ЦIадул балагьалдаса цIунун хутIаги

 

        5 июлалда, цIаги ккун, бухIана Шамил районалъул Гъогъолъ росдал мажгитги аскIобго цун букIараб мадрасаги. ЦIаялъ зарал гьабуна гьениб гIагарда букIараб мина-рукъалъеги. ТалихIалъ, гIадан-чиясе зарал ккечIо.

          Амма эхетерал къадал хутIизегIан рас течIого бухIана мажгитги мадрасаги. ТIарикъаталъул устар, ГIуриса ХIусенил МухIамад-афанди (къ.с) Гъогъолъ гIумру гьабун вугеб заманалда гьес чанги жаниб какги бараб росдал некIсияб мажгит букIана гьеб. 20-ялдасаги цIикIкIун соналъ цебе, росдал жамагIатчи, мунагьал чураяв ГIабдулкъадирил АхIмадил хIаракаталдалъун цIигьабун къачIанги букIана. Гьесулго хIаракаталдалъун бан букIана чанго соналъ цебе мадрасаги. Шамил районалъул ГIасаб росулъ бугеб исламияб институталъул филиал кколаан гьеб.

        Тохлъукьего рекIараб цIа свинабизе Гъогъолъ росдал жамгIаталъе кумекалъе сверухъ ругел росабалъа гIемерал чагIиги рачIана. Гьезие киназего, газета гьоркьоб ккун, жидер жамагIаталъул рахъалдаса баркала загьир гьабеян кIалъан вачIана редакциялде Гъогъолъа Дибиров ГIабдурахIим.

   — Мадугьалихъ ругел Гьонодаса, Гьолокьа, ТIелекьа рачIана цIакъ гIемерал чагIи. Нижерго районалъул киналго росабалъаги гьаниве вачIинчIев чиго хутIун ватиларо. Гьединго нижее хIалае тIаде щвана Хунзахъ ва ЛъаратIа районазул цIа свинабулеб хъулухъалъул хIалтIухъаби. ЦIакъ кIудияб хIаракат бахъана гьез ва кумекалъе ахIуд рахъун рачIараз.

      Гьезие киназего баркала кьезе бокьун буго. Нижер гьанибе чIараб хIетIеги, кумекалъе бе- гьараб кверги ахираталъул рокъоб бищун хIажатаб бакIалда хIалае батизе кирилъун хъваги. НижгIанги Аллагьги аварагги разилъаги гьездаса. Жакъа нижер росулъе ракIалдаго гьечIого гIадин бачIараб нагагьаб балагьалдаса цIунун хутIаги нилъ киналго, — ян гьара-рахьи гьабулеб буго гъагъадерил жамагIаталъ.

А. ЮСУПОВ