Дагъистаналъул Конституциялда хиса-басиязул хIакъалъулъ гуребги…

 

  30 июналда тIобитIараб Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул данделъиялде росарал суалазул цо-цоязул хIакъалъулъ чанго къоялъ бицунеб букIана гIадамаз. Гьезда гьоркьор рукIана Дагъистаналъул Конституциялда хиса-басиял гьариялда хурхаралги. Гьезде ва «2030 соналде щвезегIан ДРялъул социалиябгун экономикияб цебетIеялъул хIакъалъулъ» абурал законазул проектазде пикру буссинабулеб букIана жидерго кIалъаязда депутатазги. Щайгурелъул гьел руго республикаялъе цIакъ кIвар бугел суалал. БатIи-батIиял жамгIиял гIуцIабаз, жидерго дан- делъабазда гьоркьор лъун, гьезул хал гьабулебги букIана.

Абизе ккараб буго 1921 соналдаса хадуб Дагъистаналъул Аслияб законалда хиса-басиял гьаруна 1927, 1937, 1978, 1994, 2003 соназда. Гьел рукIана политикияб, миллияб, социалияб ва экономикияб гIумру цебетIеялда хурхун гьарурал цIилъабазда хурхарал.

  Сессия рагьун хадув кIалъазе вахъарав республикаялъул бетIер Сергей Меликовас тIадчIей гьабуна республикаялда церечIарал масъалаби тIуралел ругеб куцалда ва ругел захIмалъабазул хIакъалъулъ бициналда. Гьес пикру буссинабурал суалазда гьоркьор рукIана дагьал церегIан къоязда Санкт-Петербургалда тIобитIараб Экономикияб форумалда Дагъистаналъул делегациялъ гьабураб хIалтIул хIасилазул ва гьелдалъун республикаялде рачIине ругел инвестициязул хIакъалъулъ, араб соналъ республикаялъе фе- дералияб бюджеталдаса кьураб гIарац тIубанго харж гьабунгутIиялда бан ва гьеб Москваялде нахъбуссинабизе ккеялъул, риидалил мучIдузде гIи гочиналъе хIалтIизабулеб ракьалдаса битIун пайда босиялъул, Украинаялда Россиялъ гьа- булеб хасаб рагъулаб операциялъул, тIадеялъул Расул ХIамзатовасул юбилеялъулаб соналде хIадурлъиялъул, республикаялъул хадусеб соналде хIадурулеб бюджеталъул хIакъалъулъ ва цогидалги суалал.

С. Меликовас бадибчIвай гьабуна республикаялъе федералияб бюджеталдаса кьураб гIарац жиндир заманалда харж гьабиялъулъ тасамахIлъи биччарал министразе ва гьеб иш тIаде кколеб комитеталъе. Гьениб биччараб гIунгутIиялъе гIоло республикаялъул закупкаби гьарулеб идараялъул нухмалъулев хIалтIудаса эркен гьавунинги баян гьабуна республикаялъул бетIерас.

   КIвар буссинабуна «рагIдукь» бахчараб экономика тIагIинабиялда тIадчIей гьабизе ккеялда, Дагъистаналда туризм цебетIеялъе шартIал чIезарун гьечIолъиялда, ралел бакIал лъагIалабаз халат рахъинарулел рукIиналъул суалаздаги. ПалхIасил, республикаялъул бетIерас рихьизаруна чIванкъотIарал тадбирал ва хIукуматалда церечIарал масъалаби. Туризм цебетIеялъе исана республикаялъул бюджеталда бихьизабун буго кIиго млрд гъурущ.

    Риидалил мучIдузде гIи гочинабиялъул ракьазул къадар бахуна цогун башдаб миллион гектаралде. Жакъа гьел ракьазда гIун бачIун буго 200 росу, 77 школа, 16 лъималазул ясли-ах. Амма гьезул букIине кколеб хIисаб, статус, хъвай-хъвагIай гьечIо. Гьениб гIумру гьабулеб буго 28 азарго чияс. Гьениса босулеб пайдаги соналдаса соналде цIакъго дагьаб буго. «Гьеб рахъалъ гIадлу гьабизе ва ракьалдаса пайда боси цIикIкIинабизе ккун буго, гьелъие гIоло гьарулел тадбиразе кьучIги лъун буго», — ян лъазабуна бетIерас. Амма гьенибго бадибчIвай гьабуна гьеб рахъалъ гIуцIараб Халкъияб Собраниялъул хасаб комиссиялъ гьабулеб хIалтIи дагьаб бугилан.

    ТIадехун рехсохъе, депутатаз ва гIадамаз кIвар буссинабулеблъун буго республикаялъул Конституциялда гьарулел хиса-басиязда гьоркьоб бугеб Дагъистаналъул ракьазул цолъи цIуниялда жаниб республикаялъул бетIерасул кIваралда хурхараб суал. Нилъер республикаялъул Конституциялда гьарулел хиса-басиял, тIадежураял руго Россиялъул Конституциялде данде ккезабиялъул мурадалда гьарулел жал. Россиялъул цогидал субъектазул ва гьезда гьоркьоб Дагъистаналъул ракьазулаб цолъи цIуни, гьеб буго Россиялъул Конституциялда рекъон, Федералияб власталда тIадаб иш. Гьениб республикаялъул бетIерасул цIар рехсеялда ялъуни рехсонгутIиялда бараб жо дагьаб бугинги ккола. Мисалалъе, 1921 соналда Дагъистаналъул бетIерлъун вукIарав Жалалудин Къоркъмасовас, жинца нухмалъи гьабураб 10 соналда жаниб, Дагъистаналъул ракь кIиго нухалда гIатIид гьабуна, хIукуматалъул бетIерасул гьеб жавабчилъи кибго хъван яги бихьизабун гьечIониги. РакIалде ккола, гьеб борч кибниги хъвачIониги, республикаялъул нухмалъулесул рекIелъ, бидулъ букIине кколеб жо бугин абун.

   Республикаялъул бетIерас хIакъикъиял мисалаздалъун бицана Украинаялда Россиялъ гьабулеб хасаб рагъулаб операциялда дагъистанияз бихьизабулеб бугеб бахIарчилъиялъул ва гьелда бан пачалихъиял ва жамгIиял гIуцIабаз гIумруялде рахъинаризе кколел тадбиразул хIакъалъулъ. Дагъистаналъ Украинаялда ругел гIадамазе кумек гьабун, битIана квана-гьекъолел жалазул 2200 тонна.

  Жакъа республикаялъул бетIерас ва хIукуматалъ рихьулел тадбирал гьарулел руго Конституциялъ кьурал инсанасул ихтиярал цIуниялда, хIалтIи чIезабиялда, хIухьбахъиялда рухьарал тадбирал рагIа-ракьанде щун гIумруялде рахъинариялъул мурадалда. КIвар буссинабулеб буго экономикаялъе кьучIлъун кколеб налогал ракIариялде, тIадкъараб хIалтIи тIубаялъул рахъалъ хIакимзабаздаса тIалаб гьабизе ккеялде ва бугеб ахIвал-хIал кьучIдасанго хисизабиялде.

 З. ИЛЬЯСОВ