Нилъер МухIу (МухIу ГIалиев гьавуралдаса 82 сон тIубаялде)

 

 

Лъимерлъиялъул лахIзатал

   Школалда цIалулеб заманалдаго, гъира букIунаан нижер, цIалдохъабазул, ГIалил МухIугун дандчIвазе. ЦIакъ бокьулаан гьесул, инсулго гIадаб, гIакъилаб каламалъухъ гIенеккизе. Лъималазулги дагIба-къец букIунаан МухIуда хьолбохъ чIун лъие щвезе бугеб сурат бахъизеяли. ДандчIваяздаги киназего бокьулаан гьесда аскIорегIан гIодор чIезеги.

Гьанжегицин елъизе бачIуна, лъимерлъуда ккараб кепаб лъагьа-бахъин ракIалде щведал:

   — КIиго-лъабго къоялдасан росулъе ГIалил МухIу вачIине вугилан хабар рагIаралдаса, гьев вачIинегIан къачIана дица ретIине партал. Гъизон букIинчIониги, чанги нухалда чурана гурдеги, анцIго нухалъгIаги бахъун батила итуги, басриялго хъахIал хьитазда бахана, дирго цIиял кенчIолел хьитал лъугьине, чIегIераб мазьги. Гьеб къоялде цIиял бантикалги рукIана росун, Хъаладухъеги ун. Росдал тукада ричулел рукIаразда рекъечIогоха дун.

Гьедин къачIаялъе гIиллаги букIана – ГIалил МухIуда аскIой чIун сурат бахъи. Доб мехалдаги, цIакъго тIадегIанал, ишал-хъулухъазда гьечIониги, росдацаго адаб гьабулаан гIадатияб хъизамалда гIурав ва тарбия щварав гIадатияв гурев инсанасул.

Гьел къоялги цIакъго халатал рукIана дие, сардалги рогьунелго рукIинчIо.

Ахир-къадги тIаде щвана МухIу вачIунеб къо. Гьеб букIун батизе кколаха тIоцебе дида гьев вихьулеб къоги. БукIана дандчIвай, нилъалзукь кверги чIван, дун гьес бицунелъухъ, бичIчIаниги бичIчIичIониги, гIенеккун йикIана. КъваригIун букIана сурат бахъизе. Амма, талихIкъосин гIеларищха, дие рес ккечIо, гьесда аскIойги чIун сурат бахъизе. Киназего бокьун букIана гьев вихьизе, гьесулгун гара-чIвари гьабизе.

Берзул нур свине хIалалда къачIан йикIарай дир гIемер гIодиялъ берал багIарлъун рукIана. Гьеб къоялъ МухIу Хунзахъеги ине кколаан. Ячун дунгун эбел йилълъана Хунзахъе. Ва гьениб бахъана дица ГIалил МухIуда аскIойги чIун сурат.

МашаАллагьха, дие гьаб суратги букIараб хирияб – гIемер гIакъуба бихьидалха, гьеб балагьулебги. Гьебги босун районалъул «Росдал захIматчи» газеталдеги ун йикIана дун. Гьениб суратги МухIул хIакъалъулъ дицаго хъвараб кечIги бахъун бачIараб къоялъ, дун йоххиялъ битIахъего анкьабилей зодой йикIун ятила. Жеги цебеса унаро, гьитIинай дие жинда аскIой сурат бахъизе бокьун бугин абидал, гьев велъараб куц.

— Хуриса ГIалил МухIу

Вуго жакъа вачIунев.

Гьесулгун дандчIваялде

 Дунги хIадурлъун йиго.

 

Жакъа вихьила дида

Дирго гьудулалъул вац.

 Гьесда аскIой чIун сурат

Бахъизе бугеб гъира!

 

Нижер росу чIухIарав,

ЧIухIи лъаларев МухIу,

ЦIалила дун, хIалтIила,

Дудасан мисал босун.

 

ТIануси рикIкIине щвечIеб гьаб кечI, Хунзахъ рикIкIана дица МухIуе.

   Ана сонал. ГIуна дун кIудияй. РагIана Хуриса ГIалил гIакъилав вас МухIул хIакъалъулъ рицунел харбал. РагIула гьесул ракIбацIцIиялъеги унго-унго магIаруласул яхI-намусалъеги кьолеб тIадегIанаб къиматалъул.

  Чанги кIуди-кIудиял хъулухъазде кканиги, МухIу хутIана гьитIинавлъун, гIадатиявлъун. Гьеле гьеб гIадатлъиялъ жакъаги хасаб берцинлъи кьола Хуриса ГIалил минаялъе. Росу бакьулъ эхетараб гьелда берчIвайдал, цеве вачIуна, инсулго гIадаб гIакъилаб каламалъул МухIу.

