«Роччоб» майданалда чуязул хIихIий

 

   28 маялда Гумбет районалъул Килалъ росулъ тIобитIана рес­ публикаялъулаб даражаялда чуял тIамиялъул фестиваль. Килдерил росдада цебе «Роччоб» майданалда «Шамил имамасул хъала» абун цIар кьураб гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна мадугьалихъ респу- бликаялдасаги малъун, 40 чотIахъанас.

Килалъ росулъ гъоркьисаги тIобитIун букIана гьединабго тад- бир. Амма исанасеб фестивалалъул даража бергьун кIудияб букIана.

ЦохIо чотIахъаби гурелги, гIемерал гьалбалги рачIун рукIана гьенире. Районалъул нухмалъулев Гъалип Гъалиповас баркала кьуна фестивалалде рачIарал гьалбадерие ва мадугьалихъ республикаялдаса рачIарал чотIахъабазе.

Тадбир нухда бачана «Гумбет» районалъул информациялъулаб бу­­тIаялъул нухмалъулев, РФялъул Журналистазул ва Хъвадарахъабузул союзазул гIахьалчи ХIамзат ГIизудиновас.

    ТIоцебесеб къецалда, лъабго свериялда бекерун бергьана ЦIиликьа бекерухъан «Малыш» абураб барти. КIиабилеб бакI щвана Камил ХIасановасул «Буртунай» абун цIар бугеб айгъиралъе. Лъабабилеб бакIалъе мустахIикълъана МухIамад МухIамадовасул «Зорро».

Щуго свери нахъа тезе кколел къецазда тIоцебесеб бакI щвана МухIамадхIабиб Къабуловасул «Акбар» чодуе. КIиабилеб бакI ккуна МухIамад Исрапиловасул «ГIусмания» айгъиралъе, лъабабилеб бакIалде бачIана МухIамад Cиражудиновасул «ГIоротIа» бекерухъан.

ХIалуцарал къецал рукIана фестивалалъул бищун халатаб манзил, ай 11 километралъул халалъиялда рекерулел чуязда гьоркьоб. Гьениб тIоцебесеб бакIги щун, бергьана Чачан республикаялъул Беноялдаса МухIамад Уцумиевасул «Сонк» бартичу, кIиабилеб бакIалъе мустахIикълъана АхIмад МухIамадовасул «Ирхат» айгъир, лъабабилеб бакI щвана АнсалтIаса Шарапудин Къурбановасул чодуе.

Бищун аваданал къецал рукIана хIамул рекеризе риччаялъул рахъалъ. Килалъа МухIамад Шейхулисламовасул «Мустанг» абураб бихьинхIамица исана данде базе течIо цониги гIундул халатаб жиндирго гьалмагъ.

Гьединго къецал рукIана рекерухъабазда гьоркьорги.

Гьалбадерие хIадурун букIана магIарул миллияб квен-тIехалъул тепсиги. «Роччоб майданалда журналистазе пресс-турги букIана хIадурун «Гумбет» РИОялъул нухмалъиялъ.

Гьединабго тадбир дагьал церегIан къоязда тIобитIун букIана Болъихъ районалъул РахатIаги.

Ахирал соназда республикаялда цIакъ машгьурлъун буго чуяздехун гьабулеб бербалагьи. ЛъикIалъикIал багьабиги кьун росулел руго гIолохъабаз гьел. ХIатта цоцояз кIи-кIи, лъаб-лъабцин.

КIиго соналъ цебе нилъер республикаялда цIи гьабун гIуцIана чуязул спорталъул рахъалъ федерацияги. Гьелъул нухмалъулев Зубай МухIамадовасул рагIабазда рекъон, къо бахъанагIан цIикIкIунеб буго гIадамазул чуяздехун бугеб интерес.

     — Араб кIиябго соналда жаниб чотIахъабазул щуго клуб гIуцIана нижеца республикаялда. Гьоркьоса къотIичIого тIоритIула батIибатIиял къецалги. Нилъер умумузул заманалда чу кидаго букIана чара гьечIо хIажатаблъун. РагьтIа чуги, магIида ярагъги кидаго букIана умумузул. Цо заманалда гьоркьобкъотIи ккун гьелдехун гIадамазул гъира-шавкъ дагьлъун букIанин абизе бегьула. БукIун батила гьелъие гIиллаги. ЦIияб заманалда, цо-цо цебе гIадатлъун букIараб жо дагьаб нахъе цулеб къагIида бугелъул. Гьанже цIилъун бачIана гIадамазул чуяздехун бугеб рокьи, — ян бицана З. МухIамадовас.

Гьединго щибаб соналъ гIадин чотIахъабазул сапар абун, магIарулазул тарихиял бакIазде щола нилъер гIолохъаби. ТIадмагIарухъ ругелщинал чотIахъабиги данде гьарун, гьеб сапаралъул аслияв цевехъанлъун вугин абизе бегьула гIолилазул жамгIияв хIаракатчи КIуядаса МухIамадхIабиб ГIалискандиев.

    Мисалалъе, Надир-шагьасда тIад магIарулаз бергьенлъи босараб, Сугъралъ росдада аскIоб бугеб, ХицIиб магъилъ бараб «ВатIан» мемориалияб комплексалде щола гьел. Гьединго сапар гьабула АхIулгохIде, Гьоор-Хьиндахъе, Къелебе ва Гьидалъ мухъалде, Къаралазулгун Кьесеразул росабалъе.