Санкциязе квешезе… Союзалъулаб пачалихъалъулгун гьарурал къотIи-къаязул гьарзалъи

 

   Гьал къоязда Белоруссиялъул Гродно шагьаралда тIобитIана «Россиялъулги Белоруссиялъулги регионазул форум» абураб тадбир. Улкаялъул киналго регионалги данде гьарун, исана ичIабилеб нухалда тIобитIараб гьеб форумалда гIахьаллъи гьабуна нилъер республикаялъул вакилзабазги.

Дагъистаналъул делегациялда гьоркьор рукIана: ДРялъул хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимов, вице-премьер Ризван ГъазимухIамадов, дармилгун промыш- ленносталъул министр Низам Халилов ва цогидалги министерствабазул вакилзаби.

 

Добе — гIиял квасги рахьдал нигIматги, анире — тракторалги цIияб заводги

 

     Дагъистаналъе пайдаял къотIи-къаял гьаризе рес кканин форума- ялдаян абуна гьелъул гIахьалчагIаз. Мисалалъе, росдал магIишаталъул бутIаялда лъикIаб цебетIей ккезе бегьула форумалдаса хадуб. Нилъер гIиял квасги гьединго рахьги Бело- руссиялде баччизе къотIи-къаял гьа- руна ДРялъул хIукуматалъул нух- малъулев ГI. ГIабдулмуслимовасги Белоруссиялъул Росдал магIишаталъул министерствоялъул вакил Леонид Зайцевасги.

СШАялъгун бакътIерхьул улкабаз Россиялда санкциял лъазарураб за- маналда, Белоруссиялъулгун гьеди- нал къотIи-къаял гьари жакъа чара гьечIеб ишлъун лъугьанин бицана «ХIакъикъаталъе» вице-премьер Ризван ГъазимухIамадовас.

— Гьелъие гIоло ахIараб букIанин абизе бегьула гьеб форумги. Жакъа дунялалъул гIемерисел пачалихъ- ал Россиялъул политикаялде данде рукIиндал, хIажалъана нилъерго пи- круцояб пачалихъалъулгун гьоркьор- лъаби щула гьари, гьудуллъи-вацлъи рагIизаби.

Хас гьабун Дагъистаналъул рахъалдаса гIемерал къотIи-къаял гьаруна гьенир. ТIоцебесеб иргаялда, нижеца тасдикъ гьабуна 2022-2024 соназда цадахъ рекъон гьаризе ругел хIалтIабазе хIадур гьабураб план гIумруялде бахъинаби. Гьеб буго 20 соналъ цебего, ай 2002 соналдаго нилъер республикаялъги Белоруссиялъги хIадур гьабун букIараб план.

Росдал магIишаталъул, лъай кьеялъул, маданияталъул, туризмалъул, транспорталъулгун логистикаялъул бутIаялда сверухъ, цадахъ рекъон хIалтIизе къотIи-къаял хъвана республикаялъул хIукуматалъул нухмалъулев ГI. ГIабдулмуслимовасги Белоруссиялъул хIукуматалъул нухмалъулев Роман Головченкоцаги.

Гьеб гуребги, ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовги гIахьаллъун, дицаги республикаялъул энергетикаялъул министр Ризван Мурадовасгун цадахъ къотIи-къаял гьаруна Минскиялъул тракторал гьарулеб заводалъулгун. МахIачхъалаялда гьезул тракторал къачIалеб центр рагьизе буго кватIичIого. Амма бищун интересаб жо, цохIо тракторалъул жагъалал жал къачIан гуреб, гьезул цIиял моделал, алатал ургъизеги рес кьолеб, сундулго рахъалъ гьарзаял шартIазул центр букIине буго гьениб.

Гьелда чIечIого, МахIачхъалаялда рагьизе бугеб централда нилъецаги хIадур гьаризе руго тракторал. Дида ккола Гъизляралъул КЭМЗалъ ялъуни цогидаб, ай машинаби гьарулеб заводалъ тIаде босилин гьеб хIалтIиян.

