Новость на родном

Самолёталги рулалъул гидроусилителалги  

        Гъизляралъул электромеханикияб заводалъ КамАЗазе рулазул гидроусилителал хIадуризе руго. Исана къватIибе биччазе буго гьединаб 500 алат. 2023 соналда гьеб къадар азаргоялде бахинабизеги ракIалда бугин бицана гьал къоязда «Рен-ТВ» ва «Известия» телеканалалъул журналистазе заводалъул генералияв директор Ибрагьим АхIматIовас: — Ахираб заманалда нижеца тIадчIун хIадур гьарулел руго вертолётазе, автомобилазе хIажатаб къайи-цIа. Мисалалъе, гьел ккола...

Новость на родном

1009 соналда хъварабги Къуръан цIунун буго  

  Дагъистаналъул пачалихъияб архивалда ва жалго бетIергьанал чагIазухъ цIунун буго гIараб мацIалъ квералъ хъварал ва басмаханаялда кьабурал тIахьазул нахърател (фонд). ГIараб мацIалъ квералъ хъварал тIахьазул цIикIкIарасеб бутIа бакIарун буго РАНалъул ДФИЦалъул тарихалъул, археологиялъул ва этнографиялъул институталъул Квералъ хъварал къанагIатал тIахьазул фондалда. Гьеб фонд рикIкIуна Северияб Кавказалда бищунго бечедаблъун, Россиялда — бищун кIудиязул цояблъун. Гьенир цIунун...

Новость на родном

Мухтар Амиров: «Жидеда хадур чагIи рачIине рукIиналде кIудияб хьул буго дозул»

        Дагьал церегIан Украинаялдаса тIад руссарал Дагъистаналдаса журналистазул цояв ккола «Координационный информационно-культурный центр» ГБУялъул нухмалъулев Мухтар Амиров. «Мирмол» сайталъеги (www.mirmol.ru) «Что там у дагестанцев?» абураб телеграм-каналалъеги материалал хIадуризе гьесда цадахъ гьенире ун рукIана Исрафил Исрафиловги Мурад МухIамадовги. Гьезго гIадин Украинаялдаса репортажал хIадурана «Дагъистан» РГВКялъул корреспондент Умай Ибрагьимовалъги, Россиялъул 1 телеканалалъул ва НТВялъул...

Новость на родном

КIиго миллион турист къабул гьавизе кIвеладай?

Гьал къоязда ДРялъул хIукуматалда тIобитIана республикаялда туризм цебетIезабиялъе, аслияб куцалда, муниципалитетаз гьабулеб хIалтIул хIакъалъулъ бицараб данделъи. Гъоркьиса нилъехъе цо миллион турист вачIун вукIун ватани, туроператоразухъги экспертазухъги ругел баяназда рекъон, исана вачIине вуго кIиго миллион чи.букIине кколеб куцалда къабул гьабизе гIурал ресал республикаялда ратиялда щаклъи загьир гьабуна Сергей Меликовас, интернеталда гIадамаз гьарулел хъвай-хъвагIаялги ракIалде щвезарун. Масала,...

Новость на родном

  Саби-кIодол гъасда

            Абула, гьаб дуниял гIисинал лъималазги цIикIкIарал чагIазги ккун букIунилан. Унго, цо харабазда букIунеб баракат, гьезул гъасда букIунеб хинлъи! Бокьула дие зама-заманалдасан гьезул гIакъилаб каламалъухъги, жидецаго нахъа тарал соназул хIалбихьиялдасан гIуцIарал гIумрудул дарсазухъги гIенеккизе, гьезухъе гьоболлъухъ ине. НекIогоялдаса нахъе бокьун букIана Хунзахъ росулъа Саби-кIодолгун гара-чIвари гьабизе. Гьелъул рокъове лъугьиндал, цо...

Новость на родном

Щай лъималаз малъараб босулареб?

      «Вай, гьанжесеб гIелалъул тарбия гьечIолъи! Я чIахIиязул адаб, я гIисиназул хIурмат гуро. ХIалтIиги тушман буго гьезул. ГIарацги хирияб буго. ТIубараб къоялъ кодоса телефонги биччаларо. Къиямасеб къо гIагарлъулеб букIиналъул гIаламат батилаха гьеб», — ан абун гIарзахъдула чIахIияб ригьалъул гIадамал. Щайха гьанжесеб гIелалда тIасан гIарзал камуларел? Малъараб щай лъималаз босулареб?      Лъималазе тарбия...

Новость на родном

Заур ГIалисултанов : «Физикаялдехун бугеб рокьи киданиги ссвине бокьилароан дие»

          Физика-математика-химия гIадал гIелмабазул чагIазул рахъалъ дир букIараб пикру хисизабуна Заур ГIалисултановас. Дир хIисабалда, гIалимзаби рукIине ккола микроскопазда тIаде къулун, лабораторияздаса къватIире рахъунарел, квер квализе щоларел электроназулгун атомазул, квантазул ургъалида гIумру тIамулел, чIамучIал гIадамал.  Амма гьелдаго цадахъ гIалимзаби чIамучIалин дица абиларо, Заурилгун гара-чIвари гьабун хадуб. ГIелмуго гIадин, гIумруги гIадамалги ричIчIулев гIолохъанчи...

Новость на родном

  Дир пишадул мугIалим (ГIАБАСИЛ МАХIАМАДИЛ 90 СОН ТIУБАЯЛДЕ)

               АлхIамдулиллагь, школалъул мугIалимзабаз, къо-мех лъикIги гьабун, дун тIойитIараб заманаялъ Аллагьас дие, дир гIумруялъул хадусеб бутIаялъе хIадурун ватана гьелги дирго эменги цолъарав, гIажаибго ракI сахаватав, доб мехалъ гIолохъанал шагIирзабазе рагьараб школа гIадав, жиндир тIалабияб бербалагьиялъ нижелъ божелги, нижедаго ракIчIейги бижизабизе бажарарав баракатав инсан МухIамад ГIабасович! Гьесул бицунеб бакIалдагицин бажаричIо...

Новость на родном

Пайдаявлъун вукIине гъирагун

    ГъазимухIамадов СагIид ккола Дагъистаналъул пачалихъияб педагогияб университеталъул филологияб факультеталъул студент. Гьев гьавуна ЦIумада районалъул Метрада росулъ. СагIид вуго факультеталъул профсоюзалъул комитеталъул председательги. Гьесулгун гьадинаб гара-чIвари гьабуна нижеца. — СагIид, щай дуца тIаса бищараб филологияб факультет? — Гьелъие аслияб гIилла буго нилъерго гIаммаб болмацI, магIарул мацI, гIадатги гIамалги цIунизе бокьи. Рахьдал мацI лъаларев чи...

Новость на родном

Санкцияздехун — зар, ярмаркабаздехун — кIвар

                Исана соналда тIоцебесеб росдал магIишаталъул нигIматазул республикаялъулаб ярмарка тIобитIана 9 апрелалда МахIачхъалаялда. Гьелда гIахьаллъана республикаялъул гIемерал районаздаса 180-200- гIанасев вакил (павильон-будка). Ахирал соназда гьел таманал тIоритIиялъул хIасилалда щвараб хIалбихьиялъги батила, ярмарка гIуцIун букIана гIезегIан лъикIаб даражаялда. ГIахьалчагIазе чIезарун рукIана хIалтIи берцинаб хIалалда иналъе рекъарал шартIал, бихьана цебехун...