: лъе-лъезе, щве-щвезабизе, тIе-тIезе, борт-бортизабизе, кьаб-кьабизе.

75. Гьаби масдаргун цадахъ хIалтIизарулел рагIаби, гьез цо магIна кьолеб бугониги, батIаго хъвала: кIодо гьаби, пикру гьаби, хIисаб гьаби ва ц.

Наречиязулги деепричастиязулги битIунхъвай

76. Гьоркьоб, гIодоб, кодоб ва гь. ц. наречиязулI кIиябго рагьараб гьаракь о хIарпалдалъун хъвала.

77. Жаниб, къватIиб гIадал наречиязул ахирияб рагьараб гьаракь и хIарпалдалъун хъвала.

78. Журарал наречиял рекIун хъвала. Масала: кIалагъоркъе, чехьатIаде, гьабсагIат, чIванкъотIун.

79. Ахиралда -и, -ин бугел глаголиял цIараздасанги, гьединго цо слогалдасан гIуцIарал ахиралда -ей бугездасанги деепричастие лIугьуна -ун супиксалъул кумекалдалъун: ахIи — ахIун, букIин — букIун, пуй — пун, лъей — лъун, щвей — щун, чIей — чIун.

80. Ахиралда -ай, -ой бугел глаголиял цIараздасан деепричастие лIугьуна супиксалъул кумекалдалъун: хъвай — хъван, чIвай — чIван, бай — бан, кьолой — кьолон, сорой — сорон.

81. Ахиралда -ей бугел глаголиял цIараздасан деепричастие лIугьуна -он супиксалъул кумекалдалъун: седей — седон, гьекъей — гьекъон.

82. -аго супиксалъул кумекалдалъун лIугьарал деепричастиязул буголъиялъул пормаялъул ахиралда букIа, -ого супиксалъул кумекалдалъун лIугьарал гьечIолъиялъул пормаялъул ахиралда букIа оxIapп хъвала: абулаго, букIунаго, гьабичIого, букIинчIого, абуларого, букIунарого.

83. БукIунедухъ, абуледухъ гIадал наречиял хъвалеб норма буго:ахирияб рагьараб гьаракьалъе у, цебехун е.

84. Абухъе, букIухъе, чIовухъе, товухъе, седохъе, кьолохъе, лъедохъе гIадал наречиязул ахиралда е хъвала.

85. Жиндир кумекалдалъун деепричастие лIугьунеб -дал супикс рекIун хъвала: аби — абидал, букIин — букIиндал, лъай — лъайдал, седей — седейдал, кьолой — кьолойдал, пуй — пуйдал.

Союзазул, хадурегIелазул ва частицабазул битIунхъвай

86. Амма, ва, ялъуни, гьединго, гIадин, гIадаб, я абурал союзал, гьединго гIоло абураб хадурегIел батIа тIун хъвала: мун а, амма дун инаро; Дов гIадин цIалани, мунги вукIина отличник; ГIали, гьединго ГIумар тIаде ана; ГIали ва ГIумар рокъор руго; Я мун, я дун; Дие гIоло тIубай дуца гьеб иш, мун киниги дун регIун гьечIо; Кинниги вачIунги вугелъул, жаниве лIугьа.

87. -ги абураб союзги, -го, -гин, -лъила, -али, -ха, -ни, -цин, -лъуни, -лъунни, -лъидал, дай, -ин, -али, -ниги, -я (гьеб частицаялъул бакIалда хIалтIизабун бугони), -ан, гIан, -хъин, -ани, -щинаб, -гониябабурал хадурегIелал ва частицаби цере ругел рагIабазда рекIун хъвала. Мунги дунги; мунго вачIа; дунгин цадахъ; гьадав чи ГIалилъила; Дунали вачIинин, дуца щиб гьабизе бугеб? ГIумарниги витIе рохьове; Щайха мун вачIинчIев? Дунни вачIинин, мун вачIинищ? ГIалицин вачIинчIо; Я дун, ялъуни мун ине ккола гьенире; Мунлъунни бокьиларо дие; Щибдай гьадаб? ГIумарлъидал гъов вукIарав; Лъидадай дов кIалъарав; Мун ватилин вукIана дун, гурев вукIун вугоха; Дунали рокъове унев вуго; Щибниги лъаларо досда; Гьанибе босея гьеб; ДовгIан гIезе дуе лъабго сон буго; ХIалтIизехъин вуго дов; Нухда гIарац цIикIкIун босарабани лъикIан; Гьанив вугевщинав чи къватIиве лIугьа; Гьабгонияб тIехь кисадай гьасие щвараб?

