ГIахьвахъ районалъул ТIадмагъилъа, гьанжего-гьанже михъида хIур чIвалев, ГIабдурахIман ГIумаровасги хIукму гьабуна рагъде ине. Советияб Армиялда хъулухъ гьабизе байбихьана Бакуялъул кIиабилеб пехотаялъул училищеялда цIализе лъугьиналдаса. КIудияв сержант, взводалъул командир, 19 сон барав ГIумаровасе тIоцебесеб рагъулаб лъадари щвана Орджоникидзе шагьаралда гIагарлъухъ. Орджоникидзе шагьар ва Гизел росу тушманасдаса эркен гьабурабго, гьезул отделение биххизабуна ва...
