Новость на родном

Рагъул хъулухъчагIазул хъизамазул тIалабалда  

        10 маялда ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликов дандчIвана Украинаялда тIобитIулеб хасаб операциялда чIварал рагъулал хъулухъчагIазул хъизан-лъималгун. Гьезда зигараги бан, сихIкъотIиялъул лахIзаталдаса хадуб Меликовас абуна гьел гIолохъабаз такрар гьарунин КIудияб ВатIанияб рагъда жидер умумузулго ишал. Гьединго бицана гьезул хъизаназе киналго рахъалъан кумек гьабизе хIукуматалъул идараби хIадур рукIине кколиланги. Федералиябгун республикаялъул даражаялда гьезда кверчIвазе...

Новость на родном

ЦIадулгун лъел балагьал нахъчIваялъул бицана

      10 маялда республикаялъул нухмалъиялда букIараб данделъиялда бицана гIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалалги цIа ккеялъул хIужабиги цереккунго нахъчIваялъул, гьединго нагагьлъун гьединал хIужаби ккани, гьезул заралалъул хIасил лъугIизабиялъе щиб гьабилебали.   ГьанжегIагар Красноярск краялда цIадуца гьабураб заралги ккана гьеб данделъи тIобитIиялъе гIиллалъун. Гьороца добе-анибе цIаги босун, 60 росдае зарал ккун буго гьениб, анкьго чиги хун вуго....

Новость на родном

Дида ккола рагъда камурал васал Кирго рукъун гьечIин, къанабакь лъечIин

        9 маялда Бергьенлъиялъул парад тIобитIана Каспийскиялдаги. Гитлерил гIащтIичагIазда тIад советияб халкъалъ босараб бергьенлъиялда хурхун республикаялда тIобитIулеб аслияб тадбир гьениб гьабизе хIукму ккаралдаса исана лъабабилеб сон буго. Бергьенлъиялъул Парад байбихьана Каспийскиялъул флотилиялда хъулухъ гьабулел гIолохъабаз майдан къотIун, РФялъул пачалихъалъул ва гьединго Бергьенлъиялъул БагIараб байрахъ босиялдалъун. Пачалихъалъул байрахъ кодоб ккун букIана лейтенант Евгений...

Новость на родном

Цо-цо гьадинги ккола рагъда

        1941 соналъул ахиралда Дальний Востокалъул микьабилеб дивизия, росабигун шагьарал фашистазул хъамалчагIазукьа эркен гьаризе, Тамбовалъул, Курскиялъул ва Воронежалъул мухъазде рачIана. Гьелда гьоркьоб букIана Шодродаса ШагIманил Ризваницаги ХIажимурадил МухIамадицаги хъулухъ гьабулеб 163-абилеб рекIаразул полкги. Цо нухалъ, гьужумалде иналде цере, полкалъул рагъухъаби чIун ругеб рахъалде тушманас тIаде разе лъугьана гумпараби. МухIамад вугеб рахъалда гумпараги...

Новость на родном

Генерал

         Генерал-лейтенант МухIамад ГIабдуразакъов. Гьев щивалиги, кив хIалтIаравалиги, гьес Дагъистаналда цебе гьабураб намус бацIцIадаб хъулухъалъулги хIакъалъулъ лъаларев чи къанагIатги ватиларо. Гьединлъидал гьаниб тIадчIей гьабиларо гьев хIалтIарал бакIаздаги, гьес нахъа тараб, гIун бачIунеб гIелалъе унго-унгояб мисаллъун кколеб гIумруялдаги, бахIарчияб къеркьеялдаги. Бокьун буго Шамил районалъул ТIелекьа МухIамад ГьитIиновичасул хIакъалъулъ, комсомолазул цевехъан, ДАССРалъул Спорткомитеталъул председатель,...

Новость на родном

От механика до министра СССР

    ДОСЬЕ: Дагестанец — Бутома Борис Евстафьевич (1907-1976)   Председатель Государственного комитета Совета Министров СССР по судостроению ‒ Министр СССР, Герой социалистического Труда, лауреат Ленинской и Сталинской премий, ответственный за строительство первой в СССР атомной подводной лодки проекта 627 и первой в мире ракетной подводной лодки проекта B611      В истории отечественного судостроения...

Новость на родном

Северияб Кавказалъул халкъазул педагогияб культура

       Северияб Кавказалъул педагогияб культура лъугьана халкъазул гIумруялда гIасрабаз дандчIвараб захIматаб хIалбихьиялъул кьучIалда. ГIелмияб педагогикаялъ гьелда абула мугIрузул халкъазул тарбия кьолеб къагIидайилан. Гьеб къагIидаялъул тарбия кьеялъул алаталлъун ккола кьварараб заманалъ халкъ куцан лъугьарал халкъиял гIадатал – хур-ах гьабулаго, рагъулал, рукIа-рахъиналъул, хъизамалъулал, ай магIарул жамгIияталда рилълъанхъарал ва халкъалъ пайдаяллъун рикIкIунел. МагIарул тарбия кьеялъул аслияб...

Новость на родном

Маххгицин мукIурлъула

    «ПатIимат», «Ансадерил бахIарай», «ЦIва»… Арсен АсхIабовасул щибаб курхьеналъул буго жиндирго цIар.      «ЦIар кьураб мехалда рекIее парахалъи щола, щибаб тIагIелалъул букIинесеб къисматалъул пикру гьабизе бачIуна. Гьезда рухI лъезаби гIадаб жо ккола цIар лъей», — ян бицана ГIахьвахъ районалъул ГIарчоса меседил тIагIелазул устарас. Гьесул тIагIелазул цоял руго дунялалъулго музеязда, цогидал – къватIисел улкабазул...

Новость на родном

Къуръан цIализе рес гьечIин багьанаби ратуге

        Лъималазул хасият буго эбел-инсудаса, сверухълъиялдаса мисал босулеб. Канлъи бихьуларел гьитIичазин абуни, квераз кващун, сверухъ бугелъухъ гIинтIамун лъазабула дунял. Гьебги лъазабула кверзул тIогьиса килщазул кумекалдалъун. Канлъукъаб лъимералъе дунял гвангъизаби, гьеб гIадатияб гIумруялде буссинаби, аслияб къагIидаялъ, эбел-инсуда бараб буго. Цояз гьел жидедаго рараллъун гIезарула, цогидаз хIаракат бахъула гьединаб лъимер гIадатияб гIумруялде ругьун гьабизе....

Новость на родном

КватIун щвараб шапакъат

  НухIидин ХIажиев гьавуна 1962 соналъул тIоцебесеб сентябралда ЦIунтIа районалъул Гениялъ росулъ. Эбел-инсуда цадахъ гьев гочана Гъизилюрт районалъул Комсомольское росулъе. Гьениб лъугIизабуна гьоркьохъеб школаги.  1981 соналъул щуабилеб маялда Гъизилюрталъул цолъизабураб рагъулаб комиссариаталъ НухIидин витIана Советияб армиялде. ВачIинахъего гIахьаллъизе ккана Афгъанистаналда букIараб рагъулъ. Гьес рагъулаб хъулухъ тIубалеб букIана Асадабад шагьаралда гIагарлъухъ бугеб Кунар провинциялда. Гьениб букIана...