88. Цоцаз, цоцазе ва гьединго гьезул цогидалщинал пормабиги гьоркьоб депис лъечIого, цохIо paгIи гIадин хъвала; гьезул тIоцебесеб рагьараб гьаракьги о буго.

89. Цитатиял частицаби -ан ва -ян цебе бугеб рагIуда рекIун хъвала. Амма чияр калам батIа гьабизелъун кавичкабазде жанибе бачунниги, тиреялъ батIа гьабунниги бугони, гьел супиксал батIа хъвала: «Жакъа данделъи буго», — ян лъазабуна председателас.

Междометиязул битIунхъвай

90. Лe, огь, я, ия, ияхI, вай-вай, огьо-гьой, вала-лай, ваба-бай, о ва гь. ц. междометиял аскIор ругел рагIабаздаса ратIаго хъвала, гьездаса запятаязда­лъунниги, ахIул ишараялдалъунниги, суал ишараялдалъунниги ратIа гьарула; гьезул цо тайпа тIадехун бихьизабураб куцалда гьоркьоб деписгун хъвала.

БатIиял мацIаздасан рачIарал рагIабазул битIунхъвай

91. Чияр мацIаздасан рачIарал рагIаби хъвала магIарул мацIалда гьечIел гьаркьалги гьезда данде кколел хIарпалги хъвачIого. МагIарул мацIалда гьечIеб ф хIарп хисун п хIарп хъвала, ы хIарпалъул бакIалда и хIарп хъвала, ь хIарп хъвала гь, кь, хь кIирекъарал хIарпал лъугьине: пабрика, председател, параграп, пакъир, пиргIавн, виговор, вимпел, виставка, учителница, учител, модел, гьаб, хьит, кьабизе.

92. Ахиралда бугел рагIабазул гьеб нахъе рехизе бегьуларо я аслиял, я цогидал падежазда: смета — сметаялъул, схема — схемаялъул, коммуна — коммунаялъул, каюта — каютаялъул, вахта — вахтаялъул.

93. Ахиралда -ие бугел рагIабазул аслияб падеж гьел ахиралги цIунун хъвала, амма цогидал падежазда ахирияб хисун бачIуна: заседание — заседаниялъул, собрание — собраниялъул.

94. Школа, пабрика, аптека, почта, газета абурал рагIабаз аслияб падежалъул ахиралда а цIунулеб бугониги, гьезул цогидал падежазде хиси гьаркьикъаб гьаракь бугезул гIадин лъугьуна: школа — школалъул, пабрика — пабрикалъул, газета — газеталъул; школаялъул, пабрикаялъул, газетаялъул хъвазеги бегьула.

95. Ахиралда -ство, -ск супиксал ругел гIурус рагIаби ахиралда рагьараб гьаракь бугел магIарул рагIабазул къагIидаялда хисула: производство — производствоялъул, министерство — министерствоялъул; Буйнакск — Буйнакскиялде, Минск — Минскиялде; ахиралда -изм супикс бугел ахиралда гьаркьикъаб гьаракь бугел магIарул рагIабазул къагIидаялда хисула: социализм — социализмалъул.

КIудиял хIарпазул битIунхъвай

96. КIудиял хIарпал гьал хадур рехсарал бакIазда хъвазе ккола:

а) предложениялъул бетIералда (тIан­кIалда, суалияб ва ахIул ишарабазда, гIе­мер тIанкIазда хадур);

б) кIиго тIанкIалда хадур, цитата ба­чIунеб бугони;

в) кочIол щибаб мухъил бетIералда;

г) хасал геограпиял цIаразул бетIе­ралда;

гъ) учреждениязул хасал цIаразул бетIе­ралда;

гь) журналазул, газетазул, тIахьазул, асаразул хасал цIаразул тIоцебесеб ра­гIул бетIералда;

д) праздниказул цIаразул тIоцебесеб рагIул бетIералда.

е) орденазул ва медалазул опициалиял цIаразул бетIералда;

ж) чанго рагIудасан гIуцIарал учреждениязда лъурал цIарал хъвалаго, бищун цебесеб рагIул бетIералда кIудияб xIapп хъвала, цогидал рагIаби гьитIинал хIарпаздалъун хъвала: ГIелмабазул академия, Школазул институт;

з) киналго абревиатураби (рагIабазул бетIерал хIарпал росун гIуцIарал рагIа­би) чIахIиял хIарпаз хъвала хъвала: ЮПО, РП, РД, США.

