Дагьал церегIан къоязда Волгоградалда тIобитIана тайпадулаб гIи-цIцIаназул рахъалъ ТIолго россиялъул выставка. Гьениб ни лъер республикаялдаса гIияхъабазе щвана бищун гIемерал шапакъаталги: 11 меседил, 9 гIарцул ва 6 мазгарул медалал. Бечедаб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ, Гъуниб, Гумбет, Рутул, Буйнакск, Казбек ва Ахти районаздаса 15 батIияб гIи-цIцIани гIезабулел магIишатаз. Бищун гIемер шапакъатал щвана...

