Туристал кин цIунилел?

 

   Туристазул гIумруялъе хIинкъи гьечIолъиялъул шартIал чIезариялде кIвар кьолеб буго республикаялда. Хунзахъ росулъ ккараб гIадаб талихIкъосараб иш ккечIого букIиналъул мурадалда гьарулел тадбирал ккола гьел.

Дагьав цеве Хунзахъе щун вукIарав ДРялъул премьер ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовасги бадибчIвай гьабуна бакIалъулаб нухмалъиялъе рукIине кколел шартIал чIезаричIогойиланги абун.

  Щибха гьабулеб бугеб тIадехун бицен гьабураб гIадинаб лъугьабахъиналдаса хадуб туристазул гIумру цIуниялъе? Гьеб суалалда сверухъ цIех-рех гьабуна нижеца. Масала, республикаялъул Туризм цебетIезабиялъул министерствоялдаса нижее кьучIаб баянго щвечIо. Гьезул пресс-хъулухъалъ битIун бачIараб жаваб буго, цогидал киналго идарабаз кьолеб, официалияб пикруялда релълъараб.

   2019 соналдаса байбихьун, гIезегIан туристал республикаялде рачIунел ругониги, нилъер гьаниб гьезие чIезарурал шартIал гьечIин рикIкIунеб буго туроператорлъун хIалтIулев Гьашим Каримовас. Бищун къваригIунел хIажатханалцин гьечIила. Ахираб заманалда лъил хIаракаталдалъун гьабун батаниги, Гьоор росулъ лъун ругин туристал рачIунел мухъазда хIажатханаби, амма гIемерисеб бакIалда шартIал гьечIин рикIкIунеб буго гьес.

— Чанго сон буго дир туристалгун хьвадулев вугелдаса. Амма гIемерисел бакIазда квегIенлъаби гьечIо. Мисалалъе, жакъа туристазда гьоркьоб бищун машгьураб маршрут буго Сулахъ-къварилъи. Гьенире жанире лъугьунаго, КППялдаса бахъараб, ЦIобокь-Миякьобе катеразда рекIине унелъул нахъа тезе ккола 15 км нухлул. ГанчIазул, гохIазул цIураб, хъил тIечIеб, цIакъ хъарцинаб хIалалда буго гьеб нух. Гьелде тIадеги, цIад банщинахъе хIинкъи букIуна гьарчал гирун рачIиналъул.

КIиабизе, киназдаго рагIана ЦIобокь-Миякьо хIорихъ катералги цоцалъ речIчIун цо туристасе къварилъи ккеялъул хIакъалъулъ. Гьанже абулеб буго гьеб катер бачунезул лицензия букIун гьечIин абун. Сунда банха гьеб тун букIараб, кьеха гьезие лицензияги, гьабе хъвай-хъвагIайги, бакIаре магъалоги.

   Гьединго цIуна-къаялъулал шартIал гIуцIун гьечIо магIарухъе ругел маршрутаздаги. ГIемерисел бакIал руго гIицIал авлахъал, мугIрул, щобал. Амма цо рахъалъ босани, чанги бакIал руго щибго хIинкъи гьечIолъиялъул шартIал гIуцIизе рес гьечIелги. Мисалалъе, Гьоор росдал сиял ругеб бакI. Гьеб буго кьурул рагIалда. Щиб гьениб гьабилеб, кин гьеб бакI къалеб? Гьеб буго ралъдал рагIал сверун чали гьаби гIадаб жо.

Амма цо-цо туристалги руго тIасан ккарал. Нижер гьаниб тIадагьаб ретIа-къай бегьуларин, хъалиян бухIизе, чагъир гьекъезе гьукъараб бугин абуниги, гIенеккуларо. Квешаб бакI бугищ-гьечIищали пикруго гьабичIого, кьурул рагIалде рекерула сэлфи гьабизе, видео бахъизе, — ин бицана Гь. Каримовас.

Къокъго абуни, чанги жо бугин туристазда хурхун гьабулеб хIалтIулъ тIаса квер босун хутIарабин рикIкIунеб буго гьес.

Хунздерил ЦIолбокь рагIалда ккараб хIужаялда хурхун гьадин бицана райадминистрациялъул нухмалъулесул заместитель ХIамид ГьитIиновас:

— Гьеб хIинкъи бугеб бакI бугилан бицунел игIланалги чIван, кьурул рагIалде щвелалде цебе бугеб бакI сверун къан цIуна-къаялъул тадбирал гьарун рукIана нижеца. Гьеб иш ккун хадуб жеги тIаде цIикIкIинаруна гьелго игIланалги щулалъабиги. Амма гьаруниги щиб, гьезда тIасанги кIанцIун унел ругелъул гIемерисел туристал. Бегьуларин, хIинкъи бугин абуниги, санцин гьабулеб гьечIо. Низам цIунулел хIалтIухъабицин тана нижеца гьенир (ЦIолбокь). Аза-азар туристазул щивасда аскIов эхетун, гьезие насихIатал гьаризе нижерги ресги, заманги, къуватги букIунаро.

  Гьединал ишал ккедал хIакимзабазде гIайиб гьабизе гIедегIула. Нижги тIатIала квералги лъун чIун гьечIо. Хунзахъ къварилъиялъул халалъи буго 130 метр. Гьеб кинабго сверун къазе гIураб гIарцул сурсат районалъул администрациялъул гьечIо. Исана лъазабун буго тендер гьеб сверун къаялъул хIалтIаби гьаризе, 4 миллионгун 300 азарго гъурущ харж гьабизе ккола. Гьеб гIарац щведал тIубан сверун къала гьеб.

 Ашахан ЮСУПОВ