Баян: Гьезда хадур рачIунел падежиял супиксал рекIун хъвала: ЮПОялъул.

Цо мухъидаса цоги мухъиде рагIи бикьун боси

97. РагIаби цо мухъидаса цоги мухъиде слогазде рикьун росула, цебесеб хIарпалдаса батIа гьабичIого: ща-къи, щакъи-тIел.

98. Цо xIapп цо мухъалда тезеги, цогидаб мухъалде бачинеги бегьуларо. ИяхI, мун, ябу, ина.

99. Цо мухъидаса цоги мухъиде рагIи бикьун босулеб мехалъ, кIутIбузулал (лабиалиял) гьаркьазул в хIарпги, гьединго ъ, ь ишарабиги цере ругел хIарпаздаса ратIа гьаризе бегьуларо: ба-къвана, макъ-ала, багь-ана. КIирекъарал абулел хIарпазул (с, х, ц, лъ, кк, кIкI, цI, чI) гIаламаталги цоцаздаса батIа тIезаризе бегьуларо. Ъ хIарп гьаракь бихьизабизе хIалтIизабун бугони, гьеб хадуб бугеб хIарпалда цадахъ цоги мухъиде бикьун босула, масала: мас-ъала, гьу-ърул. Рагьул ахиралда бугони, цебе бугеб хIарпалда цадахъ цоги мухъиде бикьун босула, масала: ваб-аъ.

100. Цогидал мацIаздаса рачIарал рагIабазулI рукIунел кIирекъарал хIарпал цо мухъидаса цоги мухъиде росулаго, цоцадаса ратIа гьаризе бегьула: про-грам-ма, ком-му-нист, кас-са, хIат-та.

Пунктуация

ТIанкI

101. ТIанкI лъола хабарияб предложение лIугIараб бакIалда. КIудияб ахикь дирго бокьулеб гъветI бихьула дида. (P.XI.).

102. Цо-цо баянал, ричIчIулел-лъалел рагIаби къокъ гьарун тараб бакIалда, ва гь. ц. (ва гьел гурел цогидалги).

103. ГIодоре риччан абулеб тIалабияб предложениялъул ахиралда. Мун метер гьаниве вачIинчIого чIоге.

Суалияб ишара

104. Суалияб ишара лъола суалияб предложениялъул ахиралда. Щайдай дун гIадамазда гьадин рихарав? (М.М.).

105. Суалияб магIнаялъул битIараб каламалъулI авторасул рагIабазда цебе. «Дунищ дуе къваригIарав?» — ан гьикъана васас гьалмагъасда. (М.Ш.).

АхIул ишара

106. АхIул предложениялъул ахиралда ахIул ишара лъола. ВатIаналъул эркенлъиялъе гIоло хварал бахIарзазе абадияб рец!

107. Гьари, ялъуни буюри жинца бичIчIизабулеб предложение ахIул интонациягун абулеб бугони, гьелъул ахиралдаги ахIул ишара лъола.

Дуе нух битIаги, тIадмагIарул вас,

ТIадегIанал ракьал цIунизе унев! (3.XI.).

108. АхIул интонациягун абулеб бугони, хитIабалда, междометиялда, гьединго у ва гуро абурал рагIабазда хадуб. ГIашура! Мун сваканги ятила, Супагун цадахъ дур кIущтIа рокъобе щвезабилищ! (Р.ХI.).

Огь! Дидаги лъала, лъимги гьечIони,

Бакъги рекъечIони, гъветI бакъвалеблъи. (Р.ХI.).

Гуро! Гьеб дие кидаго бокьуларо.

Запятая

Запятая лъола:

а) Тайпа цоял членал цоцаздаса тIе­за­ризе:

1) союз гьечIел тайпа цоял членал: Сал­ман тIаде вахъана, рахъ-рахъалде ва­лагьана. (М.М.);

2) союзгун ругел кIигоялдаса цIи­кIкIа­рал тайпа цоял членал цоцаздаса ратIа гьаризе: АхIмадги, Салманги, Сур­хайги ахикьехун ана;

б) ахIул интонациягун абулареб хи­тIаб батIа тIезабизе: Биччай, Пидел, гIе­бал гьел дур гъуждузде гъалараб бурти­на тIаде рехизе (Р.ХI.). ХIасан-даци, ро­хел бицун, щиб кьелеб? (М. С.);

в) бутIал ялъуни тире лъун тIеза­ру­ларел гьоркьор кколел рагIаби ва предложениял ратIа тIезаризе: Бицанихъе, гьав чи Мусал гьобол вуго;

г) ахIул интонация гьечIого абулел междометиял ратIа тIезаризе: ВахI, гьаниб телепоналъухъе бакIарун бугила халкъан гурищ дида абураб? (М.С.) ;

гъ) «у» ва «гуро» батIа тIезабизе:

— Мун самолеталдайищ вачIарав?