 

Транзиталъул нухдаса нилъее щолеб хайир

        Цоги кIвар бугеб иш, гьеб фору- малда гьаруна транспорталъулабгун логистикияб бутIаялдаги къотIикъаял. МухIканго абуни, «СеверЮг» абураб транзиталъулаб нух- да сверухъ гьарурал къотIи-къаял ккола гьел. Халкъазда гьоркьосеб транзиталъулаб нух букIиналъ, нилъер республикаялъе цIакъ пайда цIикIкIараблъун ккола гьеб. Щай абуни, МахIачхъалаялъул Дармил портги, республикаялъул маххул нухлул транспортги, гьединго автомо- билазул транспортги гIахьаллъизе рес буго гьеб бутIаялда. Мисалалъе, Белоруссиялъ къватIибе баччулеб калиялъулаб удобрение ине буго дица тIадехун рехсарал транспорталъул тайпабиги гъорлъ гIахьаллъун. Жакъа гьезул удобрение Азербайжан къотIун уна СагIудиязул ГIарабиялде, Пакистаналде, Ираналде ва югалъулабгун бакъбаккул чанго пачалихъалде. Гьеб хайираб иш буго республикаялъе, — ян бицана Р. ГъазимухIамадовас.

Гьелда чIечIого, гIемерал пайдаял гьоркьорлъаби щула гьарулел къотIи-къаял гьаруна Гродноялда тIобитIараб форумалдаян тIаде жубана гьес хадубги. МахIачхъалаялда цадахъал чанго предприятиял рагьизе, республикаялде гьезул къайи-цIа, рахь, хIан, нах баччизе ва цогидалги санагIалъаби гьаризе руго гIагараб заманалда.

Белоруссиялда гьарурал рахьдал нигIматал нилъер республикаялде цереги рачIунаан, гьанже гьелъул къадар тIадеги цIикIкIине буго.

     Гьенир гIезарурал рахьдал нигIматал гъираялда росула нилъер гIадамаз. ХIакъикъаталдаги татуяб тIагIам букIуна гьезул. Амма со- циалиял сетазда цо-цояз жидерго щакдараби загьир гьаруна, нилъер республикаялда гIезабураб квас Белоруссиялде баччизе букIинелъун гьарурал къотIи-къаязда хурхун. Мисалалъе, гьикъулеб буго кIудияб къадаралда гьенибе битIизе гIураб квас республикаялда бугебдайилан. Батанигицин, цебе гIадинаб багьа букIинадай квасухъ. Мисалалъе, советияб заманалда гIиял квасул къимат букIараблъи нилъеда лъала. Гьанжейин абуни гьелъул багьа цIакъ учузлъана.

 

«КIиго бетIерги хIалтIун, ункъо кверги квалквадун»

     Белоруссиялде баччизе бегьула нилъер гьаниб гIезабураб ччугIаги. Гьединаб баян кьуна Минскиялда букIараб форумалда хурхун жиндирго пкиру загьир гьабулаго, ДРялъул ччугIил магIишаталъул рахъалъ комитеталъул нухмалъулев Виктор Руденкоца.

— Мисалалъе, ниж хIадурал руго Белоруссиялде толстолобик, сазан, кефаль, килька гIадал ччугIбузул тайпаги, гьединго ччугIил гьабураб батIи-батIияб нигIматги битIизе, — ян абуна гьес.

Гродноялда тIобитIараб форумал- да 65 миллиард гъурщил багьаяб 60 къотIи-къай гьабуна Россиялъгун Белоруссиялъ. Гьеб форумалъул аслияб хIасиллъун рикIкIине бегьула, къватIисел улкабаздаса бачIунеб къайи-цIаялдаса инкарги гьабун, нилъецаго гIезабуралдаса пайда босизе цIиял нухалги санагIалъабиги рати.

БакътIерхьул пачалихъаз гьоркьоса къотIичIого санкциязул гьужум гьабулеб мехалда, бищун лъикIаб жо бугин гьабсагIат нилъее (Белоруссиялъеги Россиялъеги) цоцалъ рекъон магIишат гьабиян абуна, форумалъул хIасил гьабулаго, РФялъул президент Владимир Путиницаги.

ЦIадаса ХIамзатица абухъего, «кIиго бетIерги хIалтIун, ункъо кверги квалквадун» гьабуни, магIишаталда баракат лъечIого хутIуларо. Гьелъухъего, баракатаб батаги Россиялъги Белоруссиялъги цадахъ гъуждул гурун хIалтIизе гьабураб ният.

 

Ашахан ЮСУПОВ