  Гьесухъ гIенеккизе дие рес щвана, президентлъиялдасаги нахъе араб заманалда, жиндирго цIиял тIахьазул цереросиялда. Гьеб букIана Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIалалъги гьелъул букIинеселъул ургъалидаги вугев дагъистаниясул кIалъай. Гьелъулъ букIинчIо кинабгIаги чIобоголъи, гьеб букIана ракIунтараб, ургъалабазул цIураб калам. ВачIуна МухIу гIагараб росулъе. Ва ниж киналго гIедегIула нижерго МухIухъе, бокьула, доб кидаялиго лъимерлъуда гIадин, гьесухъ гIенеккизе ва аскIой чIун сурат бахъизе. РакI бохизабула росуцоязухъ, хасго харабазухъ, урхъарал чIалгIарал гьесул берал рихьидал. Гьезулъ бугин ккола цо кинабалиго пашманлъиги:

   — Къоялдаса къоялде гIагараб Дагъистаналда тIегьан бачIунеб бугеб ришватчилъиги, лъайхъваял гьечIого щоларел хъулухъалги, хъулухъазда ругел цо-цоязул миллатчилъиги, инсул ирс бикьулел ругел гIадин, Дагъистаналъул бечелъи бикьулел цогидалги, мугь чIвалеб бакI бугезе гурони щоларел шапакъаталги. Гьеб киналъго рахIат хвезабулеб батила гьесулги. Жакъа жиндирго гIумруялъул, нахъа тарал сухъмахъазул шагьраялъул хIисаб гIемер гьабулеб батила гвангъараб гIумруялъул кIудияб хIалбихьи бугев гIакъилас. Амма дир ракIчIола, аралъухъе нахъвуссун валагьани, гьесда гьениб батизе гьечIо щибго ракIбухIизе жо. Гьесул хIакъалъулъ гIагараб халкъалъ абизе гьечIо ришватчи, хIалихьат, чIвадарухъан вукIанин.

   Гьелдаса кIудияб талихIги щибха букIинеб кIудиял ишазул бетIерлъуда вукIарав инсанасе. Щибаб соналда, август тIаде щолелъул, бокьула гьев тIадегIанав инсанасул хIакъалъулъ хъвазе. ТIад-тIадюссун цIалула гьесул тIахьал, ва ботIролъе рачIуна гIемер батIи-батIиял пикраби. Хуриса ГIалил гIумруялъул дарсаз кIудияб гъалатIазул, заз-хъарахъалъул цIураб дунялалде нухарегIарав инсул мустахIикъав васасда хьол- бохъ кидаго рукIун ратила инсул гIакъилаб каламги гIагараб халкъалъул жинде бугеб кIудияб божилъиги. Гьел дарсазги божилъиялъги течIо МухIу къисматалъул хIокIаздасан таризе цогIаги нухалда. Гьез МухIуе кьуна кIудияб къуват. Гьелъул кумекалдалъун гьесда кIвана, гьесухъа бажарана тIадегIанал хъулухъазда вукIаниги, гIадатияб халкъгун хутIизе. Гьес нахъа тана цIакъго рацIцIадал, цо-цо хIакимчагIазе къанагIаталлъун кколел ракIбацIцIалъиялъул лъалкIал.

  Живго дунялалде вачIунелъул, цадахъ бачIараб цIва гьесдаса пашманлъичIо – МухIу ГIалиевас тIубазабуна инсанасул аслияб борч – гIемерал гIадамазе пайдаявлъун вукIин. Гьел гIицIго дир пикраби гуро. Гьедин жакъаги абула дунго гIадал гIадатиял гIадамазги. Гвангъана цоги цIва дир гIагараб росдал зодихъ. I940 соналъул анлъабилеб августалда кунчIараб гьелъ канлъи кьезе буго жеги чанго гIасрабаз, чанго гIелазе.

 

Мун — Хуриса ГIалил къадру бугев вас

 

  Гьале доб Хуриса ГIалил мина. Гьаниб гIунщинаб, тIегьанщинаб гIакъиллъи! Гьаб гIадатияб миналъ кIудияб дунялалде нухарегIанщинаб пагьму-гьунар.

  Гьале жакъаги дун гьеб минаялда цее эхетун. ЦIигьабун балеб бугониги, гьелъул хаслъи нахъе цIунун хутIулеб бугин ккола. Гьеб кидаго хутIизе буго Хуриса ГIалил миналъун. Балъголъ- абазул цIураб хIикматаб рукълъун. Гьаниса боржанщинаб анищ, гьаниб гъасда камиллъарабщи- наб гIакълу. Гьаниб бижанщинаб тIадегIанлъи, батанщинаб борхалъи. Гьениса дунялалдаго рагIана унго-унгояв магIаруласул намусалъ- ул бацIцIадаб гьаракь. Гьеб Намусалда цIарги буго МухIу ГIалиев. Гьениб ана гьесул лъимер- лъи. Жибго гIумруялъги, хадув гIаламалъги кIодо гьавуниги, жиндирго гIадатлъиялъги гIакъиллъиялъги гьитIинавлъун хутIарав инса- насул гIадатияб мина. Диеги гIагараб буго гьеб. Дир лъимерлъиялъул цо-цо талихIал лахIзаталги рекьун руго гьенир – Хуриса ГIалил Маржанатги дунги цо классалда цIалулел рукIана, ва гIемер унаан гьение гьейгун расанкIаби хIазе. Гьанжеги, гьеб минаялде цее щолелъул, чIвала дида Хуриса ГIалил ПатIиматил гIатIахинкIазулги цIурачадазулги махI. Нижер МухIу. Гьедин, рекIелъ кIудияб чIухIигун ва рохелгун абула жакъаги тIанусдерица.

  Дида ккола ТIадегIанас, инсан ракьалде витIулаго, гьесдаго цадахъ гьесул цIваги битIулеб батилилан. ЦIва ракьалдагойищ хутIилеб, зобалаздаги ракьалдаги гьоркьобищ хутIилеб, яги борхалъудасанракьалъе гвангъийищ кьелебали – цIваялъул хадусеб къисмат бараб буго ТIадегIанас гьелъул божел жинде гьабун тарасда.

МухIул цIваялъул къисмат батана цIакъго берцинлъи гьарзаяб. Гьеб жакъаги буго къадруяб тIадегIанлъиялда, гьев лъалелщиназул ракIазе хинлъиги кьолаго. Дица цIваялъулгун кIалъай гьабулеб буго. СогIаб гIумруялъул хьухьазда хьухьазабизе кIвечIеб гьелъул гIаркьалида къисматалъул куназ балеб буго ункъоабилеб чIум.

Гьале тIоцебесеб – жиндирго цIвагун МухIу ракьалде вачIараб лахIзат. КIиабилеб…, анцIабилеб…, анцIила щуабилеб…, лъабкъоабилеб…, лъабкъоялда анцIабилеб – гIагараб халкъалъул гIумру цIилъизабиялъул, Дагъистан цебетIезабиялъул къеркьохъан. Ункъоабилеб, ункъоялда кIиабилеб — яхI-намусалъулги, тIадегIанлъи-борхалъиялъулги, гIаданлъичилъиялъулги тахалъе хилиплъичIев магIаруласул гьайбатаб гIумру.

   Гвангъун буго Хуриса ГIалил МухIул цIва. Унго, долъул берцинлъи!

   Хунзахъ тIалъиялъул бищунго борхалъуда бугеб ТIанусисан бихьула доб цIваялде данде кенчIолеб цIаги. Гьеб буго росуцояз, МухIул цIва абидиялъго кунчIун букIине гIоло, борхалъуде битIулеб адабалъул ва рокьул цIураб цIа.

   Нахъюссунги ялагьулей йиго дун Хуриса ГIалил минаялъухъ.

   ТалихIаб лъимерлъи, кьварарав инсул къвакIараб тарбия, «институтал цIалун рахъинчIониги», Хуриса ГIалил букIараб гIакъиллъиги, гIадамаздехун гIадатаб ва гIаданлъиялъулаб бербалагьиги, халкъалъе кIодолъанагIан, гьитIинавлъун хутIизе кIварав, гьитIинлъанагIан тIадегIанлъиялде арав инсанасул хIакъалъулъ пикраби гьаридал, цо-цо къварилъизеги бачIуна.

КIолеб гьечIо магIу кквезеги. Сардил сихIкъотIи… Дица бегулеб буго МухIу ГIалиевасул тIехь. Гьелъул гьурмаздасан гIагараб халкъалъе гьимулеб буго намусалъул накъищаз бекIкIараб гьесул сипат.

   Кинаб къуватха къваригIунеб инсанасе, гьадинавлъун хутIизе ккани!? Гьале доб бечедаб ирсги унго-унгояб талихIги.

    Гвангъун буго МухIу ГIалиевасул цIва. Беролеб буго МухIу ГIалиевасул цIа.

Шамай ХЪАЗАНБИЕВА