Щибаб гохIда дуда ватила Шамил

 

 

 

 1 июналда, имам Шамилил цIар лъураб къотIноб, «АхIулгохI» абураб жамгIияб цолъиялъ тIобитIана имам гьавуралдаса 225 сон тIубаялъул хIурматалда баннер седеялъул тадбир.

 

Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул Миллияб политикаялъул ва диналъул ишазул рахъалъ ми- нистерствоялъул, имам Шамилил цIаралда бугеб фондалъул, Динияб идараялъул ва жамгIиялгун гIолилазул гIуцIабазул вакилзабаз.

— Имам Шамил гьавуралдаса 225 сон тIубаялда хурхун тадбирал тIоритIизе руго исана, — ян бицана «АхIулгохI» гIуцIиялъул нух- малъулев Гъайирбег ГIабдулаевас.

— Гьале жакъа, имамасул цIар лъураб къотIноб, чIвана баннер. Амма цохIо гьеб сурат къадада чIвай гуро нижер аслияб мурад. Мурад буго Шамил имамасул тарихги, гьесул цIарги, бахIарчиял ишалги наслабазда лъай.