— Гуро, дун поездалда вачIана.

— НилI жакъайищ экскурсиялъ рахъинел?

— У, жакъа рахъина;

гь) батIалъизабураб определение тIе­за­бизе: НилIеда гъоркьов ГIабдула вуго, жакъадго тIад вусине кколев;

гI) батIалъизабураб цадахълъел тIеза­бизе: Нилъер ВатIан, Росиялъул Педерация, дунялалда бищун кIудияб улка буг;

д) деепричастиял гIуцIиял ратIа тIе­за­ризе: ТIад хинаб ретIелги ретIун, чуги кьолон, Ризван сапаралде вахъана;

е) заманлъун ва бакIлъун ругел ра­тIалъизарурал хIалал ратIа гьаризе: НилIер гьаниб, Дагъистаналъул ракьалда, хасел цIакъго квачараб букIунаро. Гьанже, гьутIби тIегьалеб гIужалда, нилIер ах цIакъго берцинго букIуна;

ж) гьоркьоса рахъилъун ругел свере­лал ратIа гьаризе: Киналго лъимал, Мансур хутIизегIан, школалде щун ругоан;

з) союзгун бугеб жубараб сокIкIараб предложениялъулI гIадатал предложениял цоял цояздаса ратIа тIезаризе: ЦIад чIана, ва ниж сапаралъ рахъана;

и) союзал ва союз рагIабигун ругел тIад­журарал предложениял бетIерал пред­ложенияздаса ратIа гьаризе: КватIи­чIо­го цIад базе бегьула, щайин абуни милъирщаби гIодорегIанисан роржунел руго;

к) бетIераб предложениялъул жинца баян кьолеб рагIуда хадуб ккун бугони, определениелъун тIаджубараб предложение батIа гьабизе: Жакъа нижеца къед лIугIизабуна, сон ГIумарица кьучI лъураб;

къ) хIалаллъун тIаджурарал предло­же­ниял бетIераб предложениялдаса ра­тIа гьаризе: ГIусман, нижехъе тIехь­ги кьун, рокъове ана. ЦIцIе кIанцIа­ра­лъу­сан, бурутIги кIанцIула. (К.) Абакар вачIинегIан, Ибрагьим кьижичIо. ГIа­мир кватIидал, Султан рахIат хун ву­кIа­на;

кь) шартIиял ва уступителниял тIаджурарал предложениял бетIерал предложенияздаса ратIа гьаризе: Мун вачIунарев ватани, нижеда хабар лъазабе. Сардил квачараб заман букIаниги, гьалмагъзаби кьижун ратичIо.

ТIанкIгун запятая

ТIанкIгун запятая лъола:

109. Тайпа цояллъун ругел тIиритIарал членал, хасго гьезда жанир запятаялги ругони, ратIа тIезаризе: БецIлъуда дида цере гьадалго чIегIерал, щалали лъаларел жал чIана; дагьаб добегIан бугеб хъарахъ добе-гьанибе хьвагIулеб бугеблъун кколаан; зобалда бадире чол гIундул кколаан цоцаздаса рикIкIадегIан эхетарал, рорхатал мугIруллъун.

110. Союз рагIабиги гьечIого журарал сокIкIарал предложениязул бутIабилъун ругел предложениял цIакъго тIиритIарал ругони, гьезда жанир запятаялги ругони, ялъуни магIнаялъулI гьел гIураб къадаралда жалго жидедаго чIарал ругони, гьел ратIа гьаризе: Нижеда гIагарлъухъ гьайбатал мокъокъал къвакъвадулел руго, цо-цоял хъирщадун хIурги ба­хъи­набун, хъудулел, доре-гьанире цIа­ру­цIахъдилел ругоан; тириял, тохал, цидалал гьезие щибго лъазе къваригIун, сундаго гозо кIутIизе бокьун бугоан, ва иргаялда гудраца кквезе руго гьел.

111. Тайпа цоял тIиритIарал тIаджу­рарал предложениял, жанир запятаялги ругони, цоцадаса ратIа гьаризе: ТIинкIун унеб кIверкъи тIегьалеб мехалъ; махил гьотIол букIдул рихъулеб мехалъ; гIинтIидул хъархъаз букIкIараб тIамах тIибитIизабулеб мехалъ; гъулдузда гIурдал дахIаялъул багIараб, хъахIилаб, хъахIаб ва тIогьилаб кьералъ чарал тIансаби тIамураб сурат цебе чIезабулеб мехалъ; кутакалда рекьуде бараб халкъ гIадин, цоцахъ балагьичIого, доре-гьанире наял роржанхъулеб мехалъ, гьалдейищ дун регIун вукIарав.

ГIемертIанкIал

ГIемертIанкIал лъола:

112. Бицунеб жо лIугIичIолъи би­чIчIи­забизе: Жакъа школалда… нилI метерги рихьизе руго.

113. Цо кинаб бугониги гIиллаял­далъун, кIалъалесул, я хъвалесул виха-хочиялъ предложение тIубачIого гьоркьоб къотIун букIин бичIчIизабизе: ВилIа Кубаялде… дора дир кверал Куркьбазде руссана, воржунев вуго. (Р.ХI.).

114. Росарал рагIабазулI цитатал тIуран гьечIолъи 6ичIизабизе: «Эбел, нолI нилIеде вачIун вукIарав… гьобол щив…» (ЦI.ХI.).

Тире

115. Тайпа цоял членазда хадуб гIамлъул рагIуда цебе: Расулги, Басирги, МухIамадги, АхIмадги — киналго устарзаби жакъа къебелъухъ данделъана.

116. Союз гьечIого жубараб сокIкIараб предложениялъулI:

а) хехаб хиси ккей бихьизабулеб бакIалда. Пири пирхана — сверухълъиго гвангьана;

б) гIаксаб магIнаялда кколеб бугони: НилI ГIалихъе унел руго — ГIали къватIиве унев вуго.

117. Составияб сказуемоялъул связка гьоркьоб биччараб бакIалда: ЩуцIул щуго — къоло щуго.

118. БитIараб каламалъул репликабазда цебе:

— Дуда цIар щиб?

119. — Гьоркьор ккарал предложениял ратIа гьаризе: Дов — Къурбаницаги бицунаан, — дагьав кIвахIалав вукIана.

120. БитIараб каламалъулI авторасул рагIаби ратIа гьаризе: «Дуцайищ дун ахIарав?» — ан абуна Къадица.

КIитIанкI

 

КIитIанкI лъола:

121. ГIамлъул рагIуда хадуб тайпа цоял членал ругони: Кидаго: къадги къасиги — чвахулеб лъадал гьаракь рагIулеб букIуна.

122. Союз гьечIеб жубараб сокIкIараб предложениялъулъ:

а) цебесеб предложениялъулI бицунеб жоялъе гIилла бихьизабулеб хадусеб предложение бугони: Нижеца кIудияб цIа бакана: ниж кутакалда квачан рукIана;

б) цебесеб предложениялъул магIна баян гьабулеб кIиабилеб предложение бугони: Гьанже нижер росу берцинго бихьула: сверухъ ахал гьарун руго, росулIе канлъи бачун буго;

в) тIоцебесеб предложениялъулI би­цараб жо кIиабилелъ тIаде цIикIкIи­набулеб бугони, кIиабилеб предложениялда цебе: Дун гIенеккун вуго: дида чол рекIаразул гьаракьги сасги рагIулеб буго.

123. БитIараб каламалъулI авторасул рагIабазда хадуб: ТIайгибица гьалмагьасда абуна: «Мун хIадурлъунищ вачIарав?»

БутIал (скобкаби)

БутIал лъола:

124. ТIиритIарал гьоркьор ккарал предложениял ратIа гьаризе: Цо нухалда хъутаналдаса рачIунаго (гьеб букIана 1964 соналъул ихдал заман) нижеца ШишиликIалда сордо базе ккана.

125. 81б. БатIи-батIиял тIаде магIна кьезе кьурал рагIаби жанире рачине: Ботаникаялъул (хурдузул хIакъалъулI гIелмуялъул) СагIадулагъица гьитIинаб мехалъго хIисаб гъабулаан.

Малъал (кавичкаби)

126. Абзацал гьечIого бугеб битIараб калам батIа гьабизе: «НилI гьанже гьанир чIела», — ян абуна Идрисица дида.

127. Цитатал цоцаздаса ратIа гьаризе: МагIарулазул аби буго: «Инсул гьоболги тоге, умумузул нухги тоге», — ян абун.