Лъимги лъел мухъал къачIазе гIарацги

 

  КIиабилеб августалда ДРялъул хIукуматалда тIобитIараб данделъиялда гьоркьоб лъун букIана Гъизилюрт шагьаралъул лъел мухъазул суал. Гьезул гIемерисел басралъун, некIого хисизе заман щун, цо-цоял абуни, тIуранго турун ругин бицана гьеб данделъиялда. Гьединабго хIал рагIула хъублъи жанисан чвахулел рогIразулги. Гьезул цо бутIа цIияздалъун хисун, бегьулел къачIазе ругин абуна премьер ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас.

   40000 чияс жаниб гIумру гьабулеб Гъизилюрт шагьаралде гьекъолеб лъим бачIунеб буго «МиякьоМахIачхъала» лъел мухъдасан. Гьенисанго гьеб лъим бикьун унеб буго хъублъи бацIцIад гьабулел рогIразухъеги.

   Амма тIубараб шагьаралъе кIудияб гIунгутIилъун жакъа буго гIемерисел гьел лъим кьабулел мухъалги, хъублъи жанисан унел маххул турбабиги басралъун, турун инелде ккун рукIин. ГIаммаб куцалда босани, гьел лъел мухъазул 78 процент рагIула цIакъго басралъун. Амма тIубараб шагьаралъе кIудияб гIунгутIилъун жакъа буго гIемерисел гьел лъим кьабулел мухъалги, хъублъи жанисан унел маххул турбабиги басралъун, турун инелде ккун рукIин. ГIаммаб куцалда босани, гьел лъел мухъазул 78 процент рагIула цIакъго басралъун.

   Шагьар къотIун гьекъолеб лъим жанисан унел 176 км ругел лъел мухъазул, бащдалниги гьабсагIатго хисизе кколеб хIалалда руго. РогIрал басралъун рукIиналъ камулел гьечIо хIужаби лъим чороклъиялъулги. Гьеб гуребги, басриял турбабазухъан чвахун унеб лъел 15 процент щолелъубе щвечIого, ай гIодобе чвахиялъулги хIужаби руго.

Гьединаб хIал буго жакъа Гъизилюрт шагьаралда лъим унел мухъазул.

    ХIукуматалда букIараб данделъиялда бицана гьел мухъал къачIазе гIарац кьезе бугилан. Республикаялъул инвестициялъулаб программаялда рекъон, гьабсагIат проекталъулгун сметаялъул документал хIадур гьарулел руго, Гъизилюрталда ва ЦIияб Сулахъ росулъ лъел рогIрал хисизе гIарац биччазе букIине.

   Гьенибго борхана Гъизилюрт шагьаралъул «Новый» абураб микрорайоналда цIияб ясли-ах хIалтIизе биччаялъул суалги.