Россиялъул предпринимательлъиялъул къоялда бан, 26 маялда республикаялъул журналисталгун дандчIвана предпринимателазе кумекалъе гIуцIараб Централъул директор ГIиса Мигитинов.
Гьесул рагIабазда рекъон, гъоркьиса гьез бизнесчагIазе ичIазаргогIанасеб хъулухъ гьабун буго.
Аслияб куцалда даранчагIазе кумек гьабулеб буго гIарцул рахъалъ. Кризисалда дандечIеялъул мурадалда лъагIалие лъабго процентги гъоркь ккун, микрозаймалги кьолел руго централъ даранбазаралда ругел чагIазе: жалго жидедаго чIун магIишат гьабулезе (самозанятые) – бащдаб миллионалдаса цIикIкIун гъурущ, гIиси-бикъинаб даран-базаралъул чагIазе – щуго млн гъурущ.
Ахираб заманалда нилъер ракьцояз байбихьун буго «Ozon», «Wildberries» сайтаздасан жидерго къайи бичизеги.
Гьединго 25 соналде щвезегIан ригь бугев бизнесменасе грантал (100-500 азарго гъурущ) кьезеги байбихьун буго. Амма гьелъие цо шартIги буго – гьеб щвезе бокьараз лъугIизаризе ккола бизнесалъул кьучIал лъаялъе гIоло централъ гIуцIарал курсал. Гьанжеялдего гьенив цIалун вуго 200-ниги чи.