ГIАНДИСА БАЙСУЛТIАНИЦА ШАМИЛ ИМАМАСУХЪЕ ХЪВАРАБ КАГЪАТ Дунялалъул рокъов бусурбанасдаги капурасдаги гурхIулев, ахираталъул рокъов хасго муъминчиясда гурхIулев Аллагьасул цIаралдалъун байбихьула. БетIергьан, Дуца зулмуялде ккараздехун имамасул ракI тамах гьабе, гьесул рекIелъе пакъирзабаздехун гурхIел рехе. Гьаб буго пакъир, Аллагьасул рахIматалде хьул лъолев БайсултIанил рахъалдасан Аллагьас тушбабазул гарбал къотIизе къуват кьеяв, Аллагьас жиндирго тIасарищарал чагIазда гъорлъ